|
| 1 |
|
| Жиндирго муридазда ГІисаца бицана: — Цо бечедав чиясул вукІун вуго гьесул мал-мулкалъул тІалаб гьабун тарав хъулухъчи. |
|
| 2 |
|
| Жиндир мал-мулк чІунтизабулеб бугин гьесилан рагІидал, аскІове ахІун, гьесда абун буго: «Гьаб лъикІаб гуреб хабар щиб дур хІакъалъулъ дида рагІулеб бугеб? Гьанже дуца хъван кье дихъе тІаде бачІаралъулги харж гьабуралъулги сияхІ. ТІокІалъ дица мун гьеб хъулухъалда толаро», — ян. |
|
| 3 |
|
| Гьебмехалъ хъулухъчияс жинцаго жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила? Гьанже дун гьас хъулухъалдаса вахъулев вуго. Хур гьанкІизе дида кІоларо, гьардухъ ине дун намуслъула. |
|
| 4 |
|
| Гьа, дида лъала щиб гьабилебали. Гьес хъулухъалдаса вахъараб мехалъ цогидаз дун жидерго къавулъе вачунеб куц гьабила дица». |
|
| 5 |
|
| Гьес жиндирго хважаинасул налъулал батІа-батІаго ахІун руго жиндихъего. ТІоцеве ахІарасда гьикъун буго дир хважаинасе дуца кигІан кьезе бугебан. |
|
| 6 |
|
| Нусго рагІ зайтуналъул нахул кьезе бугилан гьес абидал, бахъун нахъе кьун буго налъи тІад хъвараб кагъат: «Хехго гІодов чІун цІидасан хъвай кІикъоялда анцІго букІанилан». |
|
| 7 |
|
| Цогидасда гьикъун буго дуца щиб кьезе бугебан. Нусго къали ролъул кьезе бугилан бициндал, гьесдаги абун буго: «Ма гьаб кагъатги нахъе босе, цІидасан хъвай ункъого букІанилан». |
|
| 8 |
|
| Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса. |
|
| 9 |
|
| Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи кьун, нужеца гьанир гьединал гьудулзаби ричун росе, боцІи-рикъзи гьечІого хутІараб мехалъ, абадияб рокъоре нужго къабул гьаризе. |
|
| 10 |
|
| ГьитІихІинаб божун тезе бегьулев чиясда кІудиялъулги божилъи гьабизе бегьула. ГьитІиналъулъ хІилла-макру гьабурас кІудиялъулъги рекІкІ гьабула. |
|
| 11 |
|
| Дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи божун тезе бегьуларел нужеде абадияб рукъалъул унго-унгояб хазинаялъул божилъи лъица гьабилеб? |
|
| 12 |
|
| Чияр боцІи божун тезе бегьуларел нужехъе, нужерабгоги лъица кьелеб? |
|
| 13 |
|
| Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе. Цояв гьесда рихина, цогидав вокьила. Яги цоясе гьес лагълъи ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе. |
|
| 14 |
|
| БоцІи-рикъзи хириял фарисеял, ГІисахъги гІенеккун, гьесда тІад релъанхъулел рукІана. |
|
| 15 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамаз нуж вализабилъун рикІкІуна, амма Аллагьасда лъалебха нужер рекІелъ бугеб жо. ГІадамазда цебе жиб тІадегІанаб, Аллагьасда цебе къабихІаб буго. |
|
| 16 |
|
| ЯхІяде щвезегІанги букІана диналъул къанун, рукІана аварагзабиги. Гьев вачІун хадуб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунеб буго. Щивас хІаракат бахъулеб буго хІалица гьенире рорчІизе. |
|
| 17 |
|
| Амма къануналъул цохІо хІарп бортизегІан, зобалги ракьалги тІагІун ина. |
|
| 18 |
|
| ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячаравщинав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. Росасдаса ятІалъарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола. |
|
| 19 |
|
| — Цо бечедав чи вукІун вуго. Гьес ретІунеб букІун буго дарай-зарбал. Щибаб къоялъ гьес гІуцІулеб букІун буго бечедаб квана-гьекъей. |
|
| 20 |
|
| ТІолабго черхалде чанхъ барав цо Лазар абун гьардухъанги вукІун вуго гьесул кавудул кІалтІа чІарав. |
|
| 21 |
|
| Бечедав чиясул сурпаялдаса хутІа-кІучараб квен-тІехгІаги щвелародайилан чІун вукІун вуго гьев гьенив. ТІадежоялъеги рекерун рачІун гьабзаз гьесул чанхъаз цІураб черхалда тІад мацІ бахъулеб букІун буго. |
|
| 22 |
|
| Гьале, хвана гьев пакъир, малаикзабаз гьев Ибрагьим аварагасда аскІове восун ана. Хвана дов бечедав чиги. Гьев хабалъ вукъана. |
|
| 23 |
|
| Гьале жужахІалъув квешаб гІазабалъулъ вугев гьев бечедав чиясда, берал рорхун валагьидал, рикІкІадасан вихьана Ибрагьим аварагги гьесда аскІов дов Лазарги. |
|
| 24 |
|
| Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар». |
|
| 25 |
|
| Ибрагьимица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца ракІалде щвезабе: дуниялалъул рокъоб дуе кинабго лъикІабщинаб щвана, Лазариейин абуни гьениб кинабго квешабщинаб щвана. Гьанже гьанив Лазар хІалхьун вуго, мун гІазабалъулъ вуго. |
|
| 26 |
|
| Гьав духъе кин витІилев, нилъеда гьоркьоб кІудияб кІкІал лъугьун бугелъул. Гьединлъидал гьаниса гьенирехун рачІине бокьаразе нух гьечІо ва гьениса гьанирехун рачІинеги бажаруларо». |
|
| 27 |
|
| Нахъеги дов чияс гьарун буго: «Гьедин батани, дир эмен, дуца Лазар витІе дир инсул рокъове. |
|
| 28 |
|
| Дова дир щуго вац вуго. Дозда цІодорго рукІаян абизе витІе. Гурони — гьелги рачІина гьаб гІазабалъул рокъоре». |
|
| 29 |
|
| Ибрагьимица абун буго: «Дозие Мусаги цогидал аварагзабиги руго. Гьезухъ гІенеккеян абе». |
|
| 30 |
|
| Дов бечедав чияс абун буго: «Я, дир эмен Ибрагьим, гІенеккуларо гьел! Амма цогІаги хварав чи дуниялалде тІадвуссун вачІани — кантІила, Аллагьасде руссина». |
|
| 31 |
|
| Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго гьесда: «Мусахъги цогидал аварагзабазухъги гІенеккуларел чагІи хваралъуса вахъун вачІарав чиясдаги божиларо», — ян. |
|
|
|
|