|
| 1 |
|
| Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялда сардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун; |
|
| 2 |
|
| бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана. |
|
| 3 |
|
| Иордан гІоралда сверухъ ругел бакІазде щун, нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. |
|
| 4 |
|
| Гьелдалъун ритІухълъана Ишая аварагасул ТІехьалда ругел гьадинал рагІаби: «Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: — БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра! |
|
| 5 |
|
| Щибаб кІкІал-хъитІ бацизабе, щибаб гохІ-щоб тІуцлъизабе, свераби лъугІизаре, эхедераялги лабаллъабиги гьечІеб, цІвакараб нух букІа абе, |
|
| 6 |
|
| щибаб рижиялда бихьа абе Аллагьасдасан хвасарлъи!» |
|
| 7 |
|
| Гьале лъадалъ ччун рахъизе рачІунел рукІана халкъалъул руккелал. Гьезда ЯхІяца абулаан: — ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? |
|
| 8 |
|
| Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда. |
|
| 9 |
|
| ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха! |
|
| 10 |
|
| — Нижеца щибха гьанже гьабизе кколеб? — ан гьикъулаан гьесда гІадамаз. |
|
| 11 |
|
| Гьес жаваб кьолаан: — КІиго гурде бугес цояб гьечІесе кье, квен бугесги гьединго гьабе. |
|
| 12 |
|
| Лъадалъ ччун рахъизе рачІарал магъало бакІарулел чагІазги гьикъана гьесда: — Я, МугІалим, нижеца щибха гьабизе кколеб? |
|
| 13 |
|
| Гьезие жаваб кьуна ЯхІяца: — Нужеда бихьизабуралдаса цІикІкІун бахъуге лъихъаниги магъало. |
|
| 14 |
|
| Гьединго рачІун рагъухъабаз гьикъана: — Нижеца щибха гьабизе кколеб? Гьезда абуна: — ХІал-зулмуялдалъун ва гьечІеб гІайиб гІунтІизабун лъихъаго гІарац бахъуге, нужеего щолеб харжалда разилъун чІа. |
|
| 15 |
|
| МасихІ вачІиналъухъ урхъун балагьун чІун букІараб халкъалда ракІалде кколеб букІана ЯхІяцин гуродай гьевилан. |
|
| 16 |
|
| ЯхІяца киназдаго абуна: — Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун. |
|
| 17 |
|
| Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъ бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, накку гьес ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила. |
|
| 18 |
|
| ГІадамазе Рохалил хабар бицун, гьединал ва цогидалги рагІабаздалъун гІемерал насихІатал гьарулел рукІана ЯхІяца. |
|
| 19 |
|
| [19-20] Гьерод ханас жиндирго вацасул чІужу ячинги ва гьеб гурелги гьесул квешлъаби ЯхІяца какулел рукІиндал, цогидал жиндирго цересезде тІаде жубана гьев ханас ЯхІя гвандинив тІамиялъул квешлъиги. |
|
| 20 |
|
|
|
| 21 |
|
| Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун, |
|
| 22 |
|
| миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: — Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! |
|
| 23 |
|
| Аллагьасе хъулухъ гьабизе байбихьулеб мехалъ, ГІисал букІана лъебергогІанасеб сон, ва гьесул умумузул силсила гьадинаб бугилан рикІкІунаан: гьесул эмен Юсуп, гьесулги эмен ГІели, цинги |
|
| 24 |
|
| Маттат, Леви, Малки, Яннай, Юсуп, |
|
| 25 |
|
| Маттитья, ГІамос, НахІум, Гьесли, Наггай, |
|
| 26 |
|
| МахІат, Маттитья, ШимгІи, Йосех, Йода, |
|
| 27 |
|
| ЙохІанан, Реса, Зеруббабел, Шеалтиэл, Нер, |
|
| 28 |
|
| Малки, Адди, Къасам, Элмадам, ГІер, |
|
| 29 |
|
| ЙешуагІ, ЭлигІезер, Йорим, Маттат, Леви, |
|
| 30 |
|
| ШимгІон, Ягьуда, Юсуп, Йонан, Элякъим, |
|
| 31 |
|
| Мелеа, Менна, Маттата, Натан, Давуд, |
|
| 32 |
|
| Йишай, Йобед, БогІаз, ШелахІ, НахІшон, |
|
| 33 |
|
| ГІаминадаб, Админ, Арам, ХІецрон, Перец, Ягьуда, |
|
| 34 |
|
| Якъуб, ИсхІакъ, Ибрагьим, ТерахІ, НахІор, |
|
| 35 |
|
| Серуг, РегІу, Пелег, Эбер, ШелахІ, |
|
| 36 |
|
| Къейнан, Арпакшад, Шем, НухІ, Ламек, |
|
| 37 |
|
| МетушелахІ, ХІенок, Йаред, Магьалалеэл, Къейнан, |
|
| 38 |
|
| Энос, Шит, Адам, Аллагь. |
|
|
|
|