|
| 1 |
|
| Жинда Пасхаян цІар лъураб РеччичІел Панкъазул Байрам гІагарлъулеб букІана. |
|
| 2 |
|
| ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел. |
|
| 3 |
|
| Дов анцІила кІигоясул цояв, Искариотин тІокІцІар бугев Ягьудал рекІелъе илбис лъугьана. |
|
| 4 |
|
| ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи -къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе. |
|
| 5 |
|
| Гьел рохана ва гьесие гІарац кьезе къотІи гьабуна. |
|
| 6 |
|
| Ягьуда гьелда разилъана. Цинги гьес балагьулеб букІана гІадамал гьечІеб бакІалда ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб заман. |
|
| 7 |
|
| РеччичІел панкъал режулеб ва къурбаналъе пасхаялъул кьегІер хъолеб къо тІаде щвана. |
|
| 8 |
|
| ГІисаца Пётридаги Иоаннидаги абуна, нилъеего пасхаялъул квен хІадур гьабизе аян. |
|
| 9 |
|
| Киб нижеца гьеб гьабизе дуе бокьун бугебилан гьикъана гьез ГІисада. |
|
| 10 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Балагьея, шагьаралде жанире лъугьараб мехалъ, лъадал гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Гьев жаниве лъугьараб рокъоре а нужги гьесда хадур. |
|
| 11 |
|
| Цинги нужеца рукъалъул бетІергьанасда абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ пасхаялъул квание рукъ киб бугебали». |
|
| 12 |
|
| Гьес нужеда бихьизабила цо гІатІидаб къачІараб тІасарукъ. Гьеле гьениб хІадуре нужеца квен. |
|
| 13 |
|
| Шагьаралде щведал, ГІисаца абухъе тІубана гьез иш. Цинги пасхаялъул квенги хІадур гьабуна. |
|
| 14 |
|
| Къаси кванил ригь щвараб мехалъ, вачІун ГІиса кваназе гІодов чІана, гьесда аскІов вукІана анцІила кІиявго чапарги. |
|
| 15 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Дица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелалде гьаб Пасхаялъул квен нужеда цадахъ кваназе цІакъ гІащикълъун вукІана дун. |
|
| 16 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъиялда ахирисеб пасхаялъул байрам тІобитІизегІан тІокІаб кваназе гьечІо дица гьеб. |
|
| 17 |
|
| Цинги гьес, чагъиралъул цІураб щурунги босун, тІаде дугІаги гьабун, абуна: — Ма, нужедаго гьоркьоб бикье гьаб. |
|
| 18 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІинегІан гьанжеялдаса нахъе тІокІаб гьекъезе гьечІо дица гьаб цІолбол цІцІураб жа. |
|
| 19 |
|
| Цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, гьезухъе кьолаго ГІисаца абуна: — Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин. |
|
| 20 |
|
| Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, ГІисаца абуна: — Гьаб буго нужее гІоло тІолеб дир би — ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. |
|
| 21 |
|
| Амма дида цадахъ гьаб кванде квер бегьана дие хилиплъизе вугев чиясги. |
|
| 22 |
|
| Гьедин ГІадамил Лъимер жиндирго къадаралде щвела, амма гьесие хилиплъарасдеги балагь бачІина. |
|
| 23 |
|
| Гьел цоцаздехун гаргадизе лъугьана: щивдай гьевилан, лъицадай гьеб гьабизехъин бугебилан. |
|
| 24 |
|
| Цоги гьезда гьоркьоб дагІба-къец ккана жидеда гьоркьов бищунго кІудиявлъун щивдай кколаян. |
|
