|
| 1 |
|
| Къайсарияталда вукІана Корнелий абулев цо чи. Гьев вукІана Италиялъулабилан абулеб полкалдаса рагъухъабазул нусилбетІер. |
|
| 2 |
|
| Гьевги гьесул рукъалъул агьлуги Аллагьасукьа хІинкъарал, цІакъ диниял гІадамал рукІана. КІуди-кІудиял садакъабиги гьарулаан гьес гІадамазе, кидаго Аллагьасе тІагІат-гІибадаталдаги вукІунаан. |
|
| 3 |
|
| Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе. — Корнелий! — абун кІалъана гьесда малаик. |
|
| 4 |
|
| ХІинкъадго гьесухъги валагьун: — Щиб, бетІерчІахъад? — абун гьикъана Корнелийица. Малаикас гьесие жаваб кьуна: — Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин. |
|
| 5 |
|
| Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. |
|
| 6 |
|
| Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина. |
|
| 7 |
|
| Гьесда кІалъарав малаик цевеса тІагІаравго, Корнелийица кІиго рагьтІателги жиндирго цо муъминав нукарги аскІоре ахІун, |
|
| 8 |
|
| гьезда гьеб кинабго бицана ва гьел лъабалго Иоппиялде ритІана. |
|
| 9 |
|
| Нахъисеб къоялъул къалъул гІужалда гьел Иоппиялде щолел рукІана. ТІохде вахун дугІа гьабулев вукІана Пётр гьебмехалъ. |
|
| 10 |
|
| Пётр вакъана, кванде хиял ккана гьесул гьениб. Гьесие квен къачІалеб букІаго, цебетІами лъугьана: |
|
| 11 |
|
| зобал рикьун ана ва ункъабго гІинщги ккун гІодобе биччан бачІунеб бихьана цо кІудияб туруталда релълъараб жо. |
|
| 12 |
|
| Гьелда тІад ругоан ракьалдасан хьвадулел киналго тайпабазул хІайваналгун шурулел жалги хІанчІиги. |
|
| 13 |
|
| — Вахъун гьелги хъве, гьезул гьанги кванай, Пётр, — абун гьаракь рагІана гьесда. |
|
| 14 |
|
| Пётрица абуна: — Я, ТІадегІанав, дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги квинчІо. |
|
| 15 |
|
| КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда: — Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца. |
|
| 16 |
|
| Лъабабизеги рагІана Пётрида гьеб гьаракь ва гьебсагІат зобалазде босун ана доб турут гІадинаб жо. |
|
| 17 |
|
| Гьелъул магІна щибдайилан пикрабазда Пётр вугеб мехалъ, Корнелийица ритІарал дол гІадамал, Симонил мина бугеб бакІ балагьизе гьесул кавудухъе щун рукІана. |
|
| 18 |
|
| Гьез ахІунго-ахІун гьикъулеб букІана Пётр абун тІокІцІар бугев Симон вугищин нужер гьенив гьоболлъухъилан. |
|
| 19 |
|
| Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна: — ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев. |
|
| 20 |
|
| Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи. |
|
| 21 |
|
| Гьениса гъоркьеги рещтІун, дол гІадамазда абуна Пётрица: — Дун ккола гьев нужеца валагьулев вугев чи. Щай нуж гьанире рачІарал? |
|
| 22 |
|
| Гьез абуна: — Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян. |
|
| 23 |
|
| Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ. |
|
| 24 |
|
| КІиабилеб къоялъ Пётр Къайсарияталде щвана. Корнелий, жиндирго гІага-божаралги гьудул-гьалмагъзабиги ахІун, гьел рачІиналъухъ валагьун чІун вукІана. |
|
| 25 |
|
| Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий. |
|
| 26 |
|
| Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: — ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин. |
|
| 27 |
|
| Гьевгун гара-чІварулаго рокъове жаниве лъугьарав Пётрида гІемерал гІадамал ракІарун ратана гьенире. |
|
| 28 |
|
| Гьезда Пётрица абуна: — Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. |
|
| 29 |
|
| Гьединлъидал дун, нужеца ахІаравго, тІадкІалъай гьечІого вачІана гьаниве. Гьанже бице нужеца: щай дида хадур чагІи ритІарал? |
|
| 30 |
|
| Гьебмехалъ Корнелийица абуна: — Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна: |
|
| 31 |
|
| «Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда. |
|
| 32 |
|
| Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда». |
|
| 33 |
|
| ГьебсагІатго ритІана дица дуда хадур чагІи. Мун гьаниве вачІун лъикІ ккана. Гьале гьанже ниж киналго Аллагьасда цере чