|
| 1 |
|
| ГІисаца абуна: — ХІакълъунго дун ккола цІолбол гъабу. Дир Эменги ккола ахикь гьеб чІарав ахихъан. |
|
| 2 |
|
| ТІад цІибил бижуларел дир чІорал гьес къунцІун нахъе рехула. ЦІибил бижулел чІорал гьес кІурула, гьезда тІад дагьабги цІикІкІун цІибил бижизе. |
|
| 3 |
|
| Дица нужеда абураб рагІудалъун нуж рацІцІалъун руго. |
|
| 4 |
|
| Нуж дилъ рукІа, дун нужелъги вукІина. Гъабудаса къунцІараб чІоралда цІибил бижулареб гІадин, дилъ рукІинчІони, нужедасаги щибго пайда букІинаро. |
|
| 5 |
|
| Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул. |
|
| 6 |
|
| Амма гьев чи дилъ гьечІони, цІолбол гъабуялдаса къунцІараб чІор гІадин, нахъе рехула гьев. Ахикьа ракІарун цІадаре ран рухІула гьединал чІорал. |
|
| 7 |
|
| Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина. |
|
| 8 |
|
| ЛъикІаб гъабуда цІибил цІикІкІун бижулеб гІадин, нужедаса пайдаги цІикІкІани ва нуж дир унго-унгоял муридаллъунги ругони, дир Инсул машгьурлъи цІикІкІина. |
|
| 9 |
|
| Инсуе дун вокьулев гІадин, дие нужги рокьула. Нужеде бугеб дир рокьи тІезе биччаге нужеца. |
|
| 10 |
|
| Дирго Инсул амру дица тІубазабидал, гьесул рокьи дидаса тІолеб гьечІеб гІадин, дир амру нужеца тІубазабуни, дир рокьиги тІезе гьечІо нужедаса. |
|
| 11 |
|
| Дица гьаб кинабго нужеда бицунеб буго, дир бугеб рохел кидаго нужераблъун хутІизе ва нужер рохел киданиги тІаса камунгутІизе. |
|
| 12 |
|
| Гьале нужее дир амру: дие нуж рокьулел гІадин, рокье нуж цоцазеги. |
|
| 13 |
|
| Гьудулзабазе гІоло жиндирго рухІ кьолев чиясулалдаса кІудияб рокьи букІунаро ракьалда. |
|
| 14 |
|
| Дир амруял нужеца тІуразаруни, нуж дир гьудулзаби руго. |
|
| 15 |
|
| Дица тІокІаб нужеда лагъзалилан абиларо, лагъасда лъаларелъул гьесул бетІергьанас щиб гьабулеб бугебали. Дица нужеда гьудулзабийилан абулеб буго, дир Инсудасан рагІарабщинаб дица нужеда лъазабидал. |
|
| 16 |
|
| Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги. |
|
| 17 |
|
| Гьале нужее дир амру: цоцазе рокьа нуж. |
|
| 18 |
|
| ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. |
|
| 19 |
|
| Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул. |
|
| 20 |
|
| Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. |
|
| 21 |
|
| Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь. |
|
| 22 |
|
| ВачІун дица гьезда бицун букІинчІебани, гьезие мунагь букІинароан, гьанже жидерго мунагь бахчизе гІилла-сабаб батиларо гьезда. |
|
| 23 |
|
| Дун рихарасда дир Эменги рихина. |
|
| 24 |
|
| Цогидаздасан киданиги загьирлъичІел мугІжизатал дица гьезда рихьизарун рукІинчІелани, гьезие мунагь букІинароан. Амма гьеб кинабго бихьаниги, рихун руго гьезда дунги дир Эменги. |
|
| 25 |
|
| Гьаб кинабго лъугьунеб буго гьезул къануналда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «ГІиллаго гьечІого рихана гьезда Дун». |
|
| 26 |
|
| Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие. |
|
| 27 |
|
| Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ. |
|
|
|
|