|
| 1 |
|
| Гьел киналго, ГІисаги вачун, рахъун Пилатихъе ана. |
|
| 2 |
|
| Гьениб гьез ГІисаде гІайиб гІунтІизабулеб букІана, жидер халкъ дандечІеялде гьусулев ва къайсарасе магъало кьогеянги жив МасихІ -ПарччахІ вугиланги абулев ватанин гьевилан. |
|
| 3 |
|
| Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин. |
|
| 4 |
|
| ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан. |
|
| 5 |
|
| Амма гьез тІаса ричІичІого абулеб букІана гьес халкъ багъа-бачаризабулеб бугин, тІолабго Ягьудиялдаго, хІатта Галилеялдаса бахъараб гьанибе щвезегІан, гьес жиндирго насихІат гьабулеб букІанин. |
|
| 6 |
|
| Галилеялъул цІар бахъулеб рагІидал, Пилатица гьикъана Галилеялдасацин гурищ гьав чийилан. |
|
| 7 |
|
| Гьеродил вилаяталдаса вукІин лъайдал, Пилатица ГІиса витІана гьел къоязда Иерусалималде вачІун вукІарав Гьеродихъе. |
|
| 8 |
|
| ГІиса вихьаравго, Гьерод цІакъ вохана. Цебего бокьун букІана гьесие ГІиса вихьизе, гІемерал харбал рагІулел рукІиндалха гьесул хІакъалъулъ. Цо хІикмат жиндаги бихьизабилародаян хьулги букІана Гьеродил. |
|
| 9 |
|
| Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо. |
|
| 10 |
|
| Гьенир рахъун чІун чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги гІасилъун-ццидахун ГІисаде гІайибал гІунтІизарулел рукІана. |
|
| 11 |
|
| Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана. |
|
| 12 |
|
| Цебеккун цоцазда гьоркьоб тушманлъи букІарал Гьеродги Пилатги гьеб къоялдаса нахъе гьудулзабилъун лъугьана. |
|
| 13 |
|
| ЧІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, цогидал гІадамалги ахІун, Пилатица гьезда абуна: |
|
| 14 |
|
| — Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. |
|
| 15 |
|
| Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо. |
|
| 16 |
|
| ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав. |
|
| 17 |
|
| [17-18] Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: — Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! — ян. |
|
| 18 |
|
|
|
| 19 |
|
| Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. |
|
| 20 |
|
| ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат. |
|
| 21 |
|
| Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! — ян. |
|
| 22 |
|
| Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: — Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. |
|
| 23 |
|
| Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. |
|
| 24 |
|
| Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе: |
|
| 25 |
|
| питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна. |
|
| 26 |
|
| Гьев вачун унаго, гьесда хадуб хъанч баччизабуна хуриса вачІунев вукІун данде ккарав Киренеялдаса цо Симон абулев чиясда. |
|
| 27 |
|
| ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел. |
|
| 28 |
|
| Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ. |
|
| 29 |
|
| «Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» — ан нужеца абулел къоял рачІине руго. |
|
| 30 |
|
| ТІаде рортун ниж гъоркь ккезареян мугІрузда гьардела гІадамал гьебмехалъ, щущан ун ниж щинкІизареян гохІазда гьардела. |
|
| 31 |
|
| ГІурччинаб гъветІалъе гьадинал ишал гьарулел ругони, — бакъвараб гъотІое щибдай гьабила! |
|
| 32 |
|
| КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ тамихІалъе вачун унев. |
|
| 33 |
|
| «Гвангвара» абулеб бакІалде щведал, ГІиса хъанчида вана; цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда — дов кІиявго хъачагъги вана хъанчида. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Гьазда тІасалъугьа мун. Жидецаго гьабулеб бугеб жо гьазда лъалеб гьечІо, — ян. Рагъухъаби рукІана, можоро тІамун, гьасул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьулел. |
|
| 35 |
|
| Халкъ балагьун чІун букІана. ЧІухІби-хІакимзаби гьасда тІад релъанхъулел рукІана: — Аллагьас тІаса вищарав МасихІ вугев ватани, живго хвасар гьавеян абе, цогидал хвасар гьарулин досилан абулеб букІанин. |
|
| 36 |
|
| Рагъухъабазги гІад-хочІ гьавулев вукІана гьев. АскІоре ун, цІекІаб чагъир бегьулеб букІана гьесухъе. |
|
| 37 |
|
| — Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! — ян абулеб букІана. |
|
| 38 |
|
| «Гьав вуго жугьутІазул парччахІ» абун греказул, румазул ва жугьутІазул мацІалъ тІад хъвараб хъарщиги букІана гьесул бетІералда тІадехун хІобода чІван. |
|
| 39 |
|
| Гьесда цадахъ хъанчида варав цо хъачагъас ГІиса инжит-къабихІ гьавулев вукІана: — Мун МасихІ гурищ? Гьаха, мунгоги нижги хвасар гьаре, — ян. |
|
| 40 |
|
| Цогидав хъачагъас, досул кІал къазабун, абуна: — Мун АллагьасукьагІагийищ хІинкъуларев? Дуеги гьебго тамихІлъидал бугеб! |
|
| 41 |
|
| Нилъее тамихІ битІун гьабулеб буго, нилъеца гьабуралда рекъон къотІун бугелъул нилъее судги. Амма гьас щибго квешлъи гьабичІо. |
|
| 42 |
|
| ГІисадехун гьес абуна: — Я, ГІиса, ПарччахІлъун мун вачІараб мехалъ, дунги ракІалде щва дуда, — ян. |
|
| 43 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: жакъаго дида аскІов алжаналъувин мун вукІине вугев! |
|
| 44 |
|
| Къалъулеб гІужалда бакъ ккуна. Къалъудаса лъабго сагІат инегІан тІолабго дуниял бецІлъана. |
|
| 45 |
|
| Мукъадасаб Рукъалъул бищунго хирияб рокъоб бигъун букІараб пардав бакьулъа бихъун ана. |
|
| 46 |
|
| Цо гучаб гьаракь гьабун ахІана ГІисаца: — Я, дир Эмен! Дуда кодобе кьолеб буго дица дирго рухІ! Гьедин абун хадуб гьесул рухІ босун ана. |
|
| 47 |
|
| Гьеб бихьарав Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул нусилбетІерас, Аллагьасе рецц гьабун, абуна: — ХІакъикъаталдаги вацІцІадав чи вукІун вуго гьав. |
|
| 48 |
|
| Гьеб киналъухъго балагьизе бачІун букІараб тІолабго халкъги, гьениб ккараб жо бихьидал, бухулаго керенгун, тІадбуссун ана. |
|
| 49 |
|
| ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана. |
|
| 50 |
|
| [50-51] Гьале Ягьудиялъул Ариматея шагьаралдаса Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав Юсуп абулев цо лъикІав ва ритІухъав чи (тІадегІанаб судалда гьоркьове унев вукІаниги, гьев разилъун вукІинчІо гьелъ гьабураб хІукмуялдаги гьеб тІубазабиялдаги), — |
|
| 51 |
|
|
|
| 52 |
|
| Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. |
|
| 53 |
|
| Хъанчидаса бахъун, хІебтил мусрудулъги жемун, кьурулъ бикІун хІадурун букІараб жеги щивниги чи лъечІеб хабалазул нохъода букъула гьесул жаназа. |
|
| 54 |
|
| Гьеб букІана рузман къо, тІаде щолеб букІана шамат сордо. |
|
| 55 |
|
| Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги. |
|
| 56 |
|
| Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана. |
|
|
|
|