|
| 1 |
|
| Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин. |
|
| 2 |
|
| Гьесухъе бачІараб халкъалъул гІемерлъиялъ нуцІикІалтІацин хутІун букІинчІо гІадамазе чІезе бакІ. Гьезие Рохалил хабар бицунев вукІана ГІиса. |
|
| 3 |
|
| Гьебмехалъ ункъояс восун гьениве вачІана палижалъ ккурав цо чи. |
|
| 4 |
|
| КІалтІе ракІарун рукІарал гІадамазул гІемерлъиялъ ГІисада аскІове восизе санагІат ккечІелъул, гьев вугеб рукъалъул тІохги бичун, гьениса гъоркье биччазе ккана унтарав тІад лъураб турут. |
|
| 5 |
|
| Гьел гІадамазул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: — Мунагьаздаса вацІцІалъана, дир вас, мун! |
|
| 6 |
|
| Гьенир гІодор чІун рукІарал цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна: |
|
| 7 |
|
| «Аллагьасде гІасилъунцин гурищ гьав вугев? ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?» |
|
| 8 |
|
| ГІисада гьебсагІат лъана жиндир хІакъалъулъ гьезул гьединал пикраби рукІин. Гьездехун вуссун, ГІисаца абуна: — Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? |
|
| 9 |
|
| Кинаб бигьаяб: унтарасда «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги «ТІаде вахъун, дурго турутги босун, вилълъанхъейилан» абизейищ? |
|
| 10 |
|
| Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе, — янги абун, ГІиса унтарасдехун вуссана: – |
|
| 11 |
|
| Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго турутги босун, рокъове а! |
|
| 12 |
|
| Ралагьун гІадамалгун гьев чи гьебсагІат тІаде вахъуна, жиндирго турутги босун, къватІиве уна. Киназго хІикмалъун Аллагьасе рецц гьабуна. Гьез абулеб букІана гьадинаб иш киданиги бихьичІилан. |
|
| 13 |
|
| Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат. |
|
| 14 |
|
| Нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьарав Алфейил Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чиясда цевесан унаго, ГІисаца гьесда абула: — Дида цадахъ вилълъа, — ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьевги. |
|
| 15 |
|
| Гьале Левийил бакІалда кваналев вукІана ГІиса. Гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун кваналел рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу. ГІисада цадахъ ругезда гъорлъ гІемер рукІана гьеб тайпаялъул гІадамал. |
|
| 16 |
|
| ГІисада аскІор гІодор чІун кваналел гьел рихьидал, фарисеязул диниял гІалимзабаз гьесул муридазда абулаан: — Магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ квана-гьекъон вукІине бегьилищ гьав? |
|
| 17 |
|
| Гьеб рагІун, ГІисаца гьезда абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин. |
|
| 18 |
|
| ЯхІял муридазги фарисеязги кІал ккураб заман букІана гьеб. АскІоре рачІун гІадамаз ГІисада гьикъана: — ЯхІял муридалги фарисеязулалги кІал ккун ругеб мехалъ, гьал дур муридаз щай кІал кколареб? — абун. |
|
| 19 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ, гьес берталъе ахІарал гьудулзаби квана-гьекъечІого кІал ккундайха рукІинел? БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьез кІал кквезе бегьуларо. |
|
| 20 |
|
| РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьел къояз кквела гьез кІалги. |
|
| 21 |
|
| Лъицаниги баларо басрияб ратІлида цІияб рукъи: цІияб букъулаго басрияб бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила. |
|
| 22 |
|
| Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. Гьелъ рахълъен багьизабула, гьебмехалъ чагъирги рахълъенги хола. ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе. |
|
| 23 |
|
| Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Гьенисан унаго, ролъул тІорал ретІизе лъугьана гьесул муридал. |
|
| 24 |
|
| Гьебмехалъ фарисеяз ГІисада абуна: — Балагье шамат къоялъ гъоз гьабулеб бугеб жо: Мусал къануналъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго. |
|
| 25 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Унго, киданиги цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги рес къотІун, ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? |
|
| 26 |
|
| Бищунго кІудияв кашишлъун Абиатар вугеб заманаялда, Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед. |
|
| 27 |
|
| Цинги ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамал шамат къоялъе гІоло гуро рижун ругел, шамат къо гІадамазе гІоло бижун буго. |
|
| 28 |
|
| Гьединлъидалин шамат къоялъулги ихтияр ГІадамил Лъимадухъ бугеб. |
|
|
|
|