|
| 1 |
|
| Гьебго къоялъ рокъоса къватІиве вахъун ралъдал рагІалде ун гІодов чІун вукІана ГІиса. |
|
| 2 |
|
| ГІадамазул кІудияб руккел бакІарун букІана гьенибе. Гьединлъидал гьев росоде вахине ккана, тІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда чІун букІана. БатІи-батІиял мисалалги рачун, гІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца: |
|
| 3 |
|
| — Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. |
|
| 4 |
|
| Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. |
|
| 5 |
|
| Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. |
|
| 6 |
|
| Амма бакъ тІад речІчІарабго речІан анила гьел ва, гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. |
|
| 7 |
|
| Цогиги мугьал заз-хъарахъалде гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила. |
|
| 8 |
|
| Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьезул цоязда лъугьанила нусго мугь бугеб тІор, цогидазда — лъабкъого мугь бугеб тІор, цогидазда — лъеберго мугь бугеб тІор. |
|
| 9 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! |
|
| 10 |
|
| ГІисада аскІоре рачІун муридаз гьикъана щай мун дозда мисал бачун кІалъалевилан. |
|
| 11 |
|
| Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо. |
|
| 12 |
|
| Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. |
|
| 13 |
|
| Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул. |
|
| 14 |
|
| Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. |
|
| 15 |
|
| Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги». |
|
| 16 |
|
| Гьардарал гурищха нужер берал, гьезда бихьулеб бугелъул. Гьардарал гурищха нужер гІундул, гьезда рагІулеб бугелъул. |
|
| 17 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІемерал аварагзабазеги вализабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. |
|
| 18 |
|
| Гьанже гІенекке, хуриб хьон хьалев вукІарав чиясул хІакъалъулъ дица бачараб мисалалъул магІна бицинин нужеего. |
|
| 19 |
|
| Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицаралъухъ гІенекканиги, гьеб бичІчІичІев чиясул рекІелъе лъугьарал рагІаби бачІун илбисалъ рикъун ина. Гьеб ккола нухде рортарал мугьазул магІна. |
|
| 20 |
|
| Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал — гьел ккола Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабурал гІадамал. |
|
| 21 |
|
| Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. |
|
| 22 |
|
| Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал — гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал. Амма гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъизе бугеб гъираялъ гъоркькъинарула гьел мугьал, гьезда тІорги баларо. |
|
| 23 |
|
| ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал — гьел руго гьеб рагІи рагІулелал ва бичІчІулелал. Гьезул тІоразда бижила цоязда нусго нухалъ, цогидазда лъабкъого нухалъ ва цогидазда лъеберго нухалъ цІикІкІун мугь. |
|
| 24 |
|
| Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда. |
|
| 25 |
|
| Амма гІадамал кьижараб мехалъ вачІун тушманас гьесул ролъул хурибе чІахІил хьон хьан буго ва нахъе ун вуго. |
|
| 26 |
|
| Ролъ тІаде баккун, тІор балеб мехалъ, хуриб чІахІги загьирлъун буго. |
|
| 27 |
|
| РачІун хурул бетІергьанасда абун буго гьесул рагьтІателаз: — Я, бетІерчІахъад, лъикІаб хьон гурищ дуца хуриб хьан букІараб? ЧІахІица бацун буго гури доб. |
|
| 28 |
|
| Тушманас гьабун батилин гьеб ишилан абун буго хурул бетІергьанас. |
|
| 29 |
|
| Доб чІахІ бахъизе инищилан абун буго лагъзадерица. |
|
| 30 |
|
| Унгейилан абун буго гьас. ЧІахІ бахъулаго цадахъ ролъги бахъизе гурин нужеца. Хур лъилъизе заман щвараб мехалъ, дица лъилъарухъабазда абила батІаго лъилъун, бухІизе чІахІил гулал къайилан, ролъги дир цагърахъе байилан. |
