|
| 1 |
|
| Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе. |
|
| 2 |
|
| ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе. |
|
| 3 |
|
| Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. |
|
| 4 |
|
| Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. |
|
| 5 |
|
| Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун. |
|
| 6 |
|
| ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана. |
|
| 7 |
|
| Гьанже гьезда лъана дуца дие кьурабщинаб дудасан бугеблъи. |
|
| 8 |
|
| Дуца дихъе кьурал рагІаби дица гьезие кьуна, гьез гьел къабулги гьаруна. ХІакълъунго гьезда бичІчІана дун дудасан вачІарав вукІин ва дун дуца витІун вукІиналдаги божана. |
|
| 9 |
|
| Гьезие гІоло гьарулеб буго дица дуда. Дуниялалда ругел киналго гІадамазе гІоло гуреб, дуца дихъе кьуразе гІолойин, гьел дур ругелъул. |
|
| 10 |
|
| Дир ругелщинал дур руго, дур ругелщинал дирги руго. Гьезулъги машгьурлъана дун. |
|
| 11 |
|
| Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. |
|
| 12 |
|
| Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал. |
|
| 13 |
|
| Гьанже дун духъе вачІунев вуго. Дун дуниялалда вугебгІан заманаялъ дица гьаб гьазда бицунеб буго, дидаса бугеб гьазул рохел тІаса камунгутІизе. |
|
| 14 |
|
| Дица дур рагІи гьазухъе кьуна ва гьаб гІаламалда рихана гьал, дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гурелъул. |
|
| 15 |
|
| Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица. |
|
| 16 |
|
| Дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гуро. |
|
| 17 |
|
| ХІакъаб къудраталдалъун дуца гьал дуе хъулухъалъе ратІа гьаре. Дур рагІи хІакъаб буго. |
|
| 18 |
|
| Дуца дун гІаламалъухъе витІарав гІадин, дица гьалги гІаламалъухъе ритІулел руго. |
|
| 19 |
|
| Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре. |
|
| 20 |
|
| ЦохІо гьазул рахъалъ гуребги, гьазул рагІудалъун диде иман лъезе бугелщиназул рахъалъги гьарулеб буго дица: |
|
| 21 |
|
| Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, — дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, — дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе. |
|
| 22 |
|
| Дуца дие кьураб машгьурлъи дица гьазиеги кьуна. Дунги Мунги гІадин цолъун рукІине риччанте гьалги. |
|
| 23 |
|
| Дун гьазулъ вукІина, мун дилъги вукІина, риччанте гьал тІубанго цоцалъ цолъун рукІине ва гьелдалъун гІаламалда лъазе дун дуца витІун вукІаравлъиги ва дун гІадин дуе гьал рокьулеллъиги. |
|
| 24 |
|
| Я, дир Эмен! Гьанир дуца дихъе кьурал гІадамал гьенирги дида аскІор рукІине бокьун буго дие. Дуниял бижилелдего вокьулев вукІиндалха дуе дун. Дуца дун машгьурлъизави гьазда бихьизе. |
|
| 25 |
|
| Я, дир РитІухъав Эмен! ГІаламалда мун лъачІо, амма дида лъала мун, гьаздаги лъана дун дуца витІаравлъи. |
|
| 26 |
|
| Дур хІакъалъулъ рагьун бицана дица гьал гІадамазда, хадубккунги бицина, дуца дие кьураб рокьи гьазиеги гІахьалаб букІине ва дун гьазулъ хутІизе. |
|
|
|
|