| 25 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ПарччахІзабаз халкъазе ханлъи гьабула, гІадамазги гьел кверщелчагІи рикІкІуна лъикІлъи гьабулел чагІилъун. |
|
| 26 |
|
| Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо: нужер бищунго кІудияв чІа бищунго гьитІинав вугев гІадин, кверщел бугевги чІа цогидазе хъулухъалъе. |
|
| 27 |
|
| Щив кІудиявлъун рикІкІунев: кваналев вугев чийищ яги кваналезе хъулухъалъе чІарав чийищ? Кваналев вугев чи гурищ? Гьале дун гьанив нужее хъулухъалъе чІун вуго. |
|
| 28 |
|
| Нужни дида цадахъ къо хІехьарал чагІи руго. |
|
| 29 |
|
| Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго. |
|
| 30 |
|
| Дир ПарччахІлъиялда нужги дида цадахъ квана-гьекъолел рукІине руго ва Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе тахазда тІад гІодорги чІезе руго. |
|
| 31 |
|
| Симон! Симон! Ворегиха! Илбисалъ гьарана нуж цІалкІизе риччайилан, цІалкІица кколелги кколарелги ролъул мугьал ратІа гьарулеб гІадин. |
|
| 32 |
|
| Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе. |
|
| 33 |
|
| Пётрица гьесда абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дуда цадахъ туснахъалде инеги хвезеги хІадурав вуго дун. |
|
| 34 |
|
| Амма ГІисаца гьесда абуна: — Дица дуда абулеб буго, Пётр: радакье хІелеко бахъиналде дуца лъабцІулго абила дун дуда лъаларилан. |
|
| 35 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Я гІарац лъун таргьа босичІого, я къайи лъун къвачІа босичІого, я хисун ретІине хьитал росичІого дица нуж ритІараб мехалъ, сундулниги къварилъи букІанищ нужее? БукІинчІилан жаваб кьуна гьез. |
|
| 36 |
|
| Гьес гьезда абуна: — Гьанже гІарцул таргьа бугес гьебги цадахъ босе, гьединго къвачІаги босе. Хвалчен гьечІес, чухъа-гужгатги бичун, гьеб босизе санагІат гьабе. |
|
| 37 |
|
| Дица нужеда абулеб буго: «Гьев такъсирчилъун рикІкІина», — ян Илагьиял ТІухьдузда дир хІакъалъулъ хъван букІарабги тІубазе буго, дир рахъалъ букІараб кинабго гьанже тІубазехъин бугелъул. |
|
| 38 |
|
| — Я, БетІерчІахъад! Гьале, кІиго хвалчен буго гьаниб, — ан абуна гьез. — ГІела, — ян абуна ГІисаца гьезда. |
|
| 39 |
|
| Цинги гьениса къватІиве вахъун, кидаго гІадин, Зайтуналъул магІарде ана гьев, муридалги рахъана гьесда хадур. |
|
| 40 |
|
| Доре щведал, ГІисаца гьезда абуна: — Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. |
|
| 41 |
|
| Рехараб гамачІ щолеб манзилалъ гьездаса рикІкІадегІанги ун, суждаялдаги чІун, дугІа гьабизе лъугьана ГІиса. |
|
| 42 |
|
| Гьес абулеб букІана: — Я, дир Эмен, дур хІукму бугеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте. |
|
| 43 |
|
| [43-44] |
|
| 44 |
|
|
|
| 45 |
|
| ДугІаги лъугІизабун, муридазда аскІове щведал, пашманлъиялъ тату хун, кьижун ратана ГІисада гьел. |
|
| 46 |
|
| — Щай нуж кьижарал? — ан абуна гьес. — ТІаде рахъа ва гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. |
|
| 47 |
|
| ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана гІемераб халкъ, ва цеве-цеве вукІана дол анцІила кІигояздасан цояв Ягьуда абулев чиги. ГІисада убач гьабизе аскІовегІан вачІана гьев. |
|
| 48 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Ягьуда! Убачги гьабунищ дуца ГІадамил Лъимер тушбабазухъе кьолев вугев? |
