|
| 1 |
|
| Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах. |
|
| 2 |
|
| Цинги анкьил тІоцебесеб къоялъ цудунго рахъун ун, гьел ГІисал хабаде щолеб мех букІана гьанжего-гьанже бакъ баккулеб гІуж. |
|
| 3 |
|
| Нохъодул кІалтІаса гамачІ лъицадай нахъе гиризабилаян ургъел бикьулел рукІана гьел. |
|
| 4 |
|
| Амма гамачІ нахъе гиризабун батана. (ЦІакъ кІудияб гамачІни букІана гьеб.) |
|
| 5 |
|
| Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел. |
|
| 6 |
|
| — ХІикмалъуге нуж, — ан абуна гьес руччабазда. — Хъанчида ван хвезавурав Назареталдаса ГІисайин нужеца валагьулев вугев. Гьев хваралъуса вахъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьале гьесул жаназа лъун букІараб бакІ. |
|
| 7 |
|
| Нужеца, инеги ун, гьесул муридаздаги Пётридаги абе Галилеялде ГІиса нужедаса цеве щвезе вугилан. ГІисаца цебеккунго лъазабун букІараб куцалда, дова вихьилин жидеда гьев. |
|
| 8 |
|
| Кутакалда хІинкъарал ва хІикмалъарал гьел руччаби, сородилаго гьеб нохъодаса къватІире кІанцІун, рекерун нахъе ана, гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицинеги кІвечІо гьезда. |
|
| 9 |
|
| [8] Анкьил тІоцебесеб къоялъ бакъ баккилелдего хваралъуса вахъарав ГІиса гьебго къоялъ тІоцеве вихьана анкьго шайтІан гьес жиндир чорхолъа бачахъун букІарай Магдалаялдаса Марямида. |
|
| 10 |
|
| Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда — гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда. |
|
| 11 |
|
| Амма гьел божичІо ГІиса чІаго вугин ва гьев жинда вихьанин абураб Марямил рагІиялда. |
|
| 12 |
|
| Гьелдаса хадуб цоги батІияб сипаталда ГІиса вихьана шагьаралдаса росулъе унев вукІарав кІиго муридасдаги. |
|
| 13 |
|
| ТІад руссун рачІун цогидаздаги бицана гьез жидедаги ГІиса вихьанилан, амма цогидал муридал гьездаги божичІо. |
|
| 14 |
|
| Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан. |
|
| 15 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб дуниялалда киса-кирего щун, тІолабго Аллагьас бижанщиналда лъазабе нужеца гьаб Рохалил хабар. |
|
| 16 |
|
| Диде иман лъурав ва лъадалъ ччун вахъун жиндир мунагьал чурарав чи хвасарлъизе вуго. Амма иман лъечІезе тамихІ букІина. |
|
| 17 |
|
| Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе. |
|
| 18 |
|
| Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила. |
|
| 19 |
|
| Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. |
|
| 20 |
|
| Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин! |
|
|
|
|