|
| 1 |
|
| Гьел къоязда нахъеги цІакъ гІемераб халкъ бакІарана ГІисада аскІобе. Квен-тІехги гьечІого гьел хутІидал, жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: |
|
| 2 |
|
| — Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ. |
|
| 3 |
|
| КваначІого дица риччани, рокъоре унаго, рухІ дагьлъун ккезе бегьула гьел, цІакъго рикІкІадаса рачІаралги ругелъул гьезда гьоркьор. |
|
| 4 |
|
| Муридаз гьесда абуна: — Гьаниб гІалхуда гьазие гІураб чед лъица балагьилеб, киса бахъилеб? — абун. |
|
| 5 |
|
| Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чед бугилан абуна гьез. |
|
| 6 |
|
| Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан. Гьеб анкьабго чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Гьезги гьеб халкъалъе бикьана. |
|
| 7 |
|
| Дагьа-макъаб ччугІаги букІана гьезухъ. Додинго тІаде дугІаги гьабун, гьебги кьуна ГІисаца муридазухъе, халкъалъе бикьеян. |
|
| 8 |
|
| ГІорцІизегІан кванана гьел гьенир; нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна. |
|
| 9 |
|
| Гьенир кванарал гІадамазул вукІана ункъазаргогІанасев чи. |
|
| 10 |
|
| Гьелги нахъе ритІун, ГІиса гьебсагІаталъ жиндирго муридалгун цадахъ, росодаги рекІун, Далманутаялъул ракьалде ана. |
|
| 11 |
|
| Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. |
|
| 12 |
|
| Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна: — Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо. |
|
| 13 |
|
| Гьел гІадамалги рукІаралъур тун, ГІиса нахъеги росоде вахана ва ралъдал добцояб рахъалде ана. |
|
| 14 |
|
| Квен цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда; цо гурони чед батичІо гьезухъ. |
|
| 15 |
|
| ГІисаца гьезда лъазабуна: — Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж. |
|
| 16 |
|
| Цоцазда гаргадизе лъугьана гьел: — Нилъехъ чед гьечІилан абураб магІна букІине ккола гьелъул. |
|
| 17 |
|
| Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: — Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел? |
|
| 18 |
|
| [18-19] Берал ругониги бихьулареб кин? ГІундул ругониги рагІулареб кин? Нужеца ракІалде щвезабе: дица щуазарго чиясе бек-бекун щуго чед кьун хадуб хутІарал чадил мочІабазул чан гьегь цІураб? АнцІила кІиго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез. |
|
| 19 |
|
|
|
| 20 |
|
| — Анкьго чед ункъазарго чиясе бикьараб мехалъ, хутІарал мочІабазул чан гьегь цІураб? Анкьго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез. |
|
| 21 |
|
| — Гьанжеги бичІчІичІебищ нужеда? — ян гьикъана ГІисаца гьезда. |
|
| 22 |
|
| Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. |
|
| 24 |
|
| Сверухъ хал-шалги гьабун, гьес абуна: — АскІосан унел гІадамал рихьулел руго дида гъутІби гІадин. |
|
| 25 |
|
| ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, — бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. |
|
| 26 |
|
| ГІисаца гьев гьенисанго рокъове витІана ва гьадаб росулъан унгеянги лъазабуна. |
|
| 27 |
|
| Гьениса вахъун жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса ана Филиппил Къайсарият шагьаралда гІагарлъухъ ругел росабалъе. Нухда ГІисаца гьезда гьикъана: — Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? — абун. |
|
| 28 |
|
| Гьез жаваб кьуна: — Цояз абулеб буго мун ЯхІя авараг вугилан, цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан. Цогидаз абулеб буго аварагзабаздасан цояв кколилан. |
|
| 29 |
|
| Цинги ГІисаца гьезда гьикъана: — Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? — абун. Пётрица жаваб кьуна: — Мун вуго МасихІ. |
|
| 30 |
|
| Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. |
|
| 31 |
|
| Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин. |
|
| 32 |
|
| Гьеб кинабго ГІисаца гьезда рагьун бицана. Амма довегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе. |
|
| 33 |
|
| Гьебмехалъ, кьурун вуссун, жиндирго муридазухъ валагьана гьев. Цинги, Пётрги вуцІцІинавун, абуна: — ТІагІа дида аскІоса, Илбис! Аллагьасулаб тун, инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе. |
|
| 34 |
|
| Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: — Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. |
|
| 35 |
|
| Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. |
|
| 36 |
|
| Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? |
|
| 37 |
|
| Жиндирго рухІалъухъ хисизе жо щиб бугеб инсанасул? |
|
| 38 |
|
| Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ. |
|
|
|
|