|
| 1 |
|
| Анкьил тІоцебесеб къоялъ, цІакъ цудунго рахъун ва цебеккунго хІадурун букІараб махІгьуинаб нахги босун, гьел руччаби ГІисал хабаде ана. |
|
| 2 |
|
| Нохъодул хобалъул кІалтІа букІараб гамачІ нахъе гиризабун батана гьезда. |
|
| 3 |
|
| Жанире лъугьиндал, ТІадегІанав ГІисал жаназаги батичІо. |
|
| 4 |
|
| Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи. |
|
| 5 |
|
| ХІинкъуца холаго, руччаби бутІрул гІодоре къулун чІедал, доз гьазда абуна: — Хваразда гьоркьов щай нужеца чІагояв чи валагьулев? |
|
| 6 |
|
| Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб: |
|
| 7 |
|
| ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги. |
|
| 8 |
|
| ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда. |
|
| 9 |
|
| Хабалалъа тІадруссун щведал, гьез гьеб хабар бицана ГІисал анцІила цо чапарасдаги ва киналго цогидал муридаздаги. |
|
| 10 |
|
| Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги — гьезин бицараб гьеб чапарзабазда. |
|
| 11 |
|
| Чапарзабазда ккана гьез гІантал жал рицунел ругилан, ва руччабазда гьал божичІо. |
|
| 12 |
|
| Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана. |
|
| 13 |
|
| Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе. |
|
| 14 |
|
| Кинабго лъугьа-бахъаралъул бицунеб букІана гьез. |
|
| 15 |
|
| Гаргадулел, дагІбадулел гьел рукІаго, вачІун ГІиса гьезда цадахъ вилълъине лъугьана. |
|
| 16 |
|
| Амма гьезда цебе пардав лъугьун букІана, гьединлъидал ГІиса гьезда лъачІо. |
|
| 17 |
|
| Гьес гьикъана гьезда: — Сундул бицунаго нуж рачІунел ругел? Пашманго рачІунел рукІарал гьел кІиялго лъалхъана. |
|
| 18 |
|
| Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: — Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи. |
|
| 19 |
|
| — Сундул хІакъалъулъ? — ан гьикъана гьес. — Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, — ан абуна гьез. — Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг. |
|
| 20 |
|
| Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана. |
|
| 21 |
|
| Вай, нижерни хьул букІана гьев Исраилил халкъ тархъан гьабизе вачІарав чи ватилилан. Амма гьелдалъун лъугІичІо иш: гьале лъабабилеб къо буго гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса. |
|
| 22 |
|
| Нижер цо-цо руччабаз бицараб хабаралъ хагазарун руго ниж. Жакъа радал цудунго рахъун ГІисал хабаде ун рукІана гьел. |
|
| 23 |
|
| Амма гьезда хабалъ ГІисал жаназа батун гьечІо. Зодисан рещтІун гьенир ратарал малаикзабаз гьев чІаго вугин абунин жидедаян бицине рачІана гьел руччаби. |
|
| 24 |
|
| Цо-цо нижералги ун рукІана хабатІе, ва руччабазда батухъе батун буго гьездаги хоб. Амма гьев живго вихьун гьечІо. |
|
| 25 |
|
| Гьес гьезда абуна: — Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж! |
|
| 26 |
|
| Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав? |
|
| 27 |
|
| Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. |
|
| 28 |
|
| Гьанже гьел доб росулъе гІагарлъулел рукІана. Жив дагьавги цевехун ине кколеб ххвел гьабуна гьес. |
|
| 29 |
|
| Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса. |
|
| 30 |
|
| Гьенир кваназе байбихьидал, гьес, тІаде дугІаги гьабун, бекун чед кьуна гьезухъе. |
|
| 31 |
|
| Гьебмехалъ борхун ана гьезда цебе букІараб пардав, ва гьезда ГІиса лъана. ГьебсагІат ГІиса гьезда вихьуларевлъун лъугьана. |
|
| 32 |
|
| Гьез цинги цоцазда абуна: — Нухда нилъгун кІалъалев ва Илагьияб ТІехьалда бугеб хабар бичІчІизабулев гьев вукІараб мехалъго бухІулеб-бухІулеб букІинчІищ нилъер ракІ? — абун. |
|
| 33 |
|
| Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги. |
|
| 34 |
|
| Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин. |
|
| 35 |
|
| Гьазги бицана нухда жидеда цадахъ вачІиналъулги, кванда нахъа бекун чед кьураб мехалъ, жидеда ГІиса лъараб куцалъулги хІакъалъулъ. |
|
| 36 |
|
| Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. |
|
| 37 |
|
| ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан. |
|
| 38 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел? |
|
| 39 |
|
| Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб. |
|
| 40 |
|
| Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда. |
|
| 41 |
|
| Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца. |
|
| 42 |
|
| Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек. |
|
| 43 |
|
| Босун, гьалги ралагьун, квана ГІисаца гьеб. |
|
| 44 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица. |
|
| 45 |
|
| Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги. |
|
| 46 |
|
| [46-47] Гьес абуна: — ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго — МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. |
|
| 47 |
|
|
|
| 48 |
|
| Гьелъие нугІзал руго нуж. |
|
| 49 |
|
| Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж. |
|
| 50 |
|
| Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца. |
|
| 51 |
|
| ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. |
|
| 52 |
|
| Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел. |
|
| 53 |
|
| Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез. |
|
|
|
|