|
| 1 |
|
| Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: |
|
| 2 |
|
| — Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго васасе бертин гьабулев вукІарав цо парччахІасда. |
|
| 3 |
|
| Берталъе гІадамал ахІизе рагьтІателал ритІун рукІун руго гьес, амма гьенире рачІине бокьун гьечІо гІадамазе. |
|
| 4 |
|
| Нахъеги ритІун руго гьес цогидал рагьтІателал, гьезда абейин, квен хІадурун бугин, мачІадалъе хьихьарал оцалги бусбиги хъун ругин, кинабго къачІан бугин, берталъе рачІаян. |
|
| 5 |
|
| Амма гьеб ахІиялъул агъазги гьабичІого, рахъ-рахъалъ ун руго гьел: цояв жиндирго хуриве ун вуго, цояв даран-базаралъ ун вуго. |
|
| 6 |
|
| Цогидаз парччахІасул рагьтІателал, кквезеги ккун, инжитги гьарун, чІван руго. |
|
| 7 |
|
| Гьебмехалъ парччахІасул кутакалда ццин бахъун буго гьезда. Жиндирго боги битІун гъурун руго гьес дол рагьтІателал чІварал гІадамал ва гьезул шагьарги бухІун буго. |
|
| 8 |
|
| Цинги гьес жиндирго рагьтІателазда абун буго: — Бертадул тІутІ тІибитІун буго, амма тІотІоде ахІарал гІадамал гьелъие мустахІикъал ратичІо. |
|
| 9 |
|
| Гьанже къватІахъе-нухазде ун, цеве вата-ватарав чи ваче берталъе. |
|
| 10 |
|
| КъватІахъе-нухазде ун гьел рагьтІателаз квешалги лъикІалги — цере рата-ратарал рачун рачІуна. Гьедин ахІарал гІадамазул цІун буго бертадул рукъ. |
|
| 11 |
|
| Берталъе рачІарал гІадамазухъ валагьизе парччахІ жаниве лъугьараб мехалъ, гьесда гьенив вихьун вуго берталъе ретІунеб хасаб партал ретІинчІев цо чи. |
|
| 12 |
|
| ПарччахІас гьесда абун буго: «Ле, гьудул, берталъе ретІунеб партал ретІинчІев мун гьаниве жаниве кин ворчІарав?» Гьев чи вуцІцІун чІун вуго. |
|
| 13 |
|
| ПарччахІас гьебмехалъ рагьтІателазе амру гьабун буго гьев чи, квералги бохдулги рухьун, дове бецІаб къотІнове рехеян. ГІодулел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал. |
|
| 14 |
|
| АхІарал гІезегІан ругониги, тІаса рищарал дагь гурони гьечІелъулха! |
|
| 15 |
|
| Гьениса къватІире рахъун фарисеял данделъана ГІисал кІал таризабизе щибдай ургъун лъикІилан. |
|
| 16 |
|
| Гьез жидерго муридалги гьеродилалги ритІана ГІисахъе. Гьез абуна: — Я, МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. |
|
| 17 |
|
| Гьединлъидал, бице нижеда. Дуда кин ракІалде кколеб: Мусал Къануналда рекъон бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ? |
|
| 18 |
|
| Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна: — ГІай, нуж ххвелал гьарулел чагІи! Щай нужеца дир хІалал рихьулел? |
|
| 19 |
|
| Магъалоде кьезе кколеб цо гІарац босе гьанибе дихъе. Гьез гьесухъе цо динар босун бачІуна. |
|
| 20 |
|
| ГІисаца абуна: — Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? |
|
| 21 |
|
| Къайсарасул бугилан абуна гьез. — Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда. |
|
| 22 |
|
| Гьеб жавабалъ хІикмалъизарурал гьел, живго гьевги тун, нахъе ана. |
|
| 23 |
|
| Гьебго къоялъ ГІисахъе рачІана саддукеял абулел, къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналда божуларел гІадамал, ва гьез ГІисада гьикъана: |
|
| 24 |
|
| — Я, МугІалим! Мусаца абун буго: «Лъимер-бетІерги гьечІого цо пуланав чи хвани, гьесул вацас ячине кколин жиндирго вацасул къоролай, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине». |
|
| 25 |
|
| Нижер вукІана анкьго вац. ЧІужу ячун хадув хвана бищун кІудияв вац. Гьезул лъимер-бетІер лъугьун букІинчІелъул, хадусев вацас ячана гьесул йикІарай чІужу. |
|
| 26 |
|
| Гьединго ккана иш кІиабилесулги, лъабабилесулги, анкьабилесде щвезегІанги. |
|
| 27 |
|
| Ахиралда хвана гьей гІаданги. |
|
| 28 |
|
| Къиямасеб къоялъ гьев анкьавго вацасда гьоркьоса лъил чІужулъун гьей йикІине йигей? Анкьасулго лъади йикІиндалха гьей. |
|
| 29 |
|
| Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — Я ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, я Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъ къосинарун руго нуж. |
|
| 30 |
|
| Къиямасеб къоялъ чІаголъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги. |
|
| 31 |
|
| Хварал чІаголъизе рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Аллагьас нужеда абураб гьадинаб калима: |
|
| 32 |
|
| «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь»? Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. |
|
| 33 |
|
| Гьесухъ гІенеккараб халкъ гІажаиблъун хутІана ГІисал рагІабазда. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца саддукеял руцІцІун чІезарунилан рагІидал, фарисеял данделъана. |
|
| 35 |
|
| Гьезда гьоркьоса цо динияв гІалимчияс, ГІисал хІалбихьизелъун, гьесда гьикъана: |
|
| 36 |
|
| — Я, МугІалим! Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? — абун. |
|
| 37 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун». |
|
| 38 |
|
| Гьеб ккола бищунго аслияб ва тІоцебесеб амру. |
|
| 39 |
|
| Гьелдаго релълъараб буго кІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». |
|
| 40 |
|
| Гьеб кІиябго амру буго тІолабго Мусал къануналъулги аварагзабазул ТІухьдузулги кьучІ. |
|
| 41 |
|
| Фарисеял гьенире данделъараб мехалда, ГІисаца гьезда гьикъана: |
|
| 42 |
|
| — МасихІил хІакъалъулъ щиб пикру нужер бугеб? Лъил вас гьев? Давудил василан жаваб кьуна гьез. |
|
| 43 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Илагьияб РухІалъ малъун, Давудица щайха гьев жиндир БетІергьанлъун рикІкІунев вугев? Давудица абуна: |
|
| 44 |
|
| «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». |
|
| 45 |
|
| Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугеб мехалъ, Давудил вас кин гьев кколев? |
|
| 46 |
|
| Лъиданиги кІвечІо ГІисае жаваб кьезе, ва гьеб къоялдаса нахъе лъилниги бахІарчилъи гІечІо гьесда щибниги гьикъизе. |
|
|
|
|