|
| 1 |
|
| Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Инсан мунагьалъукье ккезавулеб жо дуниялалда лъугьинчІого букІунаро, амма кІудияб балагьги гІазабги — гьеб босун вачІарав чиясе. |
|
| 2 |
|
| Дида божулезда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІазегІан, гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехани. |
|
| 3 |
|
| Ворегиха, нуж гьелдаса цІуне. Вацас дуе квешлъи гьабуни, гьесие бадибчІвай гьабе. Гьев рекІекълъани, тІасалъугьун те. |
|
| 4 |
|
| Къода жаниб анкьго нухалъ гьес дуе квешлъи гьабуниги, анкьабго нухалъ духъе вачІун, гьес жив рекІекълъанилан абуни, — тІасалъугьа гьесдаса. |
|
| 5 |
|
| Гьебмехалъ чапарзабаз ТІадегІанав ГІисада абуна: — Нижер рекІелъ божи цІикІкІинабе, — ян. |
|
| 6 |
|
| ТІадегІанав ГІисаца абуна: — Горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божигун нужеца гьаб инжиралъул гъотІода абуни, кьолболъа бахъун ун доба ралъдал бакьулъ чІаян, нужер амру гьелъ тІубазабилаан. |
|
| 7 |
|
| Нужер цонигиясул цо лагъ вугилан те. Гьев векьарун свакан хуриса яги рохьдодаса вачІун вугони, хехго кваназе гІодов чІаян абулищ гьесда? |
|
| 8 |
|
| Гьелъул гІаксалда, гьесда абуларищ хехго квен гьабеян ва дун квана-гьекъон вахъинегІан дие хъулухъалъе чІаян, цинги мунгоги квана-гьекъеян? |
|
| 9 |
|
| Гьеб амру тІубазабуралъухъ лагъасе баркала кьолебищ? |
|
| 10 |
|
| Гьедин гьабула нужецаги: нужее амру гьабурабщинаб тІубазабун хадуб, нужеца абула ниж ругин пайда гьечІел лагъзал, нижеда абураб гурони гьабичІин нижецаян. |
|
| 11 |
|
| Иерусалималдехун валагьун Самариялъулги Галилеялъулги гІорхъудасан унев вукІана ГІиса. |
|
| 12 |
|
| Цо росулъе щолаго, гьесда дандеккана барасалъ унтарав анцІго чи. РикІкІадегІан чІун, |
|
| 13 |
|
| гьез ахІулеб букІана: — Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! — ян. |
|
| 14 |
|
| Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна: — Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе. Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана. |
|
| 15 |
|
| Живго сахлъун вукІин бихьун, гьезул цояв, ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабулаго, тІадвуссун вачІана. |
|
| 16 |
|
| Цинги, ГІисал хІатІазда цеве накалдаги чІун, гьесие баркала кьуна. Гьевни Самариялдаса чи вукІана. |
|
| 17 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Нужер анцІавго сахлъичІевищ? Дов ичІавго кивеха арав? |
|
| 18 |
|
| Унго, гьав чияр чиясда гурони, дир ракьалдаса цониги чиясда ракІалде ккечІебищха Аллагьасе рецц гьабизе? |
|
| 19 |
|
| Цинги гьесда абуна: — Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун. |
|
| 20 |
|
| Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугебилан фарисеяз гьикъидал, ГІисаца абуна: |
|
| 21 |
|
| — Аллагьасул ПарччахІлъи гІадамазда бихьичІого бачІина. Лъицаниги абиларо гьеб гьале гьаниб бугилан, яги доле доба бугилан. Гьале гьаниб нужелъин бугеб Аллагьасул ПарччахІлъи. |
|
| 22 |
|
| Гьес жиндирго муридазда абуна: — ГІадамил Лъимер нужеда цадахъ вугеб цо къогІаги бихьизе нуж гІащикълъараб заман бачІина. Амма нужеда гьев вихьиларо. |
|
| 23 |
|
| Нужеда абила гьале гьанив вугин, яги дова вугилан. ГІенеккуге гьезухъ, унге гьезда хадур. |
|
| 24 |
|
| Зобалазул цояб рахъалдаса цоги рахъалде паркъун унеб пири гІадин вукІина ГІадамил Лъимер, гьев вачІараб къоялъ. |
|
| 25 |
|
| Амма цин гьес гІемераб гІазаб хІехьезе ккезе буго, ва гьаб умматалъ гьесдаса инкар гьабизе буго. |
|
| 26 |
|
| НухІ аварагасул заманаялъ ккараб гІадаб иш ккезе буго ГІадамил Лъимадул заманаялъги. |
|
| 27 |
|
| Квана-гьекъолел рукІана, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана гІадамал НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. Цинги тІупан тІуна ва тІолабго махлукъат лъадалъ гъанкъана. |
|
| 28 |
|
| Гьебго жо ккана ЛутІ аварагасул заманаялъги. Кваналел, гьекъолел, бичулел, хисулел, хурзал рекьулел, минаби ралел рукІана гІадамал ЛутІ авараг Содом шагьаралдаса къватІиве лъугьинегІан. |
|
| 29 |
|
| Цинги цІадулги чІабтІилги цІад бана зодисан, ва киналго хвана. |
|
| 30 |
|
| Гьедин букІине буго ГІадамил Лъимер загьирлъараб мехалъги. |
|
| 31 |
|
| Гьеб къоялъ тІохда вугев чи жиндирго къайи-къоноялда хадув гъоркье рещтІунгеян абе, хурив вугевги рокъоб хутІаралда хадув тІадвуссунгеян абе. |
|
| 32 |
|
| ЛутІ аварагасул чІужуялъул ккараб иш ракІалда чІезабе. |
|
| 33 |
|
| Жиндирго гІумру цІунизеян лъугьарав чи гьелдаса махІрумлъила; жиндирго гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. |
|
| 34 |
|
| Дица абулеб буго нужеда: гьеб сордоялъ цо боснор регун ругел кІигоязул цояв вачина, цогидав хутІила. |
|
| 35 |
|
| ГІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила. |
|
| 36 |
|
| [36-37] Муридаз ГІисада гьикъана: — Я, БетІерчІахъад! Киб гьеб букІине бугеб? — ан. Гьес жаваб гьабуна: — Жаназа бугеб бакІалде чудкал ракІарула, — ян. |
|
|
|
|