|
| 1 |
|
| Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, |
|
| 2 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. |
|
| 3 |
|
| Нужеца гьабулеб щибилан гьикъулев чи ккани, гьесда абе нижер ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин гьеб; кватІичІого нахъе биччазе бугиланги абе. |
|
| 4 |
|
| [4-5] Гьел ана. Гьениб гьезда батана къотІноб цо чиясул кавуялда бухьараб кІудияб кІерт. Рухьадаса гьеб бичулел рукІаго, гьенир рахъун чІун рукІарал гІадамаз гьикъана: — Нужеца гьабулеб щиб? Щай нужеца гьеб кІерт рухьадаса бичулеб? |
|
| 5 |
|
|
|
| 6 |
|
| ГІисаца малъухъе кьуна муридаз гьезие жаваб. Цинги доз гьалги риччан тана. |
|
| 7 |
|
| КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана гьез жидерго партал, ва ГІисаги гьелда тІад рекІана. |
|
| 8 |
|
| ГІемерисез, тІаса бахъун ретІел букІана нухда тІибитІулеб. Цогидаз абуни, магъилъ ругел гъутІбуздаса къотІун, гІурччинал гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел. |
|
| 9 |
|
| Гьесда цере-цере унезги хадур рачІунезги турки ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанасул къудраталдалъун витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! |
|
| 10 |
|
| ТІаде гІунтІулеб бугеб нилъер эмен Давудил ПарччахІлъиялда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! |
|
| 11 |
|
| Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана. |
|
| 12 |
|
| Нахъисеб къоялъ радакьго вахъун Бетаниялдаса вачІунаго, ГІиса вакъана. |
|
| 13 |
|
| РикІкІадасанго гьесда бихьана тІад тІамах бараб цо инжиралъул гъветІ. ГъотІода пихъ гьечІодайилан аскІове индал, тІамах гурони, цониги инжир батичІо: инжир барщизе заман щун букІинчІо жеги. |
|
| 14 |
|
| Цинги ГІисаца гъотІода абуна: — Дуда тІад бижун пихъ тІокІаб лъицаниги киданиги квине хъван батугеги. Гьеб рагІана гьесул муридаздаги. |
|
| 15 |
|
| Гьале Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьенир даран-базаралда рукІарал гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса; гІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна. |
|
| 16 |
|
| Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъусан гІадамаз къайи баччизеги гьукъана гьес. |
|
| 17 |
|
| Цинги ГІисаца, гьезие малъа-хъвай гьабун, абуна: — ТІехьалда хъван гьечІищ: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго киналго халкъазул как-диналъул рукъ», — абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго. |
|
| 18 |
|
| ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал. |
|
| 19 |
|
| Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги. |
|
| 20 |
|
| Нахъисеб къоялъ радал тІадруссун рачІунаго балагьидал, доб инжиралъул гъветІ кьолболъанго бакъван бугоан. |
|
| 21 |
|
| ГІисаца абун рукІарал рагІабиги ракІалде щун, Пётрица гьесда абуна: — Я МугІалим! Балагье, сон нагІана кьураб инжиралъул гъветІ бакъван бугеб куц. |
|
| 22 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасде божи-иман цІуне нужеца. |
|
| 23 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: рекІелъе щаклъиги ккезе биччачІого, жинца абухъе лъугьине букІиналдаги божун, пуланав чияс гьаб мегІералда абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер гьесие мутІигІлъизе буго. |
|
| 24 |
|
| Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб! |
|
| 25 |
|
| [25-26] Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса. |
|
| 26 |
|
|
|
| 27 |
|
| Нахъеги Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъов жанив тирулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби, чІухІби-хІакимзаби. |
|
| 28 |
|
| Гьез ГІисада гьикъана: — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун. |
|
| 29 |
|
| ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьеб ихтияр кьурабали. |
|
| 30 |
|
| Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб. |
|
| 31 |
|
| Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. |
|
| 32 |
|
| ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. |
|
| 33 |
|
| Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали. |
|
|
|
|