|
| 1 |
|
| Цо пуланаб шамат къоялъ ГІиса фарисеязул цо хІакимасухъе гьоболлъухъ ун вукІана. Гьес щиб гьабулебали хал ккун чІун рукІана гьенир. |
|
| 2 |
|
| Гьесда дандвитІун гІодов чІун вукІана лъадал къвачІа чорхолъ лъугьарав цо чи. |
|
| 3 |
|
| ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: — Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? |
|
| 4 |
|
| Гьел руцІцІун чІана. ГІисаца квер хъван сахлъизавуна гьев унтарав чи ва рокъове витІана. |
|
| 5 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Нужер лъилниги хІама яги оц гъуялъубе бортани, шамат къо бугониги, гьебсагІат къватІибе бахъиларищ нужеца гьеб? |
|
| 6 |
|
| Гьелда дагІба базе кІвечІо лъиданиги. |
|
| 7 |
|
| Кванде ахІарал гьалбал сурпаялда нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе церегІан къалел рихьидал, мисал бачун, бицана ГІисаца: |
|
| 8 |
|
| — Берталъе ахІараб мехалъ, бахІарасда аскІор гІодор чІоге нуж. Щайгурелъул гьенив гІодов чІезе ахІун ватизе бегьула дудасаги гьезие цевесев чи. |
|
| 9 |
|
| Мунги гьевги гьениве ахІарав бертадул бетІерас дуда аскІове вачІун, абила: «Гьав виччай гьенив гІодов чІезе», — ян. Цинги мунги инжитго вахъине ккела бищун нахъегІан бугеб бакІалда гІодов чІезе. |
|
| 10 |
|
| ВачІинахъего мун дова бищунго нахъа гІодов чІани, дуда аскІове вачІун бертадул бетІерас абила: «Гьаниве цевегІан вачІа, гьудул», — абун. Берталъ ругезда гьоркьоб дур къадру-къиматги борхила гьебмехалъ. |
|
| 11 |
|
| Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо. |
|
| 12 |
|
| Рукъалъул бетІергьанасдаги абуна ГІисаца: — Гьадинаб квана-гьекъей гьабулеб мехалъ, гьез мунги ахІиялде хьул лъун ва гьеб дуе бецІилилан ракІалде ккун, дурго гьудулзабиги, вацалги, гІагарал чагІиги, бечедал мадугьалзабиги ахІуге дуца кванде. |
|
| 13 |
|
| Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал. |
|
| 14 |
|
| Гьардарав гурищ мун, гьезда кІоларелъул гьеб дуе бецІизе. Гьеб дуе бецІила муъминзаби хваралъуса рахъинарулеб къиямасеб къоялъ. |
|
| 15 |
|
| Гьеб рагІидал, гьенир квана-гьекъолел рукІаразул цояс ГІисада абуна: — Гьардарав гурищ Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе вугев чи. |
|
| 16 |
|
| ГІисаца гьесие бицана: — КІудияб гьоболлъи гьабизе цо сордоялъ гІемерал гІадамал кванде ахІанила цо пуланав чияс. |
|
| 17 |
|
| Квен цебе лъураб мехалъ, гьес жиндирго рагьтІател витІанила гьел гІадамазда кваназе рачІайилан абизе. |
|
| 18 |
|
| Киназго цо чияс гІадин абунила жидее рачІине щолеб гьечІин, тІасалъугьайилан. Цояс абунила, жинца цо хур бичун босун бугин, гьеб бихьизе ине кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. |
|
| 19 |
|
| Цогидас абунила, жинца анцІго оц босун бугин, рекьарулищали гьел рукьалда разе кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. |
|
| 20 |
|
| Цогидасги абунила, жинца чІужу ячун йигин, жиндие вачІине щоларилан. |
|
| 21 |
|
| ТІадвуссун вачІун, рагьтІателас бицанила гьеб киналъулго хІакъалъулъ. Гьебмехалъ, дозда ццинги бахъун, рукъалъул бетІергьанас рагьтІателасда абунила: «Векере, шагьаралъул къватІазде ун, гьенив ватанщинав мискинав, гІажизав, бецав, рекъав чиги вачІун вачІа», — ян. |
|
| 22 |
|
| ТІадвуссун вачІун рагьтІателас абунила: «Дур амру тІубазабуна, бетІерчІахъад. Амма тІотІода нахъа жеги бакІ хутІун буго», — ян. |
|
| 23 |
|
| Нахъеги абунила гьес рагьтІателасда: «Дове нухде ун эхеве-эхеде уневщинав чиги вачун вачІа. Дуца гьаб дир рукъ кьабун цІезабе. |
|
| 24 |
|
| Амма лъан букІа дуда: дол дица гьоболлъухъ ахІун рукІаразул цонигияв кваназе гьечІо дир къавулъ». |
|
| 25 |
|
| ГІемерал гІадамал рукІана ГІисада цадахъ унел. Гьездехун вуссун, гьес абуна: |
|
| 26 |
|
| — Жиндирго эбел-инсудехун, лъимал-хъизаналдехун, яцал-вацаздехун, хІатта жиндирго гІумруялдехун рокьукълъи гьечІев чи дида аскІове вачІунев вугони, гьесухъа бажаруларо дир муридлъун вукІине. |
|
| 27 |
|
| Живго тІад вазе хъанчги баччун дида цадахъ вачІунев гьечІони, гьесухъаги бажаруларо дир муридлъун вукІине. |
|
| 28 |
|
| Нужеда гьоркьоса цо лъиениги бокьун бугони си базе, гІодовги чІун цин гьес хІисаб гьабиларищ гьеб бан лъугІизабизе гІураб сурсат бугищ жиндирали. |
|
| 29 |
|
| Гурони — кьучІги лъун, бачІого хутІила гьесул си. Гьебмехалъ гьесда тІад киналго релъанхъила, |
|
| 30 |
|
| си базе байги бихьун, гьеб лъугІизабизе кІвечІин абун. |
|
| 31 |
|
| Яги цогидав пачаясда данде рагъде вахъине къачІарав пачаяс, цин гІодовги чІун, пикру гьабизе ккеларищ къоазарго рагъухъан вугеб тушманасул бода данде анцІазарго чи вугеб жиндир бо багъун бажариладаян. |
|
| 32 |
|
| БажарунгутІи лъайдал, дов тушман рикІкІад вукІаго ритІизе ккола гьес рекъел гьарун жиндирго чапарзаби. |
|
| 33 |
|
| Гьедин нужеда гьоркьов вугев щивав чиясги жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичІони, гьесдаги кІоларо дир муридлъун вукІине. |
|
| 34 |
|
| ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? |
|
| 35 |
|
| Я ракь лъугьунаро гьелъул, я хурибе базе рак лъугьунаро. ГІодобе бала гьеб. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! |
|
|
|
|