|
| 1 |
|
| Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана. |
|
| 2 |
|
| Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве. |
|
| 3 |
|
| Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги. |
|
| 4 |
|
| Гьениб жиндие ккезе бугебщинаб цебеккунго лъалев ГІисаца, данде ун, гьезда гьикъана: — Щив нужеца валагьулев вугев? — абун. |
|
| 5 |
|
| — Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, — ян жаваб кьуна гьез. — Дун вуго Дов, — ан абуна ГІисаца. Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов. |
|
| 6 |
|
| Жив Дов вугилан ГІисаца абидал, киналго нахъегІан къана ва ракьалда гІодор ккана. |
|
| 7 |
|
| Нахъеги гьикъана гьезда щив валагьулев вугевилан. Гьез абуна Назареталдаса ГІиса валагьулев вугилан. |
|
| 8 |
|
| ГІисаца абуна: — Дица абунагури нужеда дун Дов вугилан. Дун валагьулев вугев ватани, гьал нахъе риччай. |
|
| 9 |
|
| (Гьедин гьес абуна жинцаго дугІадулъ рехсараб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Дуца дихъе кьуразул цонигияв хвалде ине виччачІого цІунана дица».) |
|
| 10 |
|
| Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.) |
|
| 11 |
|
| — Дуца хвалчен лъалиниб лъе, — ян абуна ГІисаца Пётрида. — Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица? |
|
| 12 |
|
| Гьебмехалъ азарилбетІерасги, Рималъул рагъухъабазги, ягьудиязул Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазги, кквезеги ккун, вухь-вухьана ГІиса. |
|
| 13 |
|
| Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде. |
|
| 14 |
|
| Гьев Кайафа вукІана тІолабго халкъ хвеялдаса цо чи хвей лъикІилан добмехалъ ягьудиязе гІакълу кьурав чи. |
|
| 15 |
|
| ГІисада хаду-хадур рачІунел рукІана Симон Пётрги цоги муридги. Гьев мурид кІудияв кашишасда лъалев чи вукІиндал, ГІисада хадув гьесул азбаралъуве лъугьана. |
|
| 16 |
|
| Пётр къватІивехун кавудахъ чІун вукІана. Цинги кІудияв кашишасда лъалев дов мурид къватІиве вачІана ва, кІалтІа хъаравуллъиялда йикІарай ясалдаги абун, Пётрги азбаралъуве виччазавуна. |
|
| 17 |
|
| Гьебмехалъ гьей ясалъ Пётрида гьикъана: — Гьадав чиясул муридцин гурищ мунги? Гурилан абуна Пётрица. |
|
| 18 |
|
| Квачараб сордо букІана гьеб. Лагъзадерицаги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабацаги азбаралъуб цІа бакана. Пётрги чІана гьезда аскІов цІадухъ. |
|
| 19 |
|
| КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ. |
|
| 20 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан. |
|
| 21 |
|
| Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали. |
|
| 22 |
|
| ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул: — Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? — анги абун. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Дица мекъи абулеб бугеб батани, дуца гьал киназдаго цебе гьеб мекъи букІин чІезабе. Дица битІараб бицунеб бугеб батани, дуца дида кьабиялъе гІилла щиб? |
|
| 24 |
|
| Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца. |
|
| 25 |
|
| Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана. — Мунги досул муридищ? — ан гьикъана цояс. Гурилан нагІадала ккуна гьес. |
|
| 26 |
|
| КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана: — Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун? |
|
| 27 |
|
| Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана. |
|
| 28 |
|
| Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел. |
|
| 29 |
|
| Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес. |
|
| 30 |
|
| Гьав такъсирчи вукІинчІевани, нижеца духъе вачинароанилан жаваб кьуна гьесие ягьудияз. |
|
| 31 |
|
| Пилатица абуна: — Вачун нужерго къануналда рекъон къотІе гьесие хІукму. Ягьудияз абуна чи чІвазе къотІизе жидер ихтияр гьечІилан. |
|
| 32 |
|
| (Гьеб гьедин ккана живго кин холевали ГІисаца цебеккунго бицун букІарабги ритІухълъизе гІоло.) |
|
| 33 |
|
| Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве. — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? — абун гьикъана гьесда Пилатица. |
|
| 34 |
|
| ГІисацаги данде суал кьуна: — Дудаго ракІалде ккунищ дуца гьедин абулеб бугеб, яги цогидазищ дуда дир хІакъалъулъ гьедин бицараб? |
|
| 35 |
|
| Пилатица жаваб кьуна: — Дун жугьутІавиланищ дуда ккарав? Дур халкъалъги чІахІиял кашишзабазги кьуна мун дихъе. Щиб дуца гьабураб? |
|
| 36 |
|
| ГІисаца жаваб кьуна: — Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб. |
|
| 37 |
|
| Пилатица абуна: — Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? — Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь. |
|
| 38 |
|
| «ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула — Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, — ян абуна гьес гьезда. — |
|
| 39 |
|
| Пасхаялъул хІурматалда цо туснахъ къватІиве виччалеб гІадатги цІунун, гьадав «жугьутІазул ПарччахІ» нахъе виччазе бокьилищ нужее? |
|
| 40 |
|
| — Гьев виччаге, Барабба виччай! — ян ахІана гьез. (Барабба вукІана хъачагъ.) |
|
|
|
|