|
| 49 |
|
| Гьениб ккезехъин бугеб иш бихьидал, сверухъ рукІараз ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад! Хвалчаби рахъилищ? — ан. |
|
| 50 |
|
| Гьезул цояс хвалчен кьабун кІудияв кашишасул цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. |
|
| 51 |
|
| — ГІела! Те! — ян абуна гьезда ГІисаца ва, квер хъван, дов рагьтІателасул гІин сахлъизабуна. |
|
| 52 |
|
| Жинда хадур рачІарал чІахІиял кашишзабаздаги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги, чІухІби-хІакимзабаздаги ГІисаца абуна: — Хвалчабигун, тІилалгун, хъачагъ кквезе рачІунел кинигин, рачІун руго нуж дун вачине. |
|
| 53 |
|
| Щибаб къоялъ нужеда цеве Мукъадасав Рокъов вукІунаангури дун, гьениб диде квер борхичІо нужеца. Амма гьанже нужер заман бачІун буго, бецІаб къуваталъухъе кверщел щун буго. |
|
| 54 |
|
| Ккун вачун гьез ГІиса кІудияв кашишасул бакІалде щвезавуна. Нахъа-нахъа чІун гьезда хадув вачІунев вукІана Пётрги. |
|
| 55 |
|
| Гьеб минаялъул азбар бакьулъ цІаги бакун, сверухъ гІодор чІана рагъухъаби. Гьезда гьоркьов Пётрги вукІана. |
|
| 56 |
|
| ЦІадухъ гьев вихьидал, гьесухъ ялагьунги чІун, цо гъаравашалъ абуна гьавги досда цадахъ вукІанилан. |
|
| 57 |
|
| Пётрица, нагІадала ккун, абуна: — Дида лъаларо, яц, гьев. |
|
| 58 |
|
| Гьелдаса гІемер мех иналдего, цоги чиясги абуна, гьев вихьидал, мунги дозул чи вугилан. Пётрица абуна: — Гуро, гьудул. |
|
| 59 |
|
| СагІатгІан заман индал, цоги чияс цІакъ ракІчІун абуна: — Гьав хІакъикъаталдаги досда цадахъ вукІарав чи вуго, Галилеялдасалъидалха гьавги, — ян. |
|
| 60 |
|
| Амма Пётрица абуна: — Дуца бицунеб жо щиб, гьудул? ГьебсагІат хІелеко гІегІедизе лъугьана. |
|
| 61 |
|
| Гьебмехалъ гьесдехун вуссун Пётрихъ валагьана ТІадегІанав ГІиса, ва Пётрида ракІалде щвана хІелеко бахъиналде лъабцІул дуца жиндаса инкар гьабилилан ТІадегІанав ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. |
|
| 62 |
|
| КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр. |
|
| 63 |
|
| ГІиса цІунун рукІарал гІадамаз гьев къабихІ гьавулев вукІана, гьесда кьабулеб букІана. |
|
| 64 |
|
| Беразда чІортоги бухьун абулаан, мун авараг ватани, лъица кьабурабали бицейилан. |
|
| 65 |
|
| Цогидалги къабихІал-инжитал рагІаби гІемер абуна ГІисада гьез. |
|
| 66 |
|
| Дуниял рогьараб мехалъ, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, кІудиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги данделъана гьенире, ГІисаги вачун вачІана суд гьабулеб рокъове. |
|
| 67 |
|
| — Бице, мун МасихІищ? — ан гьикъана ГІисада. |
|
| 68 |
|
| Гьес абуна: — Дица жаваб кьуниги, нуж божиларо. Дица суал кьуни, нужеца жавабги кьеларо. |
|
| 69 |
|
| Гьанжеялдаса нахъе ГІадамил Лъимер гІодов чІезе вуго Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда. |
|
| 70 |
|
| Киназго гьикъана: — Гьедин батани, мун Аллагьасул Васищха? ГІисаца гьезда абуна: — Нужецаго абулеб бугогури дун гьев вугилан. |
|
| 71 |
|
| Гьез абуна: — Цоги нугІзал щай нилъее. Гьасул жиндирго кІалдисан рачІарал рагІаби рагІанагури нилъеда. |
|
|
|
|