|
| 1 |
|
| Иерихон шагьаралда жанисан унев вукІана ГІиса. |
|
| 2 |
|
| Магъало бакІарулел чагІазул бетІерлъун тІамурав Закай абулев цо бечедав чи вукІана. |
|
| 3 |
|
| Гьесул гъира букІана ГІиса кинав чи вугевали лъазе, гьев вихьизе. Амма халкъалъул руккалида гъорлъ ГІиса вихьизе бажарулеб букІинчІо, — къокъав чи вукІана Закай. |
|
| 4 |
|
| ЦевегІанги векерун цо инжиралъул гъотІотІе вахана гьев: гьенисан ине кколаан ГІиса. |
|
| 5 |
|
| Гьеб гъотІокье щведал, ГІиса эхеде валагьана ва Закайида абуна: — Закай, хехго рокъове а: жакъа дун духъ гьоболлъухъ рещтІине ккола. |
|
| 6 |
|
| Хехго гъотІодаса гъоркьеги лъугьун, вохуца холаго къабул гьавуна гьес ГІиса. |
|
| 7 |
|
| Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан. |
|
| 8 |
|
| Вахъун Закайица ТІадегІанав ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьале дирго бечелъиялъул бащдаб дица мискин-пакъирасе садакъаде кьела ва, дица гуккарав чи ватани, гьебги ункъиде бахинабун бецІила. |
|
| 9 |
|
| ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Жакъа гьаб рокъобе хвасарлъи бачІана, гьавги Ибрагьимил вас вугелъул. |
|
| 10 |
|
| Рилун ругелазда хадув, гьел ралагьизейин ва гьел хвасар гьаризегийин, вачІун вугев ГІадамил Лъимер. |
|
| 11 |
|
| Гьес рицунел харбазухъ гІенеккун рукІарал гІадамазе цоги мисал бачана ГІисаца. Гьев Иерусалималде щолев вукІиндал ва гьел Аллагьасул ПарччахІлъи хеккого бачІинилан божун рукІиндал, |
|
| 12 |
|
| гьес бицана: — ЛъикІаб наслу-тухумалъул цо пуланав чи чияр улкаялде ун вуго гьенив ханлъун чІезе, цинги нахъвуссун жиндирго халкъалъулги ханлъун лъугьине. |
|
| 13 |
|
| Жиндирго анцІго рагьтІателги ахІун, щивасухъе цо-цо меседил гъурущ кьун буго, жив тІадвуссинегІан гьеб жиндие пайда-хайиралъе хІалтІизабеянги абун. |
|
| 14 |
|
| Амма жиндирго улкаялъул гІадамазе гьев вокьулев вукІун гьечІо. Гьесда хадурго чапарзаби ритІун руго гьез доб улкаялде, гьев чи жидер ханлъун вукІине жал рази гьечІилан лъазабизе. |
|
| 15 |
|
| Доб улкаялда ханлъиги щун тІадвуссараб мехалъ, гьес амру гьабун буго жинцаго месед кьурал дол рагьтІателал ахІейилан, лъица кигІанасеб пайда-хайир доб меседалдаса жиндие щвезабун бугебали лъазе. |
|
| 16 |
|
| ВачІун цо рагьтІателас абунила: «Я, бетІерчІахъад, дуца кьураб меседалдаса анцІго месед хайирлъана», — ян. |
|
| 17 |
|
| «ГьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе кІудияб ритІухълъи бихьизабуна, дир лъикІав рагьтІател. АнцІго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго дица мун», — ан абун буго ханас гьесда. |
|
| 18 |
|
| ВачІун цогидав рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, доб цо меседалдаса щуго месед хайирлъана», — ян. |
|
| 19 |
|
| Гьесдаги ханас абун буго: «Мунги дица щуго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго», — ян. |
|
| 20 |
|
| ВачІун лъабабилев рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гьале дур месед. КвербацІцІалда гьоркьоб лъун цІунун букІана дица гьаб. |
|
| 21 |
|
| Дуцаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дуцаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи мун вугелъул, хІинкъана дун гьелда хъвазе». |
|
| 22 |
|
| «ГІай, макирав рагьтІател! Гьел дуца абурал рагІаби сабаблъун тамихІ гьабулеб буго дица дуе. Дуда лъалеб букІун бугоха дицаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дицаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи дун вукІин. |
