|
| 1 |
|
| Гьелдаса хадув ГІиса Галилеялъул росабалъе ва шагьаразде хьвадана. Ягьудиялде ине гьесие бокьичІо, — гьев чІвазе хІаракат бахъулеб букІиндалха ягьудияз. |
|
| 2 |
|
| ЖугьутІазул Хъощал раялъул байрам тІаде щолеб букІана. |
|
| 3 |
|
| Жиндирго вацаз ГІисада абуна: — Гьаниса вахъун Ягьудиялде а дуца гьарулел ишал дурго муридаздаги рихьизе. |
|
| 4 |
|
| Гьунар бугев чияс гьеб бахчуларо, гІадамазда бихьизабула. Гьединал хІикматал ишал гьаризе бугеб дурго гьунар гІаламалдаго бихьизабе. |
|
| 5 |
|
| (Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.) |
|
| 6 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Дир заман жеги тІаде щун гьечІо, амма нужее бокьараб заман данде ккола. |
|
| 7 |
|
| ГІаламалда нуж рихине рес гьечІо, амма дун гІаламалда рихун вуго. Дица нугІлъи гьабулеб бугелъул гІаламалъулго квешал ишазе. |
|
| 8 |
|
| Байрамалде а нужго. Амма гьеб байрамалде дун вачІинаро, дир заман жеги тІаде щун гьечІо. |
|
| 9 |
|
| Гьедин гьездаги абун, ГІиса Галилеялдаго чІана. |
|
| 10 |
|
| Амма вацал байрамалде индал, гІадамазда вихьиларедухъ, балъгого ГІисаги вахъана гьезда хадув къватІиве. |
|
| 11 |
|
| Ягьудияз ГІиса валагьулев вукІана гьеб байрамалда. — Дов чи кивдай вугев? — ан гьикъулеб букІана гьез. |
|
| 12 |
|
| ГІадамазул руккалилъги гІемер бицунеб букІана гьесул хІакъалъулъ. ЛъикІав чи вугилан цояз абулеб букІана, гІадамал махсароде кколев чи вугилан цогидаз абулеб букІана. |
|
| 13 |
|
| Амма балъго-гІатІго гурони ГІисал цІар бахъизе ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъулел рукІана гьел. |
|
| 14 |
|
| Байрамалъул чанго къо индал, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьун вачІана ва вагІза-насихІат гьабизе байбихьана. |
|
| 15 |
|
| Лъиданиги аскІове ун гІелму лъазабичІев чиясда ТІухьдузда бугеб кисандай лъанаян хІикмалъун рукІана ягьудиял. |
|
| 16 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб гІелму дир гуро, дун витІарав Аллагьасул буго. |
|
| 17 |
|
| Аллагьасул амру тІубазабизе бокьарав чиясда лъала гьаб гІелму дицаго ургъун бахъарабищ яги Аллагьасдасан бачІарабищали. |
|
| 18 |
|
| Жинцаго ургъун бахъарабгун цеве вахъунев чиясул мурад букІуна жиндиего цІар-рецц гьаби. Жив витІарасе цІар-рецц гьабизе бокьарав чи ритІухъав вукІуна, гьереси гьесул букІунаро. |
|
| 19 |
|
| Мусаца гурищ нужее къанун тараб? Амма нужер цонигияс цІунулеб гьечІо къанун. Щай нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб бугеб? |
|
| 20 |
|
| ГІадамаз ахІулеб букІана: — Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? — ан. |
|
| 21 |
|
| ГІисаца абуна гьебмехалъ: — Дица цохІо мугІжизат бихьизабуна, нуж киналго абуни жеги-жеги гьелда гІажаиблъун руго. |
|
| 22 |
|
| Мусал къануналъ малъулеб буго сунат гьабеян. (Гьебги Мусадасан бачІараб гІадат гуро, гьесде щвезегІанго умумузул букІараб буго.) Шамат къоялъги гьабулагуриха нужеца сунат. |
|
| 23 |
|
| Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? |
|
| 24 |
|
| ТІасан балагьун кьоге къимат, хІакъикъатги цІехон кье. |
|
| 25 |
|
| Гьебмехалъ Иерусалималдаса цо-цо гІадамаз абуна: — ЧІухІби-хІакимзабаз чІвазе валагьулев вугев чицин гурищ гьадав? |
|
| 26 |
|
