|
| 1 |
|
| Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: — Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго. |
|
| 2 |
|
| Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб. |
|
| 3 |
|
| Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб. |
|
| 4 |
|
| Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге. |
|
| 5 |
|
| Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда. |
|
| 6 |
|
| КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда. |
|
| 7 |
|
| Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж. |
|
| 8 |
|
| Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха. |
|
| 9 |
|
| ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила. |
|
| 10 |
|
| ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо. |
|
| 11 |
|
| Синагогаялъуреги рачун, чІухІбуздаги чІахІиял хІакимзабаздаги цере нуж рахъун чІезарураб мехалъ, гьезда щибдай бицинаян, щиб жавабдай кьела гьезул суалазеян ургъел ккоге нужее; |
|
| 12 |
|
| гьеб лахІзаталда Илагьияб РухІалъ малъилелъулха нужеца щиб бицине кколебали. |
|
| 13 |
|
| ГІадамазда гьоркьосан вахъун, цо чияс абуна ГІисада: — Я, МугІалим! Инсул ирсалъул дие кколеб бутІа кьеян абе дир вацасда. |
|
| 14 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Ле, нужее суд гьабизе ва нужер ирс бикьизе тІамурав чийищ дун? |
|
| 15 |
|
| Цинги халкъалдехун абуна: — Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру. |
|
| 16 |
|
| Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана: — Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен. |
|
| 17 |
|
| Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир». |
|
| 18 |
|
| Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила. |
|
| 19 |
|
| Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“» |
|
| 20 |
|
| Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?» |
|
| 21 |
|
| Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна. |
|
| 22 |
|
| Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. |
|
| 23 |
|
| Квандаса цебесеб буго рухІ, ратІлидаса цебесеб буго черхги. |
|
| 24 |
|
| Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж. |
|
| 25 |
|
| Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе. |
|
| 26 |
|
| Гьеб гьитІихІинабгицин гьабун бажаруларел нуж кІудияб гьабизеян щай лъугьунел? |
|
| 27 |
|
| ТІугьдузухъ ралагье нуж. Я хурир хІалтІуларо гьел, я кун дургъуларо гьез. Амма гьале дица нужеда абулеб: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдагицин Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел. |
|
| 28 |
|
| Я, ле — божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб! |
|
| 29 |
|
| Гьединлъидал щибдай кваналаян, щибдай гьекъелаян нужеего гІакъуба кьоге, |
|
| 30 |
|
| гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъалареб халкъалъги тІалаб гьабулеб жо. Нужер Инсуда лъала нужее гьеб хІажалъулеблъи. |
|
| 31 |
|
| Нужеца гІамал гьабе Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, цогидаб хутІарабщинаб гьес нужее тІадеги кьела. |
|
| 32 |
|
| ХІинкъуге, гьитІинаб рехъен! ЦІоб лъун, нужер Инсуца нужее ПарччахІлъи кьезе бугебин. |
|
| 33 |
|
| Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро. |
|
| 34 |
|
| Нужер хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул нужер ракІги. |
|
| 35 |
|
| Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те. |
|
| 36 |
|
| Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж. |
|
| 37 |
|
| Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго. |
|
| 38 |
|
| Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал. |
|
| 39 |
|
| Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, гьес цІогьор жаниве ворчІизе виччаларевлъи лъай нужеда. |
|
| 40 |
|
| Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер. |
|
| 41 |
|
| Гьебмехалъ Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад! Нижеейищ дуца гьеб мисал бачунеб бугеб, яги кинабго халкъалъейищ? |
|
| 42 |
|
| ТІадегІанав ГІисаца абуна: — РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател, |
|
| 43 |
|
| гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев ватани, — гьардарав гурищ гьединав рагьтІател. |
|
| 44 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат. |
|
| 45 |
|
| Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб? |
|
| 46 |
|
| Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател, — иман гьечІесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. |
|
| 47 |
|
| БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела. |
|
| 48 |
|
| БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела. |
|
| 49 |
|
| Ракьалде цІа рещтІинабизе вачІун вуго дун, гьанжего гьеб цІа рекІун бугебани кигІанха дие бокьилеб букІараб! |
|
| 50 |
|
| Дица гІор бахине ккола. КигІан кІудияб ургъелха дида чІван бугеб, кидадай гьеб тІубалаян. |
|
| 51 |
|
| Ракьалде рекъелги босун дун вачІаравиланищ нужеда кколеб бугеб? Гурилан абулеб буго дица, рикьи ккезабизе вачІун вуго дун. |
|
| 52 |
|
| Гьанжеялдаса нахъе, цо хъизаналда щуго чи вугони, гьезул рикьи кьела: лъабгояв кІигоясда данде вукІина, кІигояв лъабгоясда данде вукІина. |
|
| 53 |
|
| Гьединабго рикьи ккун, эмен васасда дандечІела, вас инсуда дандечІела; эбел ясалда дандечІела, яс эбелалда дандечІела; якьад нусалда дандечІела, нус якьадалда дандечІела. |
|
| 54 |
|
| ГІисаца халкъалде хитІаб гьабун абуна: — БакътІерхьудасан накІкІул парча баккани, цІцІадае бугилан абула нужеца. Гьеб къоялъ цІцІадги бала. |
|
| 55 |
|
| Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо. |
|
| 56 |
|
| Ле, гьересишайихзаби, зоб-ракьалъул хиса-басиялда хадур гІунтІула нуж, амма гьанже кинаб заман бугебали щайха нужеда лъалареб? |
|
| 57 |
|
| Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе? |
|
| 58 |
|
| Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила. |
|
| 59 |
|
| Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун. |
|
|
|
|