|
| 23 |
|
| Щай дуца дир месед хайиралъе хІалтІизабичІеб, жакъа тІадвуссараб мехалъ хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе?» — ян абун буго ханас гьесда. |
|
| 24 |
|
| АскІор рукІараздаги абун буго ханас, гьесухъаги босун, гъоб месед анцІго месед бугесухъе кьейилан. |
|
| 25 |
|
| Гьез гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гъосухъ гьадинги анцІго месед бугогури», — ян. |
|
| 26 |
|
| «Дица нужеда абулеб буго: кодолъи бугевщинасе кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. |
|
| 27 |
|
| Дун жидер ханлъун ккезе бокьун букІинчІел дол дир тушбабийин абуни, гьанире дида цереги рачун, чІвай!» |
|
| 28 |
|
| Гьеб хабарги бицун, ГІиса Иерусалималдехун валагьун ана. |
|
| 29 |
|
| Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна: |
|
| 30 |
|
| — Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. |
|
| 31 |
|
| Щай гьеб бачунебан абулев чи ккани, ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин абе. |
|
| 32 |
|
| Гьедин ритІун аразда, ГІисаца абухъе, гьениб батана кІудияб кІерт. |
|
| 33 |
|
| Гьеб рухьадаса бичулеб бихьараб мехалъ, гьелъул бетІергьабаз гьазда гьикъана щай гьеб бичулеб бугебилан. |
|
| 34 |
|
| ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугилан жаваб кьуна гьаз. |
|
| 35 |
|
| КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана жидерго партал ва гьез гьев кІартида рекІинавуна. |
|
| 36 |
|
| Гьев унеб нухда, тІаса бахъун, жидерго ретІел тІибитІулеб букІана гІадамаз. |
|
| 37 |
|
| Зайтуналъул магІардаса гІодоре лъугьунеб бакІалде гІагарлъидал, цадахъ рукІарал тІолалго муридал роха-хинлъун ва ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана, гьес рихьизарурал мугІжизатазухъ. |
|
| 38 |
|
| Гьез турки ахІулеб букІана: — БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги! Зобалазда рекъел букІаги! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! |
|
| 39 |
|
| Халкъалъул руккалилъ рукІарал цо-цо фарисеяз абуна ГІисада: — Я, НасихІатчи! РуцІцІун чІезаре гьал дурго муридал! |
|
| 40 |
|
| ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дица нужеда абулеб буго: гьел руцІцІун чІани, ганчІал ахІдела. |
|
| 41 |
|
| Иерусалим бихьулеб бакІалде щведал, гІодана ГІиса. Шагьаралъухъ магІу гьабун, |
|
| 42 |
|
| гьес абуна: — Жакъа, гьаб къоялъгІаги, лъалебаниха дуда дур саламалъиялъе щиб къваригІунебали! Гьанжего дур беразда гьеб бихьизе рес гьечІо. |
|
| 43 |
|
| Дуде цо къо бачІина, чІахІиял хъулбиги ран, тушбабаз кисанго мун данде къан сверун ккураб. |
|
| 44 |
|
| Ракь лъугьинабила дур Ва дур гІадамазулги. ГанчІида лъураб гамачІ хутІиларо кибниги. Щайгурелъул Аллагьас Дуй хвасарлъи битІараб Заман дуда лъачІелъул. |
|
| 45 |
|
| Цинги Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, гьенир ричарулел рукІаралги босулел рукІаралги гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса. |
|
| 46 |
|
| Гьес гьезда абуна: — ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ» абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго. |
|
| 47 |
|
| ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. |
|
| 48 |
|
| Гьезда гьабизе кІолеб жоги букІинчІо, тІолабго халкъ ГІисада сверухъ гъункун, гьесухъ гІенеккун букІиндал. |
|
|
|
|