|
| 1 |
|
| Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна. |
|
| 2 |
|
| Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин. |
|
| 3 |
|
| ЧІахІиял кашишзабаз гьениб гІемер батІи-батІияб гІайиб гІунтІизабуна ГІисаде. |
|
| 4 |
|
| Пилатицайин абуни нахъеги гьикъана ГІисада: — Дуца жавабго кьолареб кинаб? Дуде гьаз гІунтІизабулеб бугебщинаб гІайиб бихьуларищ? |
|
| 5 |
|
| Гьел суалазеги ГІисаца щибго жаваб кьечІелъул, Пилат гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана. |
|
| 6 |
|
| ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. |
|
| 7 |
|
| Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи. |
|
| 8 |
|
| Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго. |
|
| 9 |
|
| Пилатица гьезда абуна: — ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани? |
|
| 10 |
|
| (Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) |
|
| 11 |
|
| Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе. |
|
| 12 |
|
| Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: — ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб? |
|
| 13 |
|
| — Хъанчида вазе витІе! — ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал. |
|
| 14 |
|
| — Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? — абун гьикъана Пилатица гьезда. Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе! — ян. |
|
| 15 |
|
| Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна. |
|
| 16 |
|
| Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. |
|
| 17 |
|
| БецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода. |
|
| 18 |
|
| Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин: — ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! — ян ахІдезе лъугьуна гьел. |
|
| 19 |
|
| Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула. |
|
| 20 |
|
| Инжит-хІакъир гьавун хадуб, доб багІараб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна. |
|
| 21 |
|
| Хуриса вуссун вачІунев данде ккана Киренеялдаса Симон абулев цо чи — Александрилги Руфилги эмен. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч. |
|
| 22 |
|
| Цинги ГІиса вачана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ». |
|
| 23 |
|
| Мехтизе гьарулеб гьекъолеб жоялъул цІун щурун кьуна гьесухъе. Амма ГІисаца гьеб гьекъечІо. |
|
| 24 |
|
| ГІиса хъанчида вана, ва лъица щиб босилебали можоро тІамун, ГІисал ретІел жидедаго гьоркьоб бикьизе лъугьана рагъухъаби. |
|
| 25 |
|
| Радал сагІат ичІго тІубан букІана ГІиса хъанчида вараб мехалъ. |
|
| 26 |
|
| Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун. |
|
| 27 |
|
| КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. |
|
| 28 |
|
| [28-29] Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго: — Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур! |
|
| 29 |
|
|
|
| 30 |
|
| Мунго хвасар гьаве! Хъанчидаса гІодове рещтІа! |
|
| 31 |
|
| Гьебго къагІидаялда гьев хІакъир гьавун, цоцазда гаргадулел рукІана чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги: — Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи! |
|
| 32 |
|
| Исраилил умматалъул парччахІ — МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел. |
|
| 33 |
|
| Къалъул гІужалда сверухъе тІолабго дуниял бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан. |
|
| 34 |
|
| СагІат лъабго тІубараб мехалъ, цо гучаб гьаракьги гьабун, ГІисаца ахІана: — Элои, Элои! Лема шевактани! — абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?») |
|
| 35 |
|
| Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ, абулеб букІана: «ГІенекке, Иляс аварагасде ахІи балеб буго!» — ян. |
|
| 36 |
|
| Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана, гІорол тІогьибги бухьун, гьесухъе бегьана. Гьев чияс абулеб букІана: — ЧІа, гьанже бихьилин хъанчидаса гьев вахъизе Иляс авараг вачІунищали. |
|
| 37 |
|
| Цоги гучаб гьаракь гьабуна ГІисаца. Ва гьесул рухІ босун ана. |
|
| 38 |
|
| Мукъадасаб Рукъалъул хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана гьебмехалъ. |
|
| 39 |
|
| Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна: — ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго. |
|
| 40 |
|
| Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. |
|
| 41 |
|
| Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир. |
|
| 42 |
|
| [42-43] Гьеб букІана рузман къо. Шаматалда цебесеб къо букІиндал, бакъ щинкІилалдего вачІун тІаде щвана тІадегІанаб судалда гьоркьов гІахьаллъулев ва халкъалда жаниб жиндир къадру-къимат бугев Ариматеялдаса Юсуп абулев чи. (Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав чи вукІана гьев.) Гьев хІинкъичІого Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. |
|
| 43 |
|
|
|
| 44 |
|
| ГІиса хванилан рагІидал, гІажаиблъун хутІана Пилат. Дол рагъухъабазул нусилбетІерги ахІун, гьесда гьикъана цевегойищ хваравилан. |
|
| 45 |
|
| Гьев нусилбетІерасдасан ГІисал хвалил хІакъикъат лъарабго, Пилатица изну кьуна гьесул жаназа нахъе босизе. |
|
| 46 |
|
| Бичун босун бацІцІадаб хІебетгун, Юсупица ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана ва, хІебтил мусруги бан, гьеб букъана кьурулъ бикІун къачІан букІараб нохъодул хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тана. |
|
| 47 |
|
| Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун. |
|
|
|
|