|
| 1 |
|
| Гьениса унаго ГІисада ватана эбелалъ гьавуралдасаго бецав цо чи. |
|
| 2 |
|
| ГІисада муридаз гьикъана, гьев чиясул мунагь букІунищ яги гьесул эбел-инсул мунагь букІунищ эбелалъул ургьивго гьев бецав вугев. |
|
| 3 |
|
| ГІисаца абуна: — Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев. |
|
| 4 |
|
| Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо. |
|
| 5 |
|
| Гьаб дуниялалда дун вугебгІан заманаялъ гьаб дуниялалъе Нур ккола дун. |
|
| 6 |
|
| Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда. |
|
| 7 |
|
| Цинги ГІисаца гьесда абуна: — ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, — ян. Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи. |
|
| 8 |
|
| Гьесул мадугьалзабазги къватІахъ гьарделев гьев вихьаразги цоцазда гьикъулеб букІана дова садакъа гьарулев вукІарав бецав чи гурищ гьавилан. |
|
| 9 |
|
| Уйилан абулеб букІана цо-цояз, цогидаз абуна дов гурин, досда релълъарав чи вугилан. Жив вугин гьевилан абуна гьес. |
|
| 10 |
|
| — Кинха дуда канлъи бихьараб? — ан гьикъана гьез гьесда. |
|
| 11 |
|
| Гьес жаваб кьуна: — Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана. |
|
| 12 |
|
| Гьев чи кив вугевилан гьикъидал, жинда лъаларилан абуна гьес. |
|
| 13 |
|
| Бецав вукІун канлъи бихьарав гьев чи фарисеязухъе вачана гьез. |
|
| 14 |
|
| (ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.) |
|
| 15 |
|
| Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан. |
|
| 16 |
|
| Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал, |
|
| 17 |
|
| дов бецав вукІун канлъи бихьарав чиясда гьикъана гьез нахъеги: — Дур бецал беразда канлъи бихьизабурав чиясул хІакъалъулъ щиб дуца абилеб? Авараг вугин довилан кьуна гьес жаваб. |
|
| 18 |
|
| Ягьудиязе бокьун букІинчІо бецав вукІун гьев чиясда канлъи бихьанилан абураб жоялда божизе. Хадув чи витІун гьесул эбелги эменги ахІана гьенире. |
|
| 19 |
|
| Цинги гьезда гьикъана: — Эбелалъул ургьисаго бецав вукІанилан нужеца бицунев гьав чи нужер васищ? Гьасул беразда канлъи кин бихьарабали лъалебищ нужеда? |
|
| 20 |
|
| Эбелалъги инсуцаги абуна нижеда лъала гьев чи нижер вас вугевлъи ва эбелалъул ургьисаго бецав вукІаравлъиги. |
|
| 21 |
|
| Амма гьесда гьанже канлъи щай бихьулеб бугебалиги ва лъица гьев сахлъизавуравалиги нижеда лъаларо. Гьесда жиндаго гьикъе. Балугъав чи вуго, жинцаго бицине биччанте. ( |
|
| 22 |
|
| Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан. |
|
| 23 |
|
| Гьединлъидалин гьаз абураб жидер вас балугъав чи вугин, гьесда жиндаго гьикъейилан.) |
|
| 24 |
|
| Ягьудияз нахъеги аскІове ахІун, гьесда абуна: — Аллагьасда цебе гьереси бицунге! Нижеда лъарабин мун сахлъизавурав чи мунагьазул цІурав чи вугевлъи. |
|
| 25 |
|
| Гьес абуна: — Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги. |
|
| 26 |
|
| Нахъеги гьикъана гьесда: — Щиб дос дуе гьабураб? Кин дос дур беразда канлъи бихьизабураб? |
|
| 27 |
|
| Гьес жаваб кьуна: — Дица бицунеб мехалъ гІенеккунищ нуж рукІинчІел? Цоги нухалъ гьелъухъ гІенеккун щай нужее? Яги досул муридаллъун лъугьинейищ нужееги бокьун бугеб? |
|
| 28 |
|
| — Нижни Мусал муридал руго. Мун вуго досул муридлъун лъугьун! — ан тІаделъана гьесде фарисеял. |
|
| 29 |
|
| — Нижеда лъала Мусада Аллагь кІалъаравлъи, довин абуни, киса-щивалицин лъаларев чи вуго. |
|
| 30 |
|
| Бецав вукІун канлъи бихьарас абуна гьезда: — ХІикматаб жо буго нужеда дов киса-щивали лъалеб гьечІолъи. Амма дос дир беразда канлъи бихьизабуна. |
|
| 31 |
|
| Нилъеда лъала мунагь-хІакъалъул агьлуялъухъ Аллагь гІенеккуларевлъи. Аллагь гІенеккула жиндие мутІигІав, жиндир амру тІубазабулев чиясухъ. |
|
| 32 |
|
| Киданиги рагІун букІинчІо эбелалъул ургьисаго бецав чиясда лъицаниги канлъи бихьизабун бугилан. |
|
| 33 |
|
| Дов чи Аллагьасдасан вачІарав вукІинчІевани, щибго гьабун бажарилароан досухъа. |
|
| 34 |
|
| Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев. |
|
| 35 |
|
| Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана. |
|
| 36 |
|
| Гьес жаваб кьуна: — Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ? |
|
| 37 |
|
| ГІисаца гьесда абуна: — Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго. |
|
| 38 |
|
| — Я, БетІерчІахъад, дуда божула! — ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана. |
|
| 39 |
|
| ГІисаца абуна: — Гьаб дуниялалде дун суд гьабизе вачІун вуго: бецазда канлъи бихьизе, канлъи бихьулелал бецлъизе. |
|
| 40 |
|
| Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан. |
|
| 41 |
|
| ГІисаца гьезда абуна: — Нуж бецал рукІаралани, нужее мунагь букІинароан. Канлъи бихьулилан нужеца абулеб бугелъул, мунагь тІаса инаро нужедаса. |
|
|
|
|