|
| 1 |
|
| Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде. |
|
| 2 |
|
| Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун. |
|
| 3 |
|
| Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ. |
|
| 4 |
|
| Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна: |
|
| 5 |
|
| — Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб. |
|
| 6 |
|
| (Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.) |
|
| 7 |
|
| — Гьей жийго те, — ян абуна ГІисаца. — Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах. |
|
| 8 |
|
| Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев. |
|
| 9 |
|
| ГІемерал ягьудиязда лъана ГІиса Бетаниялда вугевлъи. Гьел гьенире рачІунел рукІана ГІиса вихьизе гуребги, хваралъуса гьес вахъинавурав Лазар вихьизеги. |
|
| 10 |
|
| Гьев Лазар чІвазеги хІукму гьабун букІана чІахІиял кашишзабаз, |
|
| 11 |
|
| гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал. |
|
| 12 |
|
| Нахъисеб къоялъ ГІиса Иерусалималде вачІунев вугилан рагІана байрамалде ракІарун рукІарал гІадамазда. |
|
| 13 |
|
| Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги! |
|
| 14 |
|
| Цо кІудияб кІерт батун, гьелда рекІана ГІиса, ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: |
|
| 15 |
|
| — Сионил яс, мун хІинкъуге, ХІамил кІартида тІадги рекІун, ВачІунев вугевин дур ПарччахІ! |
|
| 16 |
|
| (Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.) |
|
| 17 |
|
| Гьес Лазар, хабалъа къватІиве ахІун, хваралъуса вахъинавулев вихьарал гІадамаз гьелъул хІакъалъулъ бицунеб букІана. |
|
| 18 |
|
| Гьеб мугІжизаталъул хабар рагІун букІиндалин гьедигІан гІемераб халкъ ГІисада данде бачІунеб букІараб. |
|
| 19 |
|
| Гьединлъидал фарисеяз цоцазда абулеб букІана: — Балагье, нилъее пайда бахинчІо! ТІолабго халкъ досда хадуб унеб буго! |
|
| 20 |
|
| Байрамалъул къояз Иерусалималде зияраталъ грекалги рачІун рукІана. |
|
| 21 |
|
| Галилеялъул Бетсаида шагьаралдаса Филиппихъе ун, гьел греказ гьарана: — Я, бетІерчІахъад! ГІиса вихьизе бокьун буго нижее. |
|
| 22 |
|
| Андрейихъе ун Филиппица гьесда бицана гьеб. Цинги Андрейицаги Филиппицаги ГІисада бицана. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго. |
|
| 24 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: хуриб хьараб ролъул мугь ракьулъе ккун хвечІони, гьеб жибго цохІо хутІула гьениб. Амма гьеб ракьулъе ккун хвани, гьелдасан лъугьараб ролъул тІорода гІемерал мугьал рижула. |
|
| 25 |
|
| Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила. |
|
| 26 |
|
| Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги. |
|
| 27 |
|
| Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе! |
|
| 28 |
|
| Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана: — Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила. |
|
| 29 |
|
| Гьениб букІараб халкъалдаги рагІана гьеб гьаракь. Цояз абуна зоб гъугъалеб гьаракь бугилан. Цогидаз абуна малаик вукІанин ГІисада кІалъалев. |
|
| 30 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Гьадаб гьаракь дида рагІизе гуро зобалаздасан бахъараб, нужеда рагІизейин. |
|
| 31 |
|
| Гьаб дуниялалъе суд гьабулеб къо буго жакъа. Дуниялалъулго кверщелчи къватІиве вачахъулеб къо буго жакъа. |
|
| 32 |
|
| Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго. |
|
| 33 |
|
| (Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.) |
|
| 34 |
|
| Гьебмехалъ гІадамаз гьесда абуна: — «ГІадамил Лъимер, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавизе вугилан» щайха дуца абулеб бугеб? Щив кколев гьев ГІадамил Лъимер? Къануналдаса цІалулеб рагІана нижеда МасихІ нижгун абадиялъго хутІулилан. |
|
| 35 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Жеги дагьаб заманаялъ Нуралъул канлъи нужгун хутІизе буго. Гьеб канлъи букІаго, хьваде нуж ракьалда, бецІлъи тІаде гІунтІилалде. БецІлъуда хьвадулесда лъаларо киве унев вугевали. |
|
| 36 |
|
| Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана. |
|
| 37 |
|
| Чан мугІжизатха ГІисаца гьезда бихьизабураб, амма гьел ГІисада божичІо. |
|
| 38 |
|
| Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ? Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?» |
|
| 39 |
|
| Гьединлъидалин гьел божичІел. Ишая аварагас цоги бакІалда гьадин абулебги буго: |
|
| 40 |
|
| «Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел». |
|
| 41 |
|
| ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин. |
|
| 42 |
|
| Бугониги, — цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун. |
|
| 43 |
|
| Аллагьасул хІурмат-цІаралдаса гьезие гІадамазул хІурмат-цІар хиралъана. |
|
| 44 |
|
| ГІисаца халкъалде ахІулеб букІана: — Дида божулев чи ккола, цохІо дида гуреб, хІакълъунго дун витІарав Аллагьасда божулев чи. |
|
| 45 |
|
| Дун вихьулев чиясда дун витІарав Аллагьги вихьулев вуго. |
|
| 46 |
|
| Дун вуго — Нур. Дун ракьалде вачІун вуго дида божарав цониги чи бецІлъуда хутІунгутІизе. |
|
| 47 |
|
| Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго. |
|
| 48 |
|
| Дунги дир рагІиги нахъчІварав чиясе суд дир рагІуца гьабизе буго къиямасеб къоялъ. |
|
| 49 |
|
| Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги. |
|
| 50 |
|
| Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги. |
|
|
|
|