| Балагье, халкъалда цеве вахъун кІалъалев вуго, лъицаниги щибниги абулебги гьечІо гьесда. ЧІухІби-хІакимзабазда лъалеб батила хІакъикъаталдаги дов МасихІ вукІин. |
|
| 27 |
|
| Амма нилъеда лъалагури дов кисаяли. ХІакъикъияв МасихІ вачІараб мехалъ, лъиданиги лъалеб рагІуларо гьев кисаяли. |
|
| 28 |
|
| Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана: — Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо. |
|
| 29 |
|
| Амма дида лъала Гьев: Гьесда аскІоса вачІана дун. Гьес витІана дун. |
|
| 30 |
|
| Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо. |
|
| 31 |
|
| Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана: — МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал? |
|
| 32 |
|
| ГІисал хІакъалъулъ гьедин абулеб рагІана фарисеязда. Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги фарисеязги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби ритІана ккун вачун гьевгун рачІайилан. |
|
| 33 |
|
| ГІисаца абуна: — ГІемераб заман хутІун гьечІо дие нужеда цадахъ вукІине, кватІичІого ина дунго витІарасда аскІове. |
|
| 34 |
|
| КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ. |
|
| 35 |
|
| Гьеб рагІидал, ягьудияз цоцазда гьикъулеб букІана: — Киве инедай гьасие бокьун бугеб? Нилъеда гьев ватулареб бакІгІаги щибдай? Греказул шагьаразда ругел дол нилъеразда аскІове инецин гуродай гьасда ракІалда бугеб, добаги жиндирго дин малъизе? |
|
| 36 |
|
| «КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ» — ан гьес абиялъул магІна щибдай? |
|
| 37 |
|
| Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: — Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. |
|
| 38 |
|
| ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила. |
|
| 39 |
|
| Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул. |
|
| 40 |
|
| Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. |
|
| 41 |
|
| Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана. |
|
| 42 |
|
| ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ — Бетлегьемалда — гьавилин гьев. |
|
| 43 |
|
| Гьедин ГІисал бицун дагІба-рагІи ккана гьел гІадамазда гьоркьоб. |
|
| 44 |
|
| ГІиса ккун вачун жанив тІамизе бокьаралги рукІана гьенир. Амма гьесда квер хъвазе кІвечІо лъиданиги. |
|
| 45 |
|
| ЧІахІиял кашишзабазухъеги фарисеязухъеги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби тІадруссун рачІараб мехалъ, ГІиса щай вачинчІевилан гьикъана гьезда. |
|
| 46 |
|
| Хъаравулзабаз жаваб кьуна: — Додин кІалъалев чи жеги киданиги рагІичІо нижеда, — ян. |
|
| 47 |
|
| — Унго нужгийищха гьес гуккарал? — ан абуна фарисеяз. — |
|
| 48 |
|
| ЧІухІби-хІакимзабазулги фарисеязулги цониги чи досда божун рихьанищ? |
|
| 49 |
|
| Досда божула къануналъул хІакъалъулъ жидеда щибниги лъаларел жагьилал гІадамал, нагІана батагийин гьезие! |
|
| 50 |
|
| Гьезда гьоркьов вукІана добмехалъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги. Гьес абуна: |
|
| 51 |
|
| — Нилъер къануналда рекъон чиясда гІайиб чІвазе бегьулебищ, ахІун аскІовегун цин гьес бицунелъухъ гІенеккичІого ва гьесул ишалъул цІех-рехги гьабичІого? |
|
| 52 |
|
| — Мунги Галилеялдаса ватила, — ян абуна гьесда гьез. — Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале. [ |
|
| 53 |
|
| Цинги гьел рикьа-риххун рокъо-рокъоре ана. |
|
|
|
|