|
| 1 |
|
| Цо пуланаб бакІалда Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІана ГІиса. Гьесул гьари-дугІа лъугІарабго, цо муридас ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! ЯхІяца жиндирго муридазда малъараб гІадин, нижедаги малъе Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе. |
|
| 2 |
|
| Гьес гьезда абуна: — Нужеца дугІа гьабулаго гьадин абе: Я, Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги, |
|
| 3 |
|
| щибаб къоялъ нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее, |
|
| 4 |
|
| нижер мунагьазда тІасаги лъугьа, гІадамаз нижее гьабуралда нижги тІасалъугьунел ругин. Нижер хІалбихьизеги биччаге. |
|
| 5 |
|
| Цинги гьес бицана: — Масала, нужер цоясул вуго гьудул, сордо бащалъараб мехалъ гьесул нуцІихъе ун дуца абулеб буго: «Я, дир гьудул, къаси дие цо лъабго чед кьеларищ дуца? |
|
| 6 |
|
| Сапаралда вугев цо гьудул гьоболлъухъ вачІун вуго дихъе, гьесда цебе лъезе квен гьечІого вуго дун», — абун. |
|
| 7 |
|
| Унго, дос жанисан гьадинаб жаваб кьеладай дуе: «Дир рахІат хвезабуге. НуцІаги рахан буго, лъималги руго дида аскІор бусада кьижун. ТІаде вахъун дуе чед кьезе кІоларо дида». |
|
| 8 |
|
| Амма дица абила гьадин: гьудуллъиялъул къимат гьабун кьечІониги, дур тІасавичІунгутІиялдаса ворчІичІого, гьайгьай, тІаде вахъун дос дуе кьела къваригІарабгІанаб чед. |
|
| 9 |
|
| Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: гьаре нужеца — нужее кьечІого толаро; балагье нужеца — батичІого хутІуларо; нужеца нуцІа бухе — гьеб рагьичІого толаро. |
|
| 10 |
|
| Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. |
|
| 11 |
|
| Нужеда гъорлъ вугищ цониги эмен, васас ччугІа гьарараб мехалъ, гьесухъе борохь кьолев? |
|
| 12 |
|
| Яги, хоно гьарани, гьесухъе ичІкІал кьолев? |
|
| 13 |
|
| Нужго квешал ругониги, лъималазе нужеца лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе кигІан цІикІкІун рещтІинабилеб зобалазда вугев Инсуца Илагьияб РухІ. |
|
| 14 |
|
| Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана. |
|
| 15 |
|
| Цо-цо гІадамаз абулеб букІана гьес инсанасул чорхолъа жундул рачахъулел ругин жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун. |
|
| 16 |
|
| Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. |
|
| 17 |
|
| Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: — Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани — гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани — гьеб хъизанги биххула. |
|
| 18 |
|
| Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьелъул ханлъи биххичІого хутІилищ? Нужецани абулеб буго Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулин дица гьел. |
|
| 19 |
|
| Дица гьел Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури. |
|
| 20 |
|
| Амма дица жундул Аллагьасул кумекалдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан. |
|
| 21 |
|
| Кодоб ярагъгун цо къуватав-кутакав чияс жиндирго рукъ цІунулеб бугони, гьесул боцІи-рикъзиялъе хІинкъи букІунаро. |
|
| 22 |
|
| Амма гьесдасаги къуватав тІаде кІанцІани, гьев къезавила, гьесул ракІчІей букІараб ярагъги кодоса босила, гьесухъа бахъун давлаги жидеразего бикьила. |
|
| 23 |
|
| Дунгун цадахъ гьечІев чи — гьев вуго дида дандечІарав чи. Диргун жубай гьечІев чияс журай биххизабила. |
|
| 24 |
|
| Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», — ян. |
|
| 25 |
|
| ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан. |
|
| 26 |
|
| Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. |
|
| 27 |
|
| ГІисаца гьедин абидал, цо чІужугІаданалъ ахІана халкъалъул руккалида гьоркьосан: — Гьардарай гурищха мун гьавурай, дуе керен кьурай дур эбел! |
|
| 28 |
|
| Гьес абуна: — Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал! |
|
| 29 |
|
| ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: — ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо. |
|
| 30 |
|
| Ниневиялъул халкъалъе гІаламатлъун Юнус авараг лъугьарав гІадин, ГІадамил Лъимерги гІаламатлъун лъугьина гьаб умматалъе. |
|
| 31 |
|
| Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. |
|
| 32 |
|
| Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса. |
|
| 33 |
|
| Лъицаниги лъеларо рекІараб чирахъ бихьулареб бакІалда яги сахІида гъоркь. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. |
|
| 34 |
|
| Дур бер — гьеб буго дур черхалъул чирахъ. Берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъула. Берал канлъукъал ругони, дур черхги бецІлъула. |
|
| 35 |
|
| Ворегиха, дулъ бугеб канлъи бецІлъиялде сверизе гурин. |
|
| 36 |
|
| Гьедин, мун канлъул цІун вугони, щибниги бецІлъиги дулъ гьечІони, мун тІуванго гвангъила, чирахъул канлъиялъ мун кенчІезавун вугев гІадин. |
|
| 37 |
|
| ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса. |
|
| 38 |
|
| Кваназе лъугьиналде гьес кверал чуричІелъул, фарисеяв хІикмалъун хутІана. |
|
| 39 |
|
| ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. |
|
| 40 |
|
| ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб? |
|
| 41 |
|
| Амма жаниб бугебаб садакъаде кьуни, гьебмехалъ хІакъикъаталда тІасаги рацІцІалъила нуж. |
|
| 42 |
|
| Балагьги гІазабги нужее, фарисеял. Нужеца садакъаде кьола хІатта сагІаналъул, гъараналъул ва цогидабги гІурччинлъиялъул анцІил бутІа, ритІухълъиялъулги Аллагьасде рокьиялъулги нужеца тІалабго гьабуларо. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги гьабичІого тезе бегьуларо. |
|
| 43 |
|
| Балагьги гІазабги нужее, фарисеял! Нужее бокьула синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва базаркъотІноб халкъалъ салам кьезе. |
|
| 44 |
|
| Балагьги гІазабги нужее! Нуж релълъуна тІасан хьвадулесда хІатІикь букІин лъалареб, зани чІвачІеб хобалда. |
|
| 45 |
|
| Гьебмехалъ цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: — Я, МугІалим! Гьединал рагІабиги абун, дуца нижги инжит гьарулел ругогури. |
|
| 46 |
|
| ГІисаца абуна: — Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо. |
|
| 47 |
|
| Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца. |
|
| 48 |
|
| Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго. |
|
| 49 |
|
| Гьединлъидал Аллагьасул ГІакъиллъиялъ абун буго: «Аварагзабиги чапарзабиги ритІизе руго дица гІадамазухъе, гьезин абуни цоял чІвазе руго, цогидал рачахъизе руго. |
|
| 50 |
|
| [50-51] Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ. |
|
| 51 |
|
|
|
| 52 |
|
| Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби! Щайгурелъул нужеца гІелмуялъул кІул босана, амма кІулал ричІун нужгоги инчІо жанире, ине бокьаралги риччачІо. |
|
| 53 |
|
| [53-54] ГІиса гьениса нахъе аралдасаго, батІи-батІиял суалал кьун, гьесухъа рагІи бахъизе чанкъан чІун, тІаделъизе байбихьана диниял гІалимзабазги фарисеязги, гьесул кІал таризабизе кІоларищали. |
|
|
|
|