|
| 1 |
|
| Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана. |
|
| 2 |
|
| ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. |
|
| 3 |
|
| ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана. |
|
| 4 |
|
| ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана. |
|
| 5 |
|
| Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан. |
|
| 6 |
|
| (Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.) |
|
| 7 |
|
| Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги. |
|
| 8 |
|
| Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада |
|
| 9 |
|
| гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан. |
|
| 10 |
|
| ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи. |
|
| 11 |
|
| ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги. |
|
| 12 |
|
| Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан. |
|
| 13 |
|
| ПурчІинадул ханждал щуго чадил нахъе хутІун ратана анцІила кІиго гьегь цІурал кескал. |
|
| 14 |
|
| ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: — ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг. |
|
| 15 |
|
| Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого. |
|
| 16 |
|
| Бакъанимехалъ муридал ралъдал рагІалде ана. |
|
| 17 |
|
| Росодаги рекІун, гьел ралъдал добцояб рахъалда бугеб Капернаумалдехун ралагьун ана, дуниял рукІкІунеб мехалъги ГІиса вачІинчІелъул. |
|
| 18 |
|
| Ралъдада кутакаб гьури пуйзе байбихьана. |
|
| 19 |
|
| Гьедин рагІалдаса щуго-анлъго километралъ жанирегІан щвараб мехалъ, лъеда тІасан вилълъун вачІун росода аскІове щолев вихьана гьезда ГІиса. ГІасиго хІинкъана гьел. |
|
| 20 |
|
| — ХІинкъуге, дун вуго, — ян абуна ГІисаца гьезда. |
|
| 21 |
|
| Гьевги росониве лъугьинавизе бокьун букІана гьезие, амма гьебсагІатго раса ралъдал рагІалде щун батана. |
|
| 22 |
|
| Ралъдал добаб рагІалда хутІун рукІарал гІадамаз нахъисеб къоялъ бицана, нолъ гьаниб цо гурони расаги букІинчІин, жиндирго муридазда цадахъ ГІиса росода рекІуневги вихьичІин, гьесул муридал жалго анин. |
|
| 23 |
|
| Тибериадаялдаса, русбузда рекІун, гІемерал гІадамал рачІана, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца чед гІемерлъизабураб бакІалде. |
|
| 24 |
|
| Амма гьенир я ГІиса, яги гьесул муридал ратичІеб мехалъ, русбуздаги рекІун, Капернаумалде ана гьел, ГІиса валагьизе. |
|
| 25 |
|
| Ралъдал добцояб рагІалда гьев ватараб мехалъ: — Я, Рабби, мун кин гьаниве вачІарав? — ан гьикъана гьез. |
|
| 26 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир мугІжизатал ричІчІидал гуро нуж гьанире рачІун ругел, доб чед кванан, гІорцІидал рачІун руго. |
|
| 27 |
|
| ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул — Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада. |
|
| 28 |
|
| Аллагь разилъизе жидеца щиб гьабизе кколебилан гьикъана гьез ГІисада. |
|
| 29 |
|
| ГІисаца жаваб кьуна: — Аллагь разилъизе нуж божизе ккола гьес нужехъе витІарав чиясда. |
|
| 30 |
|
| — Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? — ан гьикъана гьез ГІисада. |
|
| 31 |
|
| — ГІицІаб авлахъалде ккедал, нилъер умумуз кваналаан зобалаздасан рещтІараб нигІмат. «Зобалаздасан рещтІинабун чед кьуна гьес гьезие», — абун хъван буго гьелъул хІакъалъулъ. |
|
| 32 |
|
| ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Мусаца гуро нужее зобалаздасан чед кьураб, амма дир Инсуца нужее кьолеб буго унго-унгояб зобалазулаб чед. |
|
| 33 |
|
| Аллагьасдасан бачІараб чед ккола зобалаздасан рещтІараб ва гІаламалъе чІаголъи кьолеб чед. |
|
| 34 |
|
| Гьез абуна: — Я, БетІерчІахъад, кидаго кье гьединаб чед. |
|
| 35 |
|
| ГІисаца абуна: — Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо. |
|
| 36 |
|
| Амма дица нужеда абичІищ, гІаламат бихьаниги, нуж дида божун гьечІилан. |
|
| 37 |
|
| Инсуца дихъе кьуравщинав чи дихъе вачІина, дихъе вачІарав цониги чи дица нахъе гъеларо. |
|
| 38 |
|
| Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал. |
|
| 39 |
|
