|
| 1 |
|
| Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде. |
|
| 2 |
|
| ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи. |
|
| 3 |
|
| Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи. |
|
| 4 |
|
| Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе. |
|
| 5 |
|
| Къасиги къадги — кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан. |
|
| 6 |
|
| РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана |
|
| 7 |
|
| ва ахІдезе лъугьана: — ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! — ян. |
|
| 8 |
|
| (ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.) |
|
| 9 |
|
| Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: — «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир. |
|
| 10 |
|
| Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан. |
|
| 11 |
|
| Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. |
|
| 12 |
|
| Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан. |
|
| 13 |
|
| Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед — кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана. |
|
| 14 |
|
| Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире. |
|
| 15 |
|
| ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. |
|
| 16 |
|
| Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги. |
|
| 17 |
|
| Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан. |
|
| 18 |
|
| ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан. |
|
| 19 |
|
| Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна: — Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ. |
|
| 20 |
|
| Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана. |
|
| 21 |
|
| Нахъеги росодаги рекІун, ГІиса ралъдал добцояб рагІалде щвараб мехалъ, гІемераб халкъ бакІарана гьесухъе. Гьев вукІана ралъдал рагІалда эхетун. |
|
| 22 |
|
| Гьале, гьениве вачІуна синагогаялъул хІакимзабазул цояв. Яир букІана гьесда цІар. ГІиса вачІун вихьидал, гьев гьасда цеве накабазда чІола, |
|
| 23 |
|
| ва кутакалда гьардезе лъугьуна: — Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей. |
|
| 24 |
|
| ГІиса гьесда цадахъ уна. Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев. |
|
| 25 |
|
| АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, |
|
| 26 |
|
| жиндир бугебщинаб боцІи-рикъзи тохтирзабазе кьуниги, дагьайги квеш лъугьун гурони, гьезда мадар лъугьинабизе кІвечІей цо пуланай чІужугІаданалъ, |
|
| 27 |
|
| ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала. |
|
| 28 |
|
| ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. |
|
| 29 |
|
| ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда. |
|
| 30 |
|
| Гьебго заманаялда ГІисадаги лъана цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват жиндир чорхолъа араблъи. — Лъица дир ратІлида квер хъвараб? — абун гьикъана гьес, халкъалдехунги вуссун. |
|
| 31 |
|
| Гьесул муридаз абуна: — Дуда сверухъ гъуркъун бачІунеб бугеб гІалам бихьулагурищ дуда. Гьединги букІаго, жинда хъварав чи щивилан абулеб буго дуца. |
|
| 32 |
|
| ГІисайин абуни, жиндир ратІлида квер лъица хъварабали лъазе, сверухъе валагьахъдилев вукІана. |
|
| 33 |
|
| Жиндиего лъугьараб ишги бичІчІун, хІинкъун сородилаго ячІуна дой чІужугІадан ГІисада аскІое ва, кІалагъоркье гьесда цееги речІчІун, гьелъ бицуна тІолабго хІакъикъат. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца гьелда абула: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун! |
|
| 35 |
|
| Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса ругьел бачІуна, дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабун щайилан. |
|
| 36 |
|
| Гьел рагІабазул сан гьабичІого, ГІисаца ясалъул инсуда абула: — Мун хІинкъуге, божун вукІа! |
|
| 37 |
|
| Пётрги, Якъубги, Якъубил вац Иоаннги гурони, цогидав чиги цадахъ вачинчІого, |
|
| 38 |
|
| ГІиса щола синагогаялъул хІакимасул бакІалде. Гьенир гьесда ратула ахІи-хІуралда гІодилаго ва магІу гьабулаго рихха-хочун ругел гІадамал. |
|
| 39 |
|
| ГІисаца гьезда абула: — Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер. |
|
| 40 |
|
| Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове. |
|
| 41 |
|
| Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: — ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана — «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!») |
|
| 42 |
|
| ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал. |
|
| 43 |
|
| ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. |
|
|
|
|