|
| 1 |
|
| КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ. |
|
| 2 |
|
| Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги. |
|
| 3 |
|
| Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан. |
|
| 4 |
|
| ГІисаца гьелда абуна: — Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури. |
|
| 5 |
|
| Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан. |
|
| 6 |
|
| Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе. |
|
| 7 |
|
| ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ. |
|
| 8 |
|
| Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб. |
|
| 9 |
|
| Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда. |
|
| 10 |
|
| Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна: — Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир. |
|
| 11 |
|
| Гьедин гьениб — Галилеялъул Кана шагьаралда — бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада. |
|
| 12 |
|
| Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб. |
|
| 13 |
|
| ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана. |
|
| 14 |
|
| Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги. |
|
| 15 |
|
| ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна. |
|
| 16 |
|
| Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: — Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, — ян. |
|
| 17 |
|
| Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», — абун ТІухьдузда хъван бугеб калима. |
|
| 18 |
|
| Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: — Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин? |
|
| 19 |
|
| ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала. |
|
| 20 |
|
| Гьесие жавабалъе ягьудияз абуна: — Гьаб Мукъадасаб Рукъ базе кІикъоялда анлъго сон къваригІана. Лъабго къоялда жаниб бан бажарилищ духъа гьеб? |
|
| 21 |
|
| Гьеб Мукъадасаб Рукъалъул мисалалда ГІисаца бицунеб букІун буго жиндирго черхалъул хІакъалъулъ. |
|
| 22 |
|
| ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ ракІалде щвана муридазда гьесул гьел рагІаби. Гьебмехалъ божана гьел ТІухьдузда хъван букІаралдаги ГІисаца жидедаго бицун букІаралдаги. |
|
| 23 |
|
| Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда. |
|
| 24 |
|
| Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда. |
|
| 25 |
|
| Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали. |
|
|
|
|