|
| 1 |
|
| Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана. |
|
| 2 |
|
| ГІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца, батІи-батІиял мисалалги рачана. |
|
| 3 |
|
| — ГІенеккея: хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. |
|
| 4 |
|
| Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. |
|
| 5 |
|
| Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. |
|
| 6 |
|
| Амма бакъ тІад речІчІарабго, речІан анила гьел, ва гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. |
|
| 7 |
|
| Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила, ва гьезда тІад тІорги бечІанила. |
|
| 8 |
|
| Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда — лъабкъого ва цо-цоялда — нусгоги мугь. |
|
| 9 |
|
| Цинги ГІисаца абуна: — ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! |
|
| 10 |
|
| Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан. |
|
| 11 |
|
| ГІисаца абуна: — Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъаби лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе кинабго мисалаздалъун бицуна, — |
|
| 12 |
|
| ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан. |
|
| 13 |
|
| Цинги гьес абуна: — Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел? |
|
| 14 |
|
| Хьон хьалев чи ккола рагІи хьалев чи. |
|
| 15 |
|
| Цо-цо чиясул иш ккола нухде рортарал хьодул мугьазда релълъун. Гьесул гІинда рагІани Аллагьасул рагІи, гьебсагІатго бачІун илбисалъ бикъун уна гьесул рекІелъе ккун букІараб рагІи. |
|
| 16 |
|
| Гьединго цогидал гІадамал релълъуна ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьаздасан бижаралда. РагІини гьездаги рагІула ва гьебсагІат рохун къабулги гьабула. |
|
| 17 |
|
| Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. |
|
| 18 |
|
| Цогидал релълъуна заз-хъарахъалда гъорлъе рортарал мугьаздасан бижаралда. |
|
| 19 |
|
| РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро. |
|
| 20 |
|
| Амма руго лъикІаб ракьалде рортарал мугьаздасан бижаралда релълъарал гІадамалги. РагІиги гьезда рагІула, къабулги гьабула. ХІалухъенги бижула цоязе лъеберго, цогидазе лъабкъого, цо-цоязе нусго нухалъцин цІикІкІараб. |
|
| 21 |
|
| Цинги ГІисаца гьезда абуна: — СахІида гъоркь яги хьонбакІалда гъоркь лъезейищ чирахъ бакун рокъобе жанибе босулеб? Борхатаб бакІалда гурищ гьеб лъолеб? |
|
| 22 |
|
| Балъгоябщинабги тІатунеб, бахчарабщинабги загьирлъулеб. |
|
| 23 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! |
|
| 24 |
|
| Цоги гьес абуна: — Балагьея, гІинтІаме гьаб дир калимаялъухъ: кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги, ва нужее тІадеги жубазе бугеб. |
|
| 25 |
|
| Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. |
|
| 26 |
|
| Цоги ГІисаца абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъи релълъуна цо гьадинаб ишалда. Масала, пуланав чияс ракьулъе рехула хьодул мугь. |
|
| 27 |
|
| Цинги къаси кьижун, къад вахъун, жиндирго яшавалда вукІуна гьев, ва гьесда лъаларо кин гьеб мугь тІирщулебали, тІаде баккулебали. |
|
| 28 |
|
| Ракьалъ жинцаго тІалаб гьабула мугьалъул: цин гьеб тІаде баккула, хадуб тІор бала, тІоралда мугь цІубала. |
|
| 29 |
|
| Гьале, тІоралда мугь барщарабго, босун нилъгун вачІуна гьев лъилъаризе, хур бакІаризе заман щун бугелъул. |
|
| 30 |
|
| Цоги гьес абуна: — Сунда релълъунеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Яги кинаб мисал бачун гьелъул сипат цебе чІезабилеб? |
|
| 31 |
|
| Масала, гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго ракьалде хьалел киналго хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. |
|
| 32 |
|
| Амма гьеб мугь ракьулъе ккани, гьелдасан лъугьуна бищунго кІудияб хъарахъ, ва гьелъул чІахІиял гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабицин гьарула. |
|
| 33 |
|
| Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар. |
|
| 34 |
|
| Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна. |
|
| 35 |
|
| Гьебго къоялъ маркІачІул гІужалъ ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколилан. |
|
| 36 |
|
| Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ. |
|
| 37 |
|
| Кутакаб гьури бахъана: речІчІун рачІарал карачалабаз раса лъадал цІолеб букІана. |
|
| 38 |
|
| ГІиса гьебмехалъ, цо къаданибжоги лъун, росол нахъисеб рахъалда кьижун вукІана. АскІоре ун, муридаз ворчІизавуна гьев: — Я, МугІалим! Нилъ гъанкъизехъин рукІиналъул ургъелгойищ дуе гьечІеб? — абун. |
|
| 39 |
|
| ТІаде вахъун гьес гьорода лъазабуна, тІокІаб пугейилан, карачалабазеги: «РуцІцІун чІа!» — ян амру гьабуна. ГьебсагІат гьури къотІана, тІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана. |
|
| 40 |
|
| Цинги ГІисаца жиндирго муридазда абуна: — КигІан хІинкъарал чагІи нужго! Кибе араб нужер божи-иман? |
|
| 41 |
|
| Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез. |
|
|
|
|