Библия Инжил Магӏарул 2008
|
| 1 |
| Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалде бечедал чагІаз гІемераб гІарац рехулеб бихьана ГІисада. |
| 2 |
| Бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац гьенибе рехулей цо мискинай къоролайги йихьана гьесда. |
| 3 |
| ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьай мискинай къоролалъ киназдасаго цІикІкІун гІарац кьуна садакъаде. |
| 4 |
| Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни, жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб. |
| 5 |
| Мукъадасаб Рукъалъул хІакъалъулъ цо-цояз абулеб букІана, унго, гьалъул къадазулъ лъун ругел ганчІазул берцинлъи бихьуларищилан, бечедал сайигъатаз гьаб чІухІизабун бугеб куцилан. ГІисаца абуна: |
| 6 |
| — Гьаб кинабго нужеда бихьулебщинаб, ганчІида лъураб гамачІ хутІичІого, кІалагъоркье чІварал къоял рачІине руго. |
| 7 |
| — Я, МугІалим! Кида гьеб букІине бугеб? — ан гьикъана гьез гьесда. — Гьеб къо тІаде щвеялъул гІаламат бице нижеда. |
| 8 |
| ГІисаца абуна: — Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж. |
| 9 |
| Рагъ-кьалги тунка-гІусиги гІемерлъун бугилан рагІани, гьелдасаги хІинкъуге нуж. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, амма ахирзаман гьедигІан хехго тІаде щоларо. |
| 10 |
| Цинги гьес абуна: — Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. |
| 11 |
| Кутакалда ракь багъарила, бакІ-бакІалда унта-щокълъи баккила, ракъи тІаде щвела, балагьал рещтІина ва зобалаздасан чІахІиял гІаламатал загьирлъила. |
| 12 |
| Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила. |
| 13 |
| Гьебмехалъ рес ккела нужее, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. |
| 14 |
| Кин гьезие жаваб кьелебали цебеккунго ургъел чІвазе кколареблъиялда ракІчІезабе нужеца. |
| 15 |
| Щаян абуни, нужеда дандечІезе ва данде кІалъазе нужер киналго дагІбадулазухъа бажарулареб пасихІлъиги гІакъиллъиги кьела дица нужее. |
| 16 |
| Нужее хилиплъила хІатта нужер эбел-эмен ва вацал, нужер гІагарал чагІи ва гьудулзаби. Цо-цоял чІвазеги чІвала нужер. |
| 17 |
| Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. |
| 18 |
| Амма нужер бутІруздаса цо расги бортизе гьечІебха. |
| 19 |
| Нужерго сабруялдалъун нужерго рухІал хвасар гьаре. |
| 20 |
| Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин. |
| 21 |
| Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе. |
| 22 |
| Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб. |
| 23 |
| Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде! |
| 24 |
| Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим. |
| 25 |
| Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина. |
| 26 |
| Дуниялалде рещтІине ругел балагьазухъ ралагьун чІеялъги хІинкъиялъги гІадамал гІакълуялдаса ина. Щаян абуни, къвакІарал зобал гьаргьадизе ругелъул. |
| 27 |
| Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев. |
| 28 |
| Гьел гІаламатал загьирлъаралго, нуж тІаде рахъа ва бетІер эхеде борхун ралагье — нужее тархъанлъилъидал бачІунеб бугеб. |
| 29 |
| ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: — Инжиралъул гъотІохъ яги цогидал гъутІбузухъ ралагье нуж. |
| 30 |
| Гьел гъутІби гІурччинлъун рихьараб мехалъ, нужеда лъалагури рии тІаде щолеб букІин. |
| 31 |
| Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъулеб букІин. |
| 32 |
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. |
| 33 |
| Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго. |
| 34 |
| Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин. |
| 35 |
| Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде! |
| 36 |
| Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа. |
| 37 |
| Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан. |
| 38 |
| Щибаб къоялъ радалго бачІунаан Мукъадасаб Рокъобе гьесухъ гІенеккизе халкъ. |
|
| Сохранить Заметки |
https://beblia.bible:81/BibleAudio/avar/luke/021.mp3
24
21