|
| 1 |
|
| ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе. |
|
| 2 |
|
| Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. |
|
| 3 |
|
| Гьебмехалъ ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: |
|
| 4 |
|
| — Нусго чахъу бугеб рехъалъа цо чахъу камун батани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги букІаралъуб тун, гьеб тІагІараб чахъу батизегІан мегІер-гІалах тируларев чи вугищ нужеда гъорлъ? |
|
| 5 |
|
| Батараб мехалъ вохуца холаго гъежда лъун баччула гьес гьеб рокъобе. |
|
| 6 |
|
| Цинги гьес, гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьезда абула: «Дида цадахъ роха нужги, дирго билараб чахъу батана дида жакъа», — ян. |
|
| 7 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: гьединго зобалаздаги Аллагьасде вуссарав цо мунапикъ сабаблъун рохел цІикІкІун букІуна тавбу гьабизе кколарев ункъоялда анцІила ичІго муъминчи сабаблъуналдаса. |
|
| 8 |
|
| Яги жиндирго анцІго диргьамалъул цояб тІагІун бугони, чирахъги бакун, рокъоб киса-кибего гьеб балагьичІого толей чІужугІадан йикІунищ? |
|
| 9 |
|
| Батараб мехалъ, жиндирго гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьелъ абила: «Дида цадахъ роха нужги, дир билараб диргьам батун буго», — ян. |
|
| 10 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: гьединго Аллагьасул малаикзабиги рохула Аллагьасде вуссарав цо мунапикъасдаса. |
|
| 11 |
|
| Хадубги ГІисаца бицана: — Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. |
|
| 12 |
|
| ГьитІинав васас инсуда абун буго дур ирсалъул жиндие кколеб бутІа кьейилан. Инсуца гьебмехалъ кІиявго васасе ирс бикьун буго. |
|
| 13 |
|
| Чанго къоялдасан гьитІинав вас, жиндирго бутІаги босун, вахъун ун вуго рикІкІадаб улкаялде. Дова гьев цІакъ пучго, саяхъго хьвадун вуго, кодоб букІанщинаб гІарацги хвезабун буго. |
|
| 14 |
|
| Гьесухъа кинабго гІарац лъугІараб заманаялда, доб улкаялда кутакаб ракъи тІибитІун буго. Гьав васги кутакалда язихълъун вуго. |
|
| 15 |
|
| Ахирги доб улкаялъул цо чиясда цеве хІалтІизе лъугьун вуго. Досги гьев болъонал хьихьизе гІалахалде витІун вуго. |
|
| 16 |
|
| Болъоназе базе кьураб квен кванангІаги чехь цІезабизе хІаракат бахъулеб букІун буго гьес, амма гьебгицин биччалеб букІун гьечІо. |
|
| 17 |
|
| ГІакълуялде вачІун, гьес пикру гьабун буго: «Дир инсул къавулъги гІемер ругогури хІалтІухъаби? ГІунги тІокІаб чед буго гьезул. Дун гьанив вакъуца холев вуго. |
|
| 18 |
|
| Вахъун дирго инсуда аскІове ина ва гьесда абила: „Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, дир эмен. |
|
| 19 |
|
| ТІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, дур хІалтІухъанлъун восе“». |
|
| 20 |
|
| Вахъун ун вуго гьев жиндирго инсухъе. РикІкІадасанго вихьун вуго инсуда гьев вачІунев, гьесда гурхІун вуго эмен. Векерун данде ун, горбода къвал бан, къочарун вуго. |
|
| 21 |
|
| Васас гьесда абун буго: — Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, тІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун. |
|
| 22 |
|
| Инсуцайин абуни, жиндирго рагьтІателазда абун буго: — Бищунго лъикІаб ретІел босун рачІа хехго ва гьасда тІад ретІе, гьасул килщида баргъичги ххе, хІатІазда хьиталги ретІе. |
|
| 23 |
|
| МачІадалъе хьихьараб бечеги хъве: рохалил тІутІ лъезе бокьун бугин. |
|
| 24 |
|
| Щайгурелъул гьав дир вас хун вукІана, гьанже чІаголъун вуго, гьав вилун-тІагІун вукІана, гьанже ватун вуго. Кутакаб рохел-ихтилат гьабизе байбихьун буго гьез. |
|
| 25 |
|
| Гьев чиясул кІудияв вас хурив вукІун вуго гьебмехалъ. Рокъове вачІунаго, гьесда рагІун руго кочІолги кьурдулги бакънал. |
|
| 26 |
|
| АскІове ахІун цо рагьтІателасда гьикъун буго гьес гьалъул магІна щибилан. |
|
| 27 |
|
| Дур вац вачІун вугин, гьев сах-саламат ватиялдаса вохун, дур инсуца мачІадалъе хьихьараб бечеги хъвезабунин бицун буго. |
|
| 28 |
|
| Гьесул ццин бахъун буго, рокъове жаниве лъугьине къабуллъуларого вукІун вуго. КъватІиве вачІун, гьесие лъикІаб бицине лъугьун вуго эмен. |
|
| 29 |
|
| Инсуе жавабалъе гьес абун буго: — Гьалщинал соназ гьале дуе лагълъи гьабулев вуго дун, дуца хъвараб хІуччдаса таричІого. Дуца дие цо бурутІцин кьечІо, ахІун гьудулзабигун квана-гьекъей гьабизе. |
|
| 30 |
|
| Амма дур букІараб бечелъиги хъахІбабазда цадахъ квана-гьекъон лъугІизабун вачІарав гьав дур васасе дуца мачІадалъе хьихьараб бече хъвезабун буго. |
|
| 31 |
|
| Инсуца гьесда абун буго: — Я, дир вас! Мун кидаго дида цадахъ вуго, кинабго дир бугебщинабги дур буго. |
|
| 32 |
|
| Амма нилъеца рохалил бертин-той гьабизе ккола, гьав дур вац хун вукІун, гьанже чІаголъун вугелъул, вилун-тІагІун вукІун, гьанже ватун вугелъул. |
|
|
|
|