|
| 1 |
|
| Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги. |
|
| 2 |
|
| Гьес гьезда абуна: — Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян. |
|
| 3 |
|
| Гьанже а! Гьале дица нуж ритІулел руго бацІазда гъорлъе кьагІи гІадин. |
|
| 4 |
|
| Я гІарац лъун таргьа босуге, я къайи лъун къвачІа босуге, я хисун ретІине хьитал росуге, нухда данде ккарасе саламги кьоге. |
|
| 5 |
|
| Лъил бакІалде нуж щваниги, гьезие рекъел гьарун, «Ассаламу гІалайкум (Рекъел нужее)» абун лъугьа гьесул къавулъе. |
|
| 6 |
|
| Саламалъе (ай ракълие) мустахІикъав чи вугони — нужер салам гьесде щвела, гьечІони — гьеб нужедего тІадбуссина. |
|
| 7 |
|
| Гьеб къавулъ чІа нуж, гьезда цадахъ квана-гьекъон, — хІалтІухъанасе мухь хІалалаб букІунелъул. Цо къавулъа цоги къавулъе гочаруге. |
|
| 8 |
|
| [8-9] Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда. |
|
| 9 |
|
|
|
| 10 |
|
| Ваамма цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаричІони, къотІнореги рахъун, гьадин абе: |
|
| 11 |
|
| «Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи». |
|
| 12 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ Содомалъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса. |
|
| 13 |
|
| Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Амма Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, ракьалда гІодорги чІун, церего руссинаан гьел Аллагьасде. |
|
| 14 |
|
| Гьединлъидалин Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугеб! |
|
| 15 |
|
| Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун! |
|
| 16 |
|
| Нужехъ гІенеккулел дихъги гІенеккула, нужеде инкар кколез дидеги инкар ккола, диде инкар кколез дун жинца витІарав Аллагьасдеги инкар ккола. |
|
| 17 |
|
| Лъабкъоялда анцІавго мурид рохуца холаго тІадруссун рачІана. — Я, БетІерчІахъад! — ан абуна гьез. — Жундулгицин мутІигІлъула нижее, дур цІар рехсон гьезие амру гьабураб мехалъ. |
|
| 18 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Дида бихьана илбис пири гІадин зодисан бортун унеб! |
|
| 19 |
|
| Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна. |
|
| 20 |
|
| Амма нуж рохуге хъубал жундул нужее мутІигІлъулел ругилан, нуж роха зобалазда жидер цІарал хъваразда гьоркьор рукІиналдаса. |
|
| 21 |
|
| Илагьияб РухІалъ цІурав ва вохизавурав ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъго гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго дуца загьир гьабуралъухъ. Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи! |
|
| 22 |
|
| Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо Вас щивали. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен щивали. |
|
| 23 |
|
| Муридаздехун вуссун, цохІо гьезда абуна ГІисаца: — Гьардарал гурищха гьаб кинабго бихьулел нужер берал. |
|
| 24 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: гІемерал аварагзабазеги парччахІзабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. |
|
| 25 |
|
| Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна: — Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб? |
|
| 26 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ? |
|
| 27 |
|
| Дос жаваб кьуна: — «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». |
|
| 28 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур. |
|
| 29 |
|
| Живго ритІухъ гьавизелъун, дов чияс гьикъана: — Щивха кколев «дида аскІов вугев»? |
|
| 30 |
|
| Гьанже ГІисаца гьесие, мисал бачун, хабар бицана: — Цо чи унев вукІана Иерусалималдаса Иерихоналде. ТІаде кІанцІун хъачагъаз гьесухъа къайи бахъана, кьабун-вухун, хвалде ккезавун гьевги тун, нахъе ана. |
|
| 31 |
|
| Гьале цо кашиш ккана досда тІаде, амма гьев нухлул добцояб рахъалдехун лъугьана. |
|
| 32 |
|
| Гьединго цо левитги ккана досда тІаде, гьевги лъугьана нухлул добцояб рахъалде. |
|
| 33 |
|
| Сапаралда вукІарав цо самариявги ккана досда тІаде. Дов вихьаравго, гурхІизе бачІун, |
|
| 34 |
|
| аскІове ун, чогъроца чурун ва нах бахун, досул ругънал къачІана гьес, жиндирго гІорцІмидаги рекІинавун, петералде вачун, досие хъулухъги гьабуна. |
|
| 35 |
|
| Нахъисеб къоялъ, петералъул бетІергьанасе кІиго динарги кьун, самарияс абуна: «Дуца тІалаб гьабе досул. Гьалдаса цІикІкІун дуца хвезабизе ккани, тІадвуссун вачІунаго гьебги бецІила дица дуе». |
|
| 36 |
|
| Хъачагъаз зулму гьабурасда «аскІов вугевлъун» щив рикІкІинев гьел лъабаздаго гьоркьоса? |
|
| 37 |
|
| — Досда гурхІун кумек гьабуравха, — ян жаваб кьуна динияв гІалимчияс. ГІисаца гьесда абуна: — Инеги ун, дуцаги гьедин гьабе, — ян. |
|
| 38 |
|
| Гьедин ГІисаги муридалги сапаралда рукІаго, гьев цо росулъе щвана. Марта абулей цо гІаданалъ ГІиса гьоболлъухъ вачана. |
|
| 39 |
|
| Гьелъул йикІана Марям абун яцги. ТІадегІанав ГІисал хІатІаахада гІодойги чІун, гьесул харбихъ гІенеккун йикІана гьей. |
|
| 40 |
|
| Мартайилан абуни, гьебмехалъ гьезие кІудияб гьоболлъи гьабизе квалквадилей йикІана. ГІисада аскІое ячІун, гьелъ абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дуе агъазго гьечІо яцалъ дун гьаний квалквадизе тун йикІиналъул. Дие кумек гьабизе яхъаян абе гьелда. |
|
| 41 |
|
| ТІадегІанав ГІисаца, гьелъие жаваб кьун, абуна: — Марта! Марта! Мун гІемераб жоялда квер чІвазе лъугьун йиго, |
|
| 42 |
|
| амма цо жо кквезе ккола чияс. Гьале Марямица лъикІаб бутІа тІаса бищана, лъиданиги кІвеларо гьелъухъа гьеб бахъизе. |
|
|
|
|