|
| 1 |
|
| [1-3] Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана. |
|
| 2 |
|
|
|
| 3 |
|
|
|
| 4 |
|
| Самариялъул ракьалдасан ине кколаан гьел. |
|
| 5 |
|
| Якъуб аварагас жиндирго вас Юсупие кьураб хуралда аскІоб бугеб Сихар абулеб Самариялъул цо шагьаралде щвана. |
|
| 6 |
|
| Якъубилго букІараб цо гъуялъухъе щведал, сапаралда свакарав ГІиса гьенив гІодов чІана. Гьеб букІана къалъул гІуж. |
|
| 7 |
|
| Цо самарияй ячІана гъуялъуса лъел цІезе. — Гьекъезе лъим кье, — ян абуна гьелда ГІисаца. |
|
| 8 |
|
| (Гьесул муридал квен-тІехалда хадур шагьаралде ун рукІана.) |
|
| 9 |
|
| Самариялъ гьесда абуна: — Мун жугьутІавлъидал, дуца дида — Самариялъул гІаданалда — лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.) |
|
| 10 |
|
| ГІисаца гьелда абуна: — Аллагьасдасан насиблъулеб сайигъатги лъалебани ва лъим кьейилан дуда гьарулев вугев чи щивалиги лъалебани, дуцаго гьарилаан гьесда лъим кьейилан, ва гьес дуе кьелаан чІаголъиялъул лъим. |
|
| 11 |
|
| Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: — Я, бетІерчІахъад, духъ гел гьечІогури, гьаб гъуйги гъваридаб буго. Киса дуе чІаголъиялъул лъим щвезе бугеб? |
|
| 12 |
|
| Нилъер кІудияв эмен Якъубидасаги кутакав чийищха мун? Гьесдасан нижее ирсалъе хутІараб гьаб гъуялъуса лъим гьесги гьекъолаан, гьесул лъималазги гьекъолаан, гьесул боцІи-панзалъги гьекъолаан. |
|
| 13 |
|
| ГІисаца абуна: — Гьаб гъуялъуса лъим гьекъарав чи нахъеги къечола. |
|
| 14 |
|
| Амма дица кьураб лъим гьекъарав чи абадул абадиялъ къечезе гьечІо. Дица кьураб лъим гьесул рекІелъ иццлъун лъугьина. Гьеб иццул лъадал чвахиялъ абадияб гІумру насиблъизабула. |
|
| 15 |
|
| Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: — Дие кье, бетІерчІахъад, гьеб лъим. ТІокІай дун киданиги къечеларо ва гьание лъел цІезе ячІине ккеларо. |
|
| 16 |
|
| Дурго росги вачун ячІайилан абуна ГІисаца гьелда. |
|
| 17 |
|
| Жиндир рос гьечІилан абуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна рос гьечІилан абураб рагІи дур битІараб бугилан. |
|
| 18 |
|
| Щуго рос вукІана дур. Амма гьанже вугев чи дур рос кколаро, гьеб цІакъ битІун абуна дуца. |
|
| 19 |
|
| Гьей гІаданалъ абуна: — Мун авараг вукІин бихьулеб буго, бетІерчІахъад, дида. |
|
| 20 |
|
| Нижер умумул гьаб магІарде рахунаан Аллагьасе тІагІат-гІибадаталъе. Нужер жугьутІаз абулеб буго тІагІат-гІибадаталъе Иерусалималде рачІине кколилан. |
|
| 21 |
|
| — Мун дида божа, — ян абуна ГІисаца гьелда. — Цо заман бачІина Инсуе суждаялда чІезе я гьаб магІарде рахине кколареб, я Иерусалималде ине кколареб. |
|
| 22 |
|
| Нужеда лъаларо лъие нужеца сужда гьабулеб бугебали. Нижер жугьутІазда лъала лъие сужда гьабулеб бугебали, гІаламалъе хвасарлъи жугьутІазда гьоркьосан бачІунелъул. |
|
| 23 |
|
| Цо заман бачІина хІакълъунго Аллагьасда божулел гІадамаз хІакъаб нухдасан ун, Илагьияб РухІалдалъун Инсуе сужда гьабулеб. БачІунго буго гьединаб заман. Гьединал божулел чагІи ралагьулел руго нилъер Инсуца. |
|
| 24 |
|
| Аллагь — гьев ккола РухІ. Гьединлъидал хІакъаб нухдасан ун, РухІалдалъун гьабизе ккола гьесие сужда. |
|
| 25 |
|
| Гьей гІаданалъ абуна: — Дида лъала Христосилан абулев МасихІ вачІине вукІин. Гьев вачІараб мехалъ, гьес бицина нижеда кинабго. |
|
| 26 |
|
| ГІисаца гьелда абуна: — Гьанив дуда кІалъалев вугев дун ккола гьев. |
|
| 27 |
|
| Гьебмехалъ тІаде щварал ГІисал муридал гІажаиблъана самариялда гаргадилев гьев ватидал. Амма гьесда лъицаниги гьикъичІо щиб дуе къваригІун букІарабилан, щиб бицун мун гьелда гаргадулев вугевилан. |
