|
| 1 |
|
| Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана. |
|
| 2 |
|
| ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана. |
|
| 3 |
|
| Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев. |
|
| 4 |
|
| ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна: — Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин. |
|
| 5 |
|
| Симоница гьесие жаваб гьабуна: — Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила. |
|
| 6 |
|
| Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ. |
|
| 7 |
|
| Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби. |
|
| 8 |
|
| Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи! |
|
| 9 |
|
| Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун. |
|
| 10 |
|
| Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: — ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел. |
|
| 11 |
|
| КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна. |
|
| 12 |
|
| Гьале ГІиса цо шагьаралда вугеб мехалъ, гьев вихьаравго, кІалагъоркье ккана ва гьардезе лъугьана тІолабго черх барасалъ бацарав цо чи: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе! |
|
| 13 |
|
| ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи. |
|
| 14 |
|
| Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: — Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе. |
|
| 15 |
|
| Бугониги, ГІисал хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб дагьабги цІикІкІун тІибитІана. Гьесухъ гІенеккизеги ва жалго сахлъизаризеги рачІунаан халкъалъул руккалаби. |
|
| 16 |
|
| Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан. |
|
| 17 |
|
| Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев. |
|
| 18 |
|
| Гьале цо чагІаз туртида лъун восун вачІана палижалъ ккурав чи. ГІисада цеве лъезе гьев чи рокъове жаниве восизе хІаракат бахъулеб букІана гьез. |
|
| 19 |
|
| Амма гІадамазул гІемерлъиялъ нуцІихъан восун бажаричІого, тІохги бичун, гьенисан туртида лъовухъего рукъ бакьулъе ГІисада цеве тІаса гъоркье виччана гьез гьев. |
|
| 20 |
|
| Гьев восун рачІарал гІадамазул божи бихьун, ГІисаца абуна: — Мунагьаздаса вацІцІалъана, гьудулав чи, мун. |
|
| 21 |
|
| Дол диниял гІалимзабиги фарисеялги жалго жиделъго гаргадизе лъугьана: — Гьединал гІасиял-пасикъал рагІаби абизе ккани, гьавго щив чи! ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе? |
|
| 22 |
|
| ГІисал хІалада лъана гьезул пикраби. Гьес гьикъана: — Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? |
|
| 23 |
|
| Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъана», — ян абизейищ, яги: «ТІаде вахъун, вилълъанхъе», — ян абизейищ? |
|
| 24 |
|
| Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги ГІисаца унтарасда абуна: — Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго малиги босун, рокъове а. |
|
| 25 |
|
| Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго. |
|
| 26 |
|
| ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: — Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! — ян. |
|
| 27 |
|
| Гьениса къватІиве вахъун унаго, нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана ГІисада Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чи. — Дида цадахъ вилълъа, — ян абуна гьесда ГІисаца. |
|
| 28 |
|
| БукІаралъуб букІарабги тун тІаде вахъун, гьесда цадахъ ана Левий. |
|
| 29 |
|
| Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги. |
|
| 30 |
|
| Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана: — Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел? |
|
| 31 |
|
| Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. |
|
| 32 |
|
| Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин. |
|
| 33 |
|
| Гьез ГІисада абуна: — ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзабазда квана-гьекъечІого кІал ккун рукІайилан абизе бегьилищ нужеца? |
|
| 35 |
|
| РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги. |
|
| 36 |
|
| Цинги гьес гьезие гьадинаб мисал бачана: — ЦІияб ратІлидасаги бахъун басрияб ратІлида рукъи баларо лъицаниги. ЦІияб ретІелги хвела, басриялдаги цІияб рукъи рекъеларо. |
|
| 37 |
|
| Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. ЦІияб чагъиралъ гьеб багьизабила. Гьебмехалъ чагъирги гІодобе чвахун ина, рахълъенги хвела. |
|
| 38 |
|
| ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе. |
|
| 39 |
|
| Басрияб чагъиралда тІаде гьебсагІатго цІияб чагъир гьекъезе лъиениги бокьуларо. Басриябго лъикІаб бугилан абула гьес. |
|
|
|
|