|
| 1 |
|
| Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна, радал хехго вахъун, жиндирго цІолбол ахикь хІалтІизе гІадамал ралагьизе арав цо бечедав чиясда. |
|
| 2 |
|
| Къое цо-цо динар кьезе къотІиги гьабун, хІалтІухъаби ккун руго гьес ва цІолбол ахикье ритІун руго. |
|
| 3 |
|
| Лъабго сагІаталдасан нахъеги базаркъотІносан унаго, цоги чагІиги ратун руго гьенир, хІалтІи щвелародайилан рахъун чІун. |
|
| 4 |
|
| Нуж разияб мухьги кьелин, дир цІолбол ахикье хІалтІизе айилан ритІун руго гьас гьелги. Ун руго гьел гьенире. |
|
| 5 |
|
| Къалъул гІужалдехунги ва къалъудаса лъабго сагІат араб мехалъги базаркъотІнове ун, додинго ритІун руго гьес хІалтІухъаби. |
|
| 6 |
|
| Бакъанидехунги ун вуго гьав чи базаркъотІнове. Дагьалги гІадамал ратун руго гьенир рахъун чІун. — Къойица гьанир чІалгІаде рахъун чІун щибулел нуж ругел? — ан гьикъун буго гьас гьезда. |
|
| 7 |
|
| Жал лъицаниги хІалтІизе рачунел гьечІилан абун буго гьез. Гьездаги абун буго гьес жиндир цІолбол ахикье айилан. |
|
| 8 |
|
| МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, жиндие хъулухъ гьабулев чиясда гьес абун буго дол хІалтІухъабиги ахІун, ахиралда ритІараздасан байбихьун тІоцере ритІаразде щвезегІан гьезие мухь кьейилан. |
|
| 9 |
|
| Бакъанимехалда хІалтІизе байбихьаразеги цо-цо динар щун буго. |
|
| 10 |
|
| Радалго хІалтІизе квер баразда ракІалда букІун буго жидее цІикІкІун кьелилан. Амма гьезиеги цо-цо динар гурони щун гьечІо. |
|
| 11 |
|
| Гьебмехалъ ахил бетІергьанасде гъулгъудизе лъугьун руго гьел: |
|
| 12 |
|
| — Ахикье ахиралда рачІарал гІадамал цо сагІаталъ гурони хІалтІичІо. Нижин абуни, радалалдаса бакъинегІан бухІараб бакъукь хІалтІана. Гьезиеги нижееги бащад кьуна дуца мухь. |
|
| 13 |
|
| Гьезул цоясдехун вуссун ахил бетІергьанас абун буго: — Ле, гьудул! Дуе гьабураб къотІи хвезабунищ дица? Мун разилъун вукІинчІищ цо динаралъухъ хІалтІизе? |
|
| 14 |
|
| Дуего кьураб мухьги босун нахъе щай унарев? Дие бокьун буго дуе кьуралда бащад тІарамагъада витІарасеги кьезе. |
|
| 15 |
|
| Дирго буголъиялда бокьараб гьабизе ихтияр гьечІебищ дир? Яги дир сахаватлъиялда бер бахиллъунищ мун вугев? |
|
| 16 |
|
| Гьедин цере рукІарал ахиралде ккела, ахиралда рукІарал цере ккела. |
|
| 17 |
|
| Иерусалималде унаго нухда ГІисаца анцІила кІиявго мурид батІаго ахІана ва гьезда абуна: |
|
| 18 |
|
| — Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила. |
|
| 19 |
|
| Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила. |
|
| 20 |
|
| Гьебмехалъ ГІисада аскІое ячІуна Зебедайил васазул эбел. Гьелда аскІор рукІана кІиявго васги. Гьелъ гІодое къулун цо жо гьарулеб букІана. |
|
| 21 |
|
| — Щиб дуе бокьун бугеб? — ан гьикъана ГІисаца. Гьелъ абуна: — Мун ПарччахІлъун ккараб мехалъ, гьав дир кІиявго вас дуца дудаго аскІор цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, гІодор чІезарилин рагІи кье дие. |
|
| 22 |
|
| ГІисаца гьелъул васазда абуна: — Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе? КІвелилан жаваб кьуна гьез. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца абуна: — Дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе ккезе буго нужеца. Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, дир Инсул хІукмуялда бараб буго. |
|
| 24 |
|
| Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго мурид дов кІиявго вацасде ццидахун лъугьана. |
|
| 25 |
|
| АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабаз гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи. |
|
| 26 |
|
| Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе. |
|
| 27 |
|
| Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги цогидазе лагълъун вукІа абе. |
|
| 28 |
|
| ГІадамил Лъимерги жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачІарав. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе. |
|
| 29 |
|
| Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб. |
|
| 30 |
|
| Гьале нухлул рагІалда гІодов чІун вукІарав кІиго бецав чи, ГІиса аскІосан унев вукІин рагІун, ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян. |
|
| 31 |
|
| ГІадамаз абуна гьезда руцІцІун чІайилан, амма гьел дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян. |
|
| 32 |
|
| Гьенив лъалхъун, ГІисаца гьел аскІоре ахІана ва дица щиб гьабизе нужее бокьун бугебилан гьикъана. |
|
| 33 |
|
| Гьез абуна: — Я, БетІерчІахъад, нижер беразда канлъи бихьизе бокьун буго. |
|
| 34 |
|
| Гьев кІиясдаго гурхІун, ГІисаца гьезул беразда квер бахъана. ГьебсагІат беразда канлъи бихьун, ГІисада цадахъ рилълъана гьел. |
|
|
|
|