|
| 31 |
|
| Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хурибе цо пуланав чияс хьараб горчицаялъул хьодул мугьалда. |
|
| 32 |
|
| Гьеб буго киналго хурдузул хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. Амма гьелдасан лъугьуна хъархъаздасаги кІудияб гъветІ. Роржун рачІун хІанчІаз бусаби гьарула гьеб гъотІол гІаркьалабазда. |
|
| 33 |
|
| Цогиги мисал бачана ГІисаца гьезие: — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца гьеб кинабго мисал бачун бицана халкъалъе, мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гьесул. |
|
| 35 |
|
| Цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухъ гьабулеб букІана гьелъ: «Дунял бижаралдаса балъго хутІарал ишал, Харбилъ мисалал рачун, рицина дица нужей». |
|
| 36 |
|
| Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян. |
|
| 37 |
|
| Гьес бицана: — Хуриб лъикІаб хьон хьалев чи ккола ГІадамил Лъимер. |
|
| 38 |
|
| Хур ккола дуниял. ЛъикІаб хьон ккола ПарччахІлъиялъул агьлу. ЧІахІ ккола илбисалъул агьлу. |
|
| 39 |
|
| ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби. |
|
| 40 |
|
| Хуриса чІахІ бецун цІадабе балеб гІадин букІина къиямасеб къоялъги. |
|
| 41 |
|
| ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги — киналго. |
|
| 42 |
|
| Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. |
|
| 43 |
|
| РитІун ккаралал гьебмехалъ рукІина жидерго Инсул ПарччахІлъиялда бакъ гІадин кенчІелел. РагІизе гІундул ругезда гьеб рагІила! |
|
| 44 |
|
| Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланав чиясда чияр хуриб батараб хазинаялда. Гьесги гьенибго бахчун тун буго гьеб. Гьелдаса вохиялъ, инеги ун, кинабго жиндирго боцІи-рикъзиги бичун, гьеб хур босун буго гьес. |
|
| 45 |
|
| Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна бищунго берцинаб жавгьар балагьулев вукІарав цо базарганасда. |
|
| 46 |
|
| Батун буго гьесда бищунго къиматаб жавгьар. Инеги ун, кинабго жиндирго букІанщинаб боцІи-рикъзиги бичун, босун буго базарганас гьеб жавгьар. |
|
| 47 |
|
| Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго. |
|
| 48 |
|
| ЦІураб мехалъ ччугІихъабаз гьин рагІалде цІан буго. ГІодорги чІун, лъикІаб ччугІа батІа гьабун гьез гьагьинибе бан буго, квешаб нахъе бан буго. |
|
| 49 |
|
| Гьедин букІине буго къиямасеб къоялъги. РачІун малаикзабаз лъикІалги квешалги гІадамал ратІа гьаризе руго. |
|
| 50 |
|
| Цинги квешал цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. |
|
| 51 |
|
| БичІчІулеб бугищ нужеда? — ян гьикъана гьезда ГІисаца. Бугилан абуна гьез. |
|
| 52 |
|
| Цинги гьес абуна: — Гьединлъидал Зобалазул ПарччахІлъиялда муридлъун лъугьанщинав динияв гІалимчи релълъуна жиндирго гъансиниса цІиябги басриябги хазина цадахъ къватІибе бахъулев рукъалъул бетІергьанасда. |
|
| 53 |
|
| Гьел мисалал рачун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьениса нахъе ана. |
|
| 54 |
|
| Живго гІураб шагьаралдеги вачІун, гьениб гьезул синагогаялъуб Аллагьасул рагІи малъизе лъугьана ГІиса. ГІадамал гІажаиблъун хутІун рукІана, гьадинаб гІакъиллъи-цІодорлъи гьесие кисадай щванаян, мугІжизатал рихьизаризе киндай гьесда кІолаян. |
|
| 55 |
|
| — Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги? |
|
| 56 |
|
| Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул киналго яцал ругел? Цинги гьаб гІакъиллъиги карамалъиги кисаха гьасие щвараб? |
|
| 57 |
|
| Гьедин, васвасаца ккун, гьесда божичІо гьел. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна: — Къимат-къадру гьечІев авараг цониги вукІунаро, амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро. |
|
| 58 |
|
| Гьел божулел рукІинчІелъул, дагьал гурони мугІжизатал рихьизаричІо гьенир ГІисаца. |
|
|
|
|