|
| 1 |
|
| Мисал бачун, гьезие гьадинаб хабар бицине байбихьана ГІисаца: — Цо чияс, цІолбол ахги гьабун, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев къватІиве ун вуго. |
|
| 2 |
|
| ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа босизе. |
|
| 3 |
|
| Доз кквезеги ккун гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго. |
|
| 4 |
|
| Гьанже ахил бетІергьанас цоги рагьтІател витІун вуго. Гьесулги бетІер лъукъун буго, инжит-хІакъир гьавун вуго. |
|
| 5 |
|
| Нахъеги витІун вуго цоги батІияв. Гьевги доз чІван рехун вуго. ГІемерал цогидалги ритІун руго. Гьелги доз цоял рухун, цогидал чІван руго. |
|
| 6 |
|
| Цинги гьесул хутІун вуго гьениве витІизе цохІо чи — гьесие вокьулев вас. Ахирги гьев витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан абун. |
|
| 7 |
|
| Амма ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, — ирсги нилъеего хутІила». |
|
| 8 |
|
| Кквезеги ккун, чІвала гьез гьев, гьесул жаназаги ахикьа къватІибе рехула. |
|
| 9 |
|
| Гьанже щиб гьабилеб дов ахил бетІергьанас? ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе ижараялъе кьела. |
|
| 10 |
|
| Унго нужеца киданиги ТІехьалда цІалунгойищ букІинчІеб гьадинаб калима: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. |
|
| 11 |
|
| Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!» |
|
| 12 |
|
| Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел. |
|
| 13 |
|
| Цинги гьез цо-цо фарисеялги гьеродилалги ритІула ГІисахъе, гьесул кІал таризабизе кІоларищали бихьизе. |
|
| 14 |
|
| РачІун гьез ГІисада абула: — Я МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Бице нижеда: къануналда рекъон, бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ? Гьа, кьелебищ гьеб нижеца яги кьеларебищ? |
|
| 15 |
|
| Гьезул хІилла-рекІкІги бичІчІун, ГІисаца абуна: — Щай нужеца дир хІалал рихьулел? Бихье, цо динар босе гьанибе дихъе. |
|
| 16 |
|
| Гьез гьеб босун бачІуна. Гьебмехалъ ГІисаца гьикъула: — Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез. |
|
| 17 |
|
| — Къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда. Гьесул жавабалъ хІикмалъизаруна гьел. |
|
| 18 |
|
| Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна: |
|
| 19 |
|
| — Я МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: «Цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине». |
|
| 20 |
|
| Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимерги нахъе хутІичІого, хун вуго кІудияв вац. |
|
| 21 |
|
| Цинги гьей ячун йиго хадусев вацас, амма лъимер лъугьиналдего, гьевги хун вуго. Гьебго жо лъугьун буго лъабабилев вацасулги. |
|
| 22 |
|
| Гьедин анкьавго вацас ячун йиго гьей, ва цонигиясе лъимерги лъугьун гьечІо. Ахиралда жийгоги хун йиго. |
|
| 23 |
|
| ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей? |
|
| 24 |
|
| Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: — ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, яги Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъцин гурищ нуж къосинарун ругел? |
|
| 25 |
|
| Къиямасеб къоялъ тІаде рахъаразда гьоркьор я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги. |
|
| 26 |
|
| Хварал тІаде рахъине рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Муса аварагасул хІакъалъулъ бицараб тІехьалда? ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъарахъалда аскІоб Аллагьас гьесда абурабила: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь». |
|
| 27 |
|
| Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. Кутакалда къосун руго нуж! |
|
| 28 |
|
| Гьезул бахІсалъухъ гІенеккун вукІарав ва ГІисаца кьураб камилаб жаваб рагІарав цо динияв гІалимчияс, аскІове вачІун, гьесда гьикъана: — Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? — абун. |
|
| 29 |
|
| ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — Бищунго аслияблъун ккола гьадинаб: «ГІенекке, Исраилил уммат! Нилъер БетІергьан Аллагь цохІо вугев БетІергьан вуго! |
|
| 30 |
|
| Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун». |
|
| 31 |
|
| КІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». Гьеб кІиялдасаго тІадегІанаб амру гьечІо. |
|
| 32 |
|
| Динияв гІалимчияс абуна: — ЛъикІ буго, МугІалим! ХІакъаб рагІи абуна дуца, Аллагь цо вугилан ва Аллагь тун батІияв цоги бетІергьанги гьечІилан. |
|
| 33 |
|
| Жиндир тІолабго ракІалдалъун, тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, тІолабго къуват-жаналдалъун Аллагь вокьулев вугони ва жинда аскІов вугевги вокьулев вугони, инсанасе гьеб цІикІкІине буго гьесул киналго батІи-батІиял къурбаназдаса. |
|
| 34 |
|
| Гьесул гІакъилаб калам рагІараб мехалъ, ГІисаца гьесда абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъиялдаса мун рикІкІад гьечІевин. Гьелдаса хадуб тІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе. |
|
| 35 |
|
| Хадубги Мукъадасаб Рокъоб вагІза гьабулаго, ГІисаца абуна: — Диниял гІалимзабаз щай абулеб МасихІ Давудил вас вугилан. |
|
| 36 |
|
| Илагьияб РухІалъ малъун Давудица жинцаго гурищ абулеб бугеб: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». |
|
| 37 |
|
| Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев? ГІемераб халкъ букІана ГІисал гьединал вагІзабазухъ гъира-цІаялда гІенеккун. |
|
| 38 |
|
| ГІисаца гІадамазда малъулаан: — Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, |
|
| 39 |
|
| синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе. |
|
| 40 |
|
| Рос хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзиги кванала гьез, рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан, гІасияб букІине буго гьезие тамихІ. |
|
| 41 |
|
| Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалда дандвитІун гІодовги чІун, ГІиса валагьун вукІана гьенибе гІарац рехулел гІадамазухъ. Чанги бечедал гІадамаз гІемераб гІарац рехулеб бугоан гьенибе. |
|
| 42 |
|
| ЯчІун цо мискинай къоролалъ рехана бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац. |
|
| 43 |
|
| Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьанибе садакъаде гІарац рехаразул бицани, гьадай мискинай къоролалъ бищунго цІикІкІунин кьураб. |
|
| 44 |
|
| Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб. |
|
|
|
|