| Гьесул амру буго духъе кьуразул цонигияв вилизе-тІагІине виччагейилан. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе ккола. |
|
| 40 |
|
| Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго. |
|
| 41 |
|
| Ягьудиял ГІисаде ццин бахъун гаргадизе лъугьана жив зобалаздасан бачІараб чед кколин абунин гьесилан. |
|
| 42 |
|
| Гьез цоцазда абулеб букІана: — Юсупил вас ГІиса гурищ гьав чи? Нилъеда лъикІго лъалагури гьасул эменги эбелги. Гьале жив зобалаздасан вачІанилан вуго. |
|
| 43 |
|
| — Щай нуж ццин бахъун гаргадулел? — ан абуна ГІисаца гьезда. |
|
| 44 |
|
| — Цониги чи дида аскІове вачІине рес гьечІо, дун витІарав дир Инсуца гьев дихъе щвезавичІони. Дица гьев къиямасеб къоялъ чІаголъизавизе ккола. |
|
| 45 |
|
| Аварагзабазул ТІухьдузда буго: «Гьезда киназдаго Аллагьас малъила», — ян. Дир Инсуца малъараб босаравщинав чи дида аскІове вачІуна. |
|
| 46 |
|
| Дица абулеб гьечІо Эмен лъиданиги вихьанилан. Аллагьасдасан вачІарасда гурони, цо лъиданиги вихьичІо Эмен. |
|
| 47 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: иман лъурасе абадияб гІумру буго. |
|
| 48 |
|
| Дун вуго чІаголъи кьолеб чед. |
|
| 49 |
|
| Нужер умумуз доб гІицІаб авлахъалда квана зобалаздасан рещтІараб нигІмат, амма гьел хвана. |
|
| 50 |
|
| Гьанже зобалаздасан рещтІун буго гьеб кварав чи киданиги холареб чед. |
|
| 51 |
|
| Дун вуго зобалаздасан рещтІараб ва чІаголъи кьолеб чед. Гьеб чед кварав чи абадул абадиялъ чІаго вукІина. Дица гьесие кьезе бугеб чед — гьеб буго гьаб гІалам чІаго букІине гІоло кьезе бугеб дир Черх. |
|
| 52 |
|
| Гьебмехалъ ягьудиязда гьоркьоб кІудияб дагІба ккана жиндирго черх кинин гьас нилъее кваназе кьолебилан. |
|
| 53 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимадул Черхги квинчІони, гьесул Биги гьекъечІони, нужер гІумру букІине гьечІо. |
|
| 54 |
|
| Дир Черхги кварав, дир Биги гьекъарав чиясе абадияб гІумру буго. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавила. |
|
| 55 |
|
| Дир Черх буго хІакъаб квен, дир Би буго хІакъаб жа. |
|
| 56 |
|
| Дир Черх кванарав ва дир Би гьекъарав чи дилъ вукІине вуго, дунги гьесулъ вукІине вуго. |
|
| 57 |
|
| Щайгурелъул ЧІагояв Эмен — Аллагьас витІарав дун гьесдалъун чІаго вугев гІадин, дир Черх кванарав чи дидалъун чІаго вукІина. |
|
| 58 |
|
| Гьеле гьединаб буго зобалаздасан рещтІараб чед. Нужер умумуз кванана чед ва гьел хвана. Амма гьаб чед кванарав чиясе абадияб гІумру буго. |
|
| 59 |
|
| Гьеб хабар ГІисаца бицана Капернаумалъул синагогаялъуб. |
|
| 60 |
|
| Гьеб рагІидал, ГІисал гІемерисел муридаз цоцазда абуна: — Гьединаб жо букІине рес гьечІо! Лъица гьеб къабул гьабилеб? — ан. |
|
| 61 |
|
| Жиндир хабаралъ муридал гьедин гаргадизе тІамун рукІин лъайдал, ГІисаца гьезда абуна: — Гьадаб дир хабаралъ къварид гьарун ругоха нуж. |
|
| 62 |
|
| Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб? |
|
| 63 |
|
| РухІалъ кьола чІаголъи. Амма инсанасул мунагьаб напсалъ чІаголъи кьоларо. Дир рагІабазулъан бачІуна нужехъе рухІги чІаголъиги. |
|
| 64 |
|
| Амма нужеда гъорлъ руго гьелда божуларелги. (ГІисада цебеккунго лъалаан щив жинда божулев гьечІевали, щив жиндие хилиплъилевали.) |
|
| 65 |
|
| ГІисаца абуна: — Гьединлъидал гурищ цебеги дица нужеда абураб, лъиданиги кІоларин дихъе вачІине, дир Инсуца гьелъие рес рекъезабичІони. |
|
| 66 |
|
| Гьелдаса хадур гІемерисел муридал нахъе ана ва тІокІал гьесда хадур инчІо. |
|
| 67 |
|
| Гьебмехалъ анцІила кІиявго муридасда гьикъана ГІисаца нужееги нахъе ине бокьун гьечІебищилан. |
|
| 68 |
|
| Симон Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад, лъихъе ниж инел? Дуцалъидал рицунел ругел абадияб гІумру насиблъулел рагІаби. |
|
| 69 |
|
| Ниж божана ва нижеда бичІчІана мун Аллагьасул мукъадасав илчи вукІин. |
|
| 70 |
|
| ГІисаца абуна: — Дицалъидал нужер анцІила кІиявго чи тІаса вищарав. Амма нужеда гьоркьов цо илбисги вугевха! |
|
| 71 |
|
| Гьес гьедин абулеб букІана Симонил вас Ягьуда Искариотил хІакъалъулъ. АнцІила кІигоясда гьоркьов вукІаниги, гьев хилиплъизе хъван букІана. |
|
|
|
|