|
| 1 |
|
| Цинги ГІисаца жиндирго муридазда, мисал бачун, бицана Аллагьасда гьардезе ккеялъул ва хьул къотІизе бегьунгутІиялъул хІакъалъулъ хабар. |
|
| 2 |
|
| — Цо шагьаралда вукІун вуго Аллагьасукьаги хІинкъуларев гІадамазукьаги нечоларев цо къади. |
|
| 3 |
|
| Гьебго шагьаралда йикІун йиго цо къоролайги. Гьей щибаб къойил ячІуней йикІун йиго гьев къадиясухъе цо пуланав жиндир дагІбадуласдаса жий цІунеян. |
|
| 4 |
|
| Амма къади гІемераб мехалъ разилъун гьечІо. Ахирги цо къоялъ гьес пикру гьабун буго: «Я Аллагьасукьа хІинкъуларо дун, я гІадамазукьа нечоларо. |
|
| 5 |
|
| Амма гьадай къоролалъ дие рахІат толеб гьечІелъул, дица гьелъул къваригІел тІубан лъикІ, гурони — гьелъ, нахъаса къотІичІого гьание хьвадун, дир бетІер сверизабила». |
|
| 6 |
|
| Бихьулищ Аллагь рикІкІунарев къадиясулгицин ккараб пикру? — ян абуна ГІисаца гьезда. — |
|
| 7 |
|
| Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев? |
|
| 8 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: гьес гьел хеккого цІунила. Амма ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, божи-иман батиладай гьесда гьаб ракьалда? |
|
| 9 |
|
| Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар: |
|
| 10 |
|
| — Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги. |
|
| 11 |
|
| Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. |
|
| 12 |
|
| Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». |
|
| 13 |
|
| Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» — абун. |
|
| 14 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо. |
|
| 15 |
|
| ГІисинал лъималги рачун рачІунаан ГІисахъе, гьезда тІад квер бахъеян гьарун. Муридазда гьеб бихьидал, гьез гьел риччалел рукІинчІо. |
|
| 16 |
|
| Амма ГІисаца, лъималги аскІоре ахІун, муридазда абуна: — Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб! |
|
| 17 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо. |
|
| 18 |
|
| Цо кІудияв хІакимас ГІисада гьикъана: — Я, лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб? |
|
| 19 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони! |
|
| 20 |
|
| Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «зина гьабуге», «чи чІваге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». |
|
| 21 |
|
| Гьес ГІисада абуна: — ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял. |
|
| 22 |
|
| ГІисаца абуна: — Цо жо буго дуе камун. Дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине. |
|
| 23 |
|
| Гьеб рагІидал, дов чи цІакъ пашманлъана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. |
|
| 24 |
|
| Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: — Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъулеб куц! |
|
| 25 |
|
| РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. |
|
| 26 |
|
| Гьесухъ гІенеккун рукІараз гьикъана ГІисада: — Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха? |
|
| 27 |
|
| Гьес жаваб кьуна: — Инсанасда кІоларебги Аллагьасда кІола, — ян. |
|
| 28 |
|
| Пётрица абуна: — Гьале нижерго бугебщинабги рехун тун, ниж дуда хадур рилълъана... |
|
| 29 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло мина-рукъги, лъимал-хъизанги, вацал-яцалги, эбел-эменги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо, |
|
| 30 |
|
| гьелъухъ гьаб заманаялда гІемерго цІикІкІараб шапакъат щвечІого, ва ахираталъул рокъоб абадияб гІумру насиблъичІого. |
|
| 31 |
|
| Жиндирго анцІила кІиявго муридги аскІове ахІун, ГІисаца абуна: — Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. ГІадамил Лъимадул хІакъалъулъ цебеккунго Аллагьас аварагзабазда лъазабун букІараб хІукму тІубала гьениб. |
|
| 32 |
|
| Гьев цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела, гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, |
|
| 33 |
|
| вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила. |
|
| 34 |
|
| Амма гьезда щибниги бичІчІичІо. Гьел рагІабазул магІна босизе бажаричІо гьезухъа. Сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали лъачІо гьезда. |
|
| 35 |
|
| Иерихон шагьаралде щолаго, цо бецав чи ватана нухлул ракьанда кІусун гьарделев. |
|
| 36 |
|
| ГІадамазул руккел аскІосан унеб рагІидал, щиб ккарабилан гьикъана гьес. |
|
| 37 |
|
| Гьесда бицана Назареталдаса ГІиса вугин гьанисан вачІунев. |
|
| 38 |
|
| Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана: — Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! |
|
| 39 |
|
| Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана: — Я, Давудил вас! ГурхІа дида! — ян. |
|
| 40 |
|
| Гьенив лъалхъун, ГІисаца абуна гьев жинда аскІове вачеян. |
|
| 41 |
|
| — Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? — абун гьикъана гьесда ГІисаца. Дос абуна: — Я, БетІерчІахъад! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго! |
|
| 42 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. |
|
| 43 |
|
| ГьебсагІат канлъи бихьун, ГІисада цадахъ вилълъана гьев, Аллагьасе реццги гьабулаго. Гьеб бихьун, киналго гІадамалги Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана. |
|
|
|
|