×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Матфейица 3

1
Гьеб заманаялда Ягьудиялъул гІицІаб авлахъалде вачІуна ЯхІя авараг.
2
— Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! — абун лъазабулеб букІана гьес.
3
«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!» — Гьединал рагІаби Аллагьас Ишая аварагасда жиндир хІакъалъулъ абурав чи вукІана ЯхІя.
4
ЯхІяцайин абуни, варанидул квасул ретІел ретІунаан, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги.
5
Гьесухъе рачІунел рукІана Иерусалим шагьаралдаса, Ягьудия улкаялдаса, Иордан гІурул тІолабго сверухълъиялдаса гІадамал.
6
Жидерго мунагьал рехсон хадур, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе, Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.
7
Лъадалъ ччун рахъизе гІемерисел фарисеялги саддукеялги жиндихъе рачІунел рукІин бихьидал, ЯхІяца гьезда абуна: — ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб?
8
Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе.
9
Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.
10
ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха!
11
Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж.
12
Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъги бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, наккуги ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила.
13
Гьеб заманаялда Галилеялдаса вахъун ГІисаги вачІана Иорданалде ЯхІяца лъадалъ ччун вахъизе.
14
Амма ЯхІя разилъулев вукІинчІо, гьес ГІисада абуна: — Лъадалъ ччун вахъизе дун духъе вачІине кколеб бакІалда, мун дихъе щай вачІарав? — ан.
15
Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: — Цин гьадин букІине те. Гьадин щвалде щун тІубазабизе ккола нилъеца Аллагьас нилъедаса тІалаб гьабулебщинаб жо. ГІисаца абухъе гьабизе разилъана гьебмехалъ ЯхІя.
16
Лъадалъ ччун вахъун гьебсагІат къватІиве лъугьун вачІана ГІиса. Гьебмехалъ зобги кІибикьизабун, миккидул сураталда боржун бачІун, Аллагьасул РухІ ГІисахъе рещтІунеб бихьана.
17
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун!
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки