×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанница 3

1
Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазда гьоркьов вукІана цо Никодем абулев фарисеяв.
2
Сардилъ ГІисахъе вачІун, гьес абуна: — Я, Рабби! Нижеда лъала мун Аллагьас нижехъе витІарав МугІалим вукІин. Дуца нижеда рихьизарурал гІадинал мугІжизатал лъиданиги рихьизаризе кІоларо, Аллагьасул квербакъи гьечІони.
3
ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо.
4
Никодемица гьесда гьикъана: — КІудияв гІурав чи цІидасан кин гьавулев? ТІадвуссун эбелалъул ургьиве лъугьун, цІидасан чи гьавизе рес бугебищ?
5
ГІисаца жаваб кьуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: лъададасан ва Илагьияб РухІалдасан лъугьарав чиясе гурони Аллагьасул ПарччахІлъиялде нух гьечІо.
6
Инсанасул черхалдасан черх лъугьуна, рухІалдасан рухІ лъугьуна.
7
Нуж цІидасан гьаризе кколилан дица абиялда хІикмалъуге.
8
Гьури жиндиего бокьараб рахъалде уна. Дуда гьелъул гьаракь-хъуй рагІула, амма кисан бачІунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухІалдасан гьавуравщинав чиги.
9
— Гьеб кин лъугьунеб? — ан гьикъана Никодемица.
10
ГІисаца жаваб кьуна: — Мун вуго Исраилил халкъалъул мугІалим. Дуда лъазе ккеларищ гьеб?
11
ХІакълъун абулеб буго дица дуда: нижеца бицунеб буго нижедаго лъалебщинаб ва нижеда бихьарабщиналъе нугІлъи гьабулебги буго. Амма нижер нугІлъиялда нуж божулел гьечІо.
12
Дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ бицаралда божулареб мехалъ, зобалазул ишазул бицунилан божилищ нуж?
13
Зобалазде цониги инсан щвечІо, гьениса рещтІарав ГІадамил Лъимер тун батІияв чи.
14
ГІицІаб авлахъалда Мусаца пахьул борохь гІорол тІогьибе бахинабураб гІадин, ГІадамил Лъимерги борхатаб бакІалде вахинавизе вуго,
15
гьесда божаравщинасе абадияб гІумру насиблъиялъе гІоло.
16
Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигІанги цІакъ бокьулеб буго: гьес цохІо вугев Вас гьаниве витІана, гьесда божанщинав чи хунгутІизе, гьезие абадияб гІумру насиблъизе.
17
ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго.
18
Гьесда божарасе тамихІ букІине гьечІо, амма божичІезе тамихІ гьанибго гьабун буго, Аллагьасул цохІо вугев Васасда гьел божичІелъул.
19
Дуниялалде Нур бачІиналдалъун гьабуна гьеб суд. Амма гІадамазе Нур бокьичІо, бецІлъи бокьана, гьез гьарулел ишал квешал рукІиндал.
20
Квешлъи гьабулевщинав чиясе Нуралъул канлъи бокьуларо ва канлъуде унаро, гьеб квешлъи къватІибе загьирлъилилан хІинкъун.
21
ЛъикІлъи гьабулев чи канлъуде уна, жинца гьеб лъикІлъи Аллагьасе гІоло гьабураб букІин загьирлъизе.
22
Цинги ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Ягьудиялъул ракьалде ана, гьенив чІун гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана гьес.
23
Гьеб заманаялда ЯхІяги вукІана Салималда аскІоб бугеб Эноналда. Лъим гІемераб бакІ букІиндал, гьенир лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца жиндихъего рачІарал гІадамал.
24
ЯхІя жеги гвандинив тІамилалде заман букІана гьеб.
25
ЯхІял муридазулги цо ягьудиясулги дагІба ккана рацІцІалъизариялъул гІадаталда тІасан.
26
ЯхІяхъе рачІун муридаз абуна: — Я, Рабби! Иорданалъул добцояб рагІалда дуда аскІов вукІарав ва дуца жиндир хІакъалъулъ бицунеб букІарав чиясги лъадалъ ччун рахъулел руго гІадамал. Киналго гьесухъе рачІунел руго.
27
Гьезие жавабалъе ЯхІяца абуна: — Зобалаздасан кьун гьечІони, инсанасе щибниги щоларо.
28
Нужеда рагІанагури добмехалъго дица дун МасихІ гурин, гьесдаса цеве витІарав чи вугилан абулеб.
29
БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса.
30
Гьев кІодолъизе ккола, дун гьитІинлъизе ккола.
31
Зобалаздасан вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. Ракьалда вижарав ракьалдаго хутІула, дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ букІуна гьесул бицунеб рагІиги. Зобалаздаса вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна.
32
Гьес бицунеб буго жиндаго бихьаралъулги рагІаралъулги. Амма гьес бицаралда щивниги божулев гьечІо.
33
Гьесда божарав чияс Аллагь хІакъав вукІин чІезабула.
34
Аллагьас витІарасул кІалдиб буго Аллагьасул калам, БетІергьанас Илагьияб РухІ гьарзаго лъугьинабун бугелъулха гьесулъе.
35
Инсуе вас вокьула ва тІолабго кверщел гьесухъе кьола.
36
Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса.
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки