|
| 1 |
|
| Зайтуналъул магІарде ана ГІиса. |
|
| 2 |
|
| Нахъисеб къоялъ радалго вачІана гьев Мукъадасаб Рокъове. ТІолабго халкъ бакІарана гьесда аскІобе. ГІодов чІун гьезие вагІза-насихІат гьабизе ГІисаги лъугьана. |
|
| 3 |
|
| Диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисахъе ячун ячІана росасе хилиплъун, зина гьабулаго тІадккурай цо чІужугІадан. ГІадамазда цее яхъун чІезаюна гьез гьей. |
|
| 4 |
|
| Цинги гьез ГІисада абуна: — Я, МугІалим! Зина гьабулей ятана гьай гІадан. |
|
| 5 |
|
| Мусаца жиндирго къануналда нижее амру гьабун буго гьадинал руччаби ганчІал речІчІун чІвазе кколин. Дуца щибилан абилеб? |
|
| 6 |
|
| ГІисада гІайиб чІвазе рес ккелародайилан ургъунго кьураб суал букІана гьеб. ГІодовеги къулун, чІарбида килщица цо щибалиго хъвалев вукІана ГІиса. |
|
| 7 |
|
| Нахъеги гьез добго суал кьедал, тІаде ворхун, гьес абуна: — Нужеда гьоркьоса цониги мунагь гьабичІев чияс речІчІе гьелда тІоцебе гамачІ. |
|
| 8 |
|
| Нахъеги гІодовеги къулун, чІарбида хъвадаризе лъугьана гьев. |
|
| 9 |
|
| Гьеб рагІидал, гьел цо-цоккун рахъун къватІире ана, чІахІияздасан байбихьун. ГІисаги гьесда цее эхетарай дой гІаданги хутІана гьенир. |
|
| 10 |
|
| ТІаде ворхун, ГІисаца гьелда гьикъана: — Йо, чІужугІадан, кире арал дол? Цониги чи хутІичІевищ дуе тамихІ гьабизе? |
|
| 11 |
|
| — ХутІичІо, БетІерчІахъад, — абун жаваб кьуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна: — Дицаги гьабиларо дуе тамихІ. А дурго гьанже. Гьанжеялдаса хадуб тІокІаб мунагьги гьабуге.] |
|
| 12 |
|
| Гьадинаб вагІза-насихІатги гьабуна ГІисаца гьезие: — Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур. Дида нахъвилълъарав цониги чи бецІлъуда хьвадизе гьечІо. ГІумру гвангъизабулеб Нур гьесда цадахъ букІине бугелъул. |
|
| 13 |
|
| Гьебмехалъ фарисеяз абуна: — Дуцаго дуего гьабулеб бугеб дур нугІлъи кьучІаб букІунаро. |
|
| 14 |
|
| ГІисаца абуна: — Дицаго дирго хІакъалъулъ гьабулеб бугониги, гьеб нугІлъи кьучІаб буго, дида лъалелъул дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. Нужеда лъаларо дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. |
|
| 15 |
|
| Нужеца суд гьабула гІадамаз гІадин, амма дица лъиениги суд гьабуларо. |
|
| 16 |
|
| Дица суд гьабунигицин, гьеб ритІухъаб букІина, дун дунго цохІо гьечІелъул, дун витІарав Эменги вугелъул дида цадахъ. |
|
| 17 |
|
| Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан. |
|
| 18 |
|
| Дицаги гьабулеб буго диего нугІлъи, дун витІарав дир Инсуцаги гьабулеб буго. |
|
| 19 |
|
| — Дур эмен кив вугев? — ан гьикъана гьесда. ГІисаца жаваб кьуна: — Я, дун, яги дир Эмен нужеда лъаларо. Дун лъалевани, дир Эменги лъалаан нужеда. |
|
| 20 |
|
| Гьеб вагІза-насихІат ГІисаца гьабуна Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъуб, садакъадул гІарац лъолеб гъансида аскІов вахъунги чІун. Лъицаниги кквечІо гьев, жеги гьелъие болжал щун букІинчІо. |
|
| 21 |
|
| Гьанжеги ГІисаца гьезда абуна: — Дун нужеда аскІоса ине вуго. Дун валагьулел рукІина нуж, амма гьедин мунагьазул цІовухъе хвела, дун араб бакІалде рачІинеги кІвеларо нужеда. |
|
| 22 |
|
| Ягьудияз абуна: — Живго жинцаго чІвазехъинцин вугодай? Дун араб бакІалде рачІине нужеда кІвеларинги абулеб буго. |
|
| 23 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Нуж руго гІодор рижарал, дун вуго тІасан вачІарав. Нуж руго гьаб дуниялалъул чагІи, дун гьаб дуниялалъул чи гуро. |
|
| 24 |
|
| Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб нуж мунагьазул цІовухъе хвезе ругилан. Дов — Дун вукІиналда божичІони, мунагьазул цІовухъе хвела нуж. |
|
| 25 |
|
| — Мун щивха кколев? — ан гьикъана гьез. ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дун щивали авалалдаса бахъарабго бицана дица нужеда. |
|
| 26 |
|
| Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев! |
|
| 27 |
|
| Гьезда бичІчІичІо Инсул хІакъалъулъ бицунеб букІин. |
|
| 28 |
|
| Цоги ГІисаца абуна: — ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов — Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи. |
|
| 29 |
|
| Дун ВитІаравги дунгун цадахъ вуго. Гьес дун дунго цохІо течІо, гьев разилъулебщинаб иш гьабулеб бугелъул дица кидаго. |
|
| 30 |
|
| ГІисаца гьедин абидал, гІемераз иман лъуна гьесде. |
|
| 31 |
|
| Жинде иман лъурал ягьудиязда ГІисаца абуна: — Дир рагІи нужеца рекІелъ цІунани, унго-унгоял дир муридал рукІина нуж. |
|
| 32 |
|
| ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила. |
|
| 33 |
|
| Гьез абуна: — Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб? |
|
| 34 |
|
| ГІисаца жаваб кьуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: мунагь гьабуравщинав чи ккола мунагьалъул лагъ. |
|
| 35 |
|
| Масала, цо пуланав лагъ жиндирго бетІергьанасул рокъов кидаго гуро вукІунев, амма вас инсул рокъов кидаго вукІуна. |
|
| 36 |
|
| Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж. |
|
| 37 |
|
| Дида лъала нуж Ибрагьимил наслу букІин. Амма нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб буго, дир рагІи нужер ургьибе унеб гьечІелъул. |
|
| 38 |
|
| Дица нужеда малъулеб буго дир Инсуда аскІоб дида бихьараб къагІидаялъ. Нужецайин абуни гьабулеб буго нужерго инсудасан рагІараб къагІидаялъ. |
|
| 39 |
|
| — Нижер эмен Ибрагьим вуго, — ян абуна гьез. ГІисаца абуна: — Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца. |
|
| 40 |
|
| Нужецани дун — Аллагьасдасан рагІараб хІакъаб рагІи нужеда бицарав чи — чІвазе къасд гьабулеб буго. Амма Ибрагьимица гьединаб иш гьабичІо. |
|
| 41 |
|
| Нужерго инсуца гьабураб гьабулеб буго нужеца. Гьез абуна: — Ниж зинаялдасан ккарал гуро. Нижер цо эмен вуго — Аллагь! |
|
| 42 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Нужер эмен Аллагь вукІаравани, нужее дун вокьилаан. Дун Аллагьасдасан вачІун рещтІарав вугелъул гьаниве. Дунго лъикІав лъугьун вачІинчІо дун, гьес витІун вачІана. |
|
| 43 |
|
| Нужеда дир рагІи бичІчІулеб гьечІо, нужеда гьеб рагІизе рес гьечІелъул. |
|
| 44 |
|
| Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси — гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. |
|
| 45 |
|
| Дида нуж божулел гьечІо, дица битІараб бицунеб бугелъул. |
|
| 46 |
|
| Нужер цониги чиясда кІвелищ мунагь бугин дидайилан абизе? Дица битІараб бицунеб бугеб мехалъги щай нуж дида божуларел? |
|
| 47 |
|
| Аллагьасдасан вачІарав чи Аллагьасул рагІухъги гІенеккула. Нуж Аллагьасдасан ругелал гурелъул, нуж гІенеккулел гьечІо. |
|
| 48 |
|
| Ягьудияз гьесда абуна: — Мун самарияв вугин ва жундуз ккунги вугин абун нижеда гьоркьоб тІибитІун бугеб хабарги гьересийищха? |
|
| 49 |
|
| ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Дун жундуз ккун гьечІо. Дица дирго Эмен кІодо гьавулев вуго, нужецайин абуни, дун хІакъир гьавулев вуго. |
|
| 50 |
|
| Амма дун рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро. Дие рецц-бакъ гьабизе бокьаравги вугевха, гьес гьабила нужее суд. |
|
| 51 |
|
| ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. |
|
| 52 |
|
| Ягьудияз гьесда абуна: — Гьанже тІубанго хІакълъана нижее мун жундуз ккун вугевлъи. Ибрагьим хвана, цогидал аварагзабиги хвана. Дуцани абулеб буго дур рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІилан. |
|
| 53 |
|
| Нижер эмен Ибрагьимидасаги цІакъав чийищха мун кколев? Цогидал аварагзабаздасаги цІакъав чийищха? Ибрагьимги хвана, гьел цоялги хвана. Мун щив гьедигІан кутакав чи? |
|
| 54 |
|
| ГІисаца жаваб кьуна: — Дицаго диего рецц-бакъ гьабуни, гьеб букІина гІададисеб чІанда-хабар. Нижер Аллагьилан нужеца абулев дир Инсуца гьабулеб буго дие рецц-бакъ. |
|
| 55 |
|
| Нужеда киданиги лъалароан Гьев. Амма дида Гьев лъала. Дида Гьев лъаларилан дица абуни, дунги вукІина нужеда релълъарав гьерсихъан. Дида Гьев лъала ва Гьесул рагІи рекІелъ цІунун буго дица. |
|
| 56 |
|
| Нужер эмен Ибрагьим цІакъ вохана, дун вачІараб къо бихьидал. Гьесда бихьана дун вачІараб къо ва гьелдаса вохана. |
|
| 57 |
|
| Гьебмехалъ ягьудияз гьесда абуна: — Жеги кІикъоялда анцІго сонцин бачІев дуда Ибрагьим кин вихьулев? |
|
| 58 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жеги Ибрагьим авараг вахъиналдего вукІана дун. |
|
| 59 |
|
| Гьесда речІчІизе ганчІал кодоре росана гьебмехалъ ягьудияз. ГІиса гІадамазул руккалилъ вахчана ва Мукъадасаб Рокъоса къватІиве ана. |
|
|
|
|