|
| 1 |
|
| Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана. |
|
| 2 |
|
| ГІемераб халкъ бачІунеб букІана ГІисада хадуб, унтарал-щокъал сахлъизарулел рукІана гьес. |
|
| 3 |
|
| РачІун фарисеяз, ГІисал хІалбихьизе, цІехана: — Бокьараб гІиллаялъе гІоло росас чІужу йиччан тезе бегьулейищ? — ан. |
|
| 4 |
|
| ГІисаца абуна: — Нужеца цІаличІебищ: ГІалам Бижарас тІоцере «рижана бихьинчиги чІужугІаданги»? |
|
| 5 |
|
| Цинги гьес абуна: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина» |
|
| 6 |
|
| Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна. Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо. |
|
| 7 |
|
| Фарисеяз абуна: — Щайха Мусаца изну кьун бугеб цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе? |
|
| 8 |
|
| ГІисаца абуна: — Нужер чанкІкІи сабаблъун кьуна Мусаца нужее лъудби риччан тезе изну. Амма авалалдасанго гьедин букІинчІо. |
|
| 9 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун батІияб гІиллаялъе гІоло чІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. |
|
| 10 |
|
| Муридаз ГІисада абуна: — ЧІужуялъул рахъалъ бихьинчиясул иш гьедин бугеб батани, чІужуго ячинчІого чІани лъикІ букІина. |
|
| 11 |
|
| Гьезда ГІисаца абуна: — Ригьин гьабичІого тезе Аллагьас бажари кьураз гурони къабул гьаруларо гьел рагІаби. |
|
| 12 |
|
| Щаян абуни, цо-цо ругелъулха эбелалъул ургьирго ахтаяллъун рижарал; цогидалал ахтаяллъун гІадамаз лъугьинарула; Зобалазул ПарччахІлъиялъе гІоло лъудби рачинчІого чІаралги руго. Къабул гьабизе бажарулес къабул гьабе гьеб. |
|
| 13 |
|
| ГІисахъе лъимал рачун рачІана, гьезда тІад квер бахъеян ва дугІа гьабеян гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо. |
|
| 14 |
|
| ГІисаца абуна: — Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Зобалазул ПарччахІлъи щун бугеб! |
|
| 15 |
|
| Цинги, гьел лъималазда тІад кверги бахъун, ГІиса гьениса ана. |
|
| 16 |
|
| Гьале цо гІолохъанчияс ГІисада гьикъана: — Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб лъикІлъи дица гьабизе кколеб? |
|
| 17 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — ЛъикІлъиялъул хІакъалъулъ щай дуца дида гьикъулеб? ЛъикІав вуго цохІо Аллагь. Абадияб рукъалъул бутІа щвезе бокьани, Аллагьасул амруял тІуразаре. |
|
| 18 |
|
| — Кинал? — абун гьикъана дос. ГІисаца абуна: — «Чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», |
|
| 19 |
|
| «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». Цоги: «мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». |
|
| 20 |
|
| Гьев гІолохъанчияс ГІисада абуна: — Гьел амруял дица гьанжелъагІанги тІуразаруна. Цоги щиб дие камун бугеб? |
|
| 21 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — ТІубанго камиллъизе бокьани, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье. Гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине. |
|
| 22 |
|
| Гьеб рагІидал, гІолохъанчи къваридго нахъе ана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. |
|
| 23 |
|
| Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе цІакъ захІмалъула бечедав чиясе. |
|
| 24 |
|
| Гьале цоги нухалъ абулеб буго дица нужеда: рукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. |
|
| 25 |
|
| Гьеб рагІидал, гІажаиблъун-хІикмалъун хутІарал муридаз гьикъана: — Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха? |
|
| 26 |
|
| Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — ГІадамазда гьеб кІоларо, амма Аллагь сундуего хІалкІолев вуго. |
|
| 27 |
|
| Гьебмехалъ Пётрица абуна: — Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. Щибха нижее гьелъухъ букІинеб? |
|
| 28 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица: гьедин дида хадур рачІиндал нуж, цІияб дуниялалда ГІадамил Лъимер жиндирго къудраталъул тахида гІодов чІараб мехалъ, анцІила кІиябго тахида дида аскІор гІодор чІезе руго. Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе. |
|
| 29 |
|
| Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила. |
|
| 30 |
|
| Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела. |
|
|
|
|