|
| 28 |
|
| ГІеретІги гьениб тун, шагьаралдеги ун, дой гІаданалъ гІадамазда абуна: |
|
| 29 |
|
| — Рилълъа, нужедаго цо чи вихьизе. Гьес бицана дир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо. МасихІцин гуродай дов? |
|
| 30 |
|
| Гьев вихьизе ине къватІире рахъана шагьаралъул гІадамал. |
|
| 31 |
|
| Гьел тІаде щвелалде, муридаз ГІисада абуна: — Кванай, МугІалим, — ан. |
|
| 32 |
|
| Гьес гьезда абуна: — Нужеда лъалареб квен буго дихъ, — ан. |
|
| 33 |
|
| Цо лъицаниги квенциндай гьасие бачІарабилан гаргадизе лъугьана гьел. |
|
| 34 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Дир квен ккола дун витІарав Аллагьасул амру тІубазаби ва гьесул иш рагІалде бахъинаби. |
|
| 35 |
|
| Нужеца абила хур лъилъизе жеги ункъониги моцІ хутІун бугилан. Гьале дица нужеда абулеб буго: лъикІго бер щвезабе хурзабахъе, хІалухъен тІогьиллъун буго ва гьеб лъилъизе заман щун буго! |
|
| 36 |
|
| Лъилъарухъанасе лъикІаб мухьги щвела ва абадияб гІумруялъе бачІинги бакІарила. Бекьаравги лъилъаравги — кІиявго — вохила гьелдаса. |
|
| 37 |
|
| ЦІакъ битІараб кици буго, цояс бекьулин, цогидас лъилъулин абураб. |
|
| 38 |
|
| Дица нуж ритІула нужецаго бекьичІеб хур лъилъизе. Цогидаз захІмат баччун гІезабураб хІалухъеналдаса пайда босула нужеца! |
|
| 39 |
|
| Жиндир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо лъанин гьесдайилан дой гІаданалъ бициндал, гьеб шагьаралдаса гІезегІанго самариял божана ГІисада. |
|
| 40 |
|
| Гьесда тІаде щведал, самарияз ГІисада гьарана жидер шагьаралда чІайилан. КІиго къо бана гьес гьениб. |
|
| 41 |
|
| ГІисал рагІабазухъ гІенеккидал, дагьалги цІикІкІана гьесда божулел гІадамал. |
|
| 42 |
|
| Гьез дой гІаданалда абуна дуца бицаралдалъун гурин ниж гьанже божарал, нижедаго рагІаралдалъун божанилан ва хІакълъунго гІалам хвасар гьабизе вачІарав чи гьев вукІиналда ракІги чІанилан. |
|
| 43 |
|
| КІиго къоялдасан ГІиса гьениса Галилеялде ана. |
|
| 44 |
|
| ГІисаца абун букІана жиндирго инсул ракьалда аварагасул къадру-къимат гьабуларилан. |
|
| 45 |
|
| Амма Галилеялде щведал, роха-хинлъун къабул гьавуна ГІиса гІадамаз. Гьелги рукІиндал дора Иерусалималда доб байрамалда, гьездаги рихьидал дора гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал. |
|
| 46 |
|
| Нахъеги ГІиса ана гьес лъим чагъиралде сверизабураб Галилеялъул доб Кана шагьаралде. Гьенив вукІана парччахІасул хІакимлъун вугев цо чи. Гьесул вас вукІана Капернаум шагьаралда захІматго унтун. |
|
| 47 |
|
| ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссун вугилан рагІидал, гьесда аскІове вачІана дов чи, хвалде ккун унтун вугев жиндир вас сахлъизавизе жинда цадахъ Капернаумалде вилълъайилан гьаризе. |
|
| 48 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — МугІжизаталги гІаламаталги рихьизаричІони, божуларел гІадамал руго нуж! |
|
| 49 |
|
| ПарччахІасул хІакимас гьесда абуна: — Я, бетІерчІахъад, дир вас хвелалде вилълъа. |
|
| 50 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Дурго рокъове а гьанже. Дур вас хвезе гьечІо, — ян. ГІисал гьеб рагІудаги божун, нахъе ана гьев чи. |
|
| 51 |
|
| Нухдаго данде ккана вас сахлъанилан бицине рачІунел рагьтІателал. |
|
| 52 |
|
| Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан. |
|
| 53 |
|
| ХІисаб гьабураб мехалъ, битІун гьеб заманаялда абун батана ГІисаца гьесда дур вас хвезе гьечІилан. Гьелдаса нахъе гьесги гьесул рукъалъул агьлуялъги иман лъуна. |
|
| 54 |
|
| ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб. |
|
|
|
|