|
| 1 |
|
| Цоги ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІубараб къуваталда Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІунеб куц бихьичІого, жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор. |
|
| 2 |
|
| Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. |
|
| 3 |
|
| Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе. |
|
| 4 |
|
| Цинги гьезда рихьана Илясги Мусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел. |
|
| 5 |
|
| Гьениб Пётрица ГІисада абуна: — Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. |
|
| 6 |
|
| Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир. |
|
| 7 |
|
| Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! |
|
| 8 |
|
| Цинги гьебсагІат сверухъе ралагьидал, цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда гьенив вихьичІо. |
|
| 9 |
|
| МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан. |
|
| 10 |
|
| Гьениб бихьарабщинаб жиделъго цІунана гьез. Амма «хваралъуса вахъун вачІиналъул» магІна щибдайилан цоцазда цІехолдулел рукІана. |
|
| 11 |
|
| Цинги гьез ГІисада гьикъана: — Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? |
|
| 12 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан? |
|
| 13 |
|
| Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз. |
|
| 14 |
|
| ГІиса дол жиндирго муридазда аскІове тІадвуссиндал, гІемераб халкъ бакІарун батана гьенибе. Диниял гІалимзабиги ругоан гьасул муридалгун дагІба-рагІиялда. |
|
| 15 |
|
| ГІиса вихьидал, тІолабго халкъ хІикмалъун хутІана, данде рортун гьесие салам кьезе лъугьана. |
|
| 16 |
|
| ГІисаца жиндирго муридазда гьикъана гьазулгун нужер бугеб дагІба щибилан? |
|
| 17 |
|
| Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна: — Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун. |
|
| 18 |
|
| Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо. |
|
| 19 |
|
| Гьездехун ГІисаца абуна: — ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас. |
|
| 20 |
|
| Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана. |
|
| 21 |
|
| ГІисаца гьесул инсуда гьикъана: — Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб? — ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, — абун жаваб кьуна инсуца. |
|
| 22 |
|
| — Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин! |
|
| 24 |
|
| ГьебсагІат васасул инсуца ахІана: — Дун божула, кумек гьабе дие — божуларесе! |
|
| 25 |
|
| ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна: — Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян. |
|
| 26 |
|
| Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез. |
|
| 27 |
|
| Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана. |
|
| 28 |
|
| Рокъоре щун, жалго хутІидал, муридаз ГІисада гьикъана: — Нижеда щай кІвечІеб доб хъубаб жен бачахъизе? |
|
| 29 |
|
| ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун. |
|
| 30 |
|
| Гьениса рахъун Галилеялъул ракьалдасан унел рукІана гьел. ГІисае бокьун букІинчІо жив вачІунев вукІин лъиданиги лъазе. |
|
| 31 |
|
| Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: — ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина. |
|
| 32 |
|
| Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна, ва гьесда гьеб гьикъизеги хІинкъана. |
|
| 33 |
|
| Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана: — Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? — абун. |
|
| 34 |
|
| Гьел руцІцІун чІана. Щайгурелъул гьел дагІбадулел рукІиндал жидеда гьоркьов бищун кІудиявлъун щивдай кколеван. |
|
| 35 |
|
| ГІиса гІодов чІана, ва жиндаго аскІове анцІила кІиявго муридги ахІун, гьес абуна: — Бищунго кІудиявлъун лъугьине бокьарав чи цогидазда гьоркьов бищунго гьитІинавлъун вукІа ва гьезие хъулухъалъе чІа. |
|
| 36 |
|
| Кодобе босун, ГІисаца цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна ва, гьеб лъимада къвалги бан, абуна: |
|
| 37 |
|
| — Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун къабул гьавурав чияс, цохІо дун гуревги, дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавулев вуго. |
|
| 38 |
|
| Гьебмехалъ Иоанница абуна: — Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе. |
|
| 39 |
|
| ГІисаца абуна: — Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе. |
|
| 40 |
|
| Нилъеда дандечІоларев чи ккола нилъер рахъалда вугев чи. |
|
| 41 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуж МасихІил муридал рукІинги лъан, дие гІололъун нужее гьекъезе гел цІун лъим кьурав чи кириялдаса махІрумлъиларо. |
|
| 42 |
|
| Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чи ккани, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехиго лъикІаб букІинаан гьесие. |
|
| 43 |
|
| [43-44] Дур квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб квер камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго квергун жужахІалъул свин гьечІеб цІадаве рехизегІан. |
|
| 44 |
|
|
|
| 45 |
|
| [45-46] Дур бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб бох камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго бохгун жужахІалъуве рехизегІан. |
|
| 46 |
|
|
|
| 47 |
|
| Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо бергун Аллагьасул ПарччахІлъиялде ин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъуве рехизегІан. |
|
| 48 |
|
| ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб! |
|
| 49 |
|
| Къурбаналъул гьан, тІаде цІам щван, бацІцІад гьабулеб гІадин, щивав чи цІадудалъун вацІцІад гьавизе вуго. |
|
| 50 |
|
| ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин нужеца гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? ЦІам цІуне нужелъго, ва цоцазда гьоркьор ракълида рукІа. |
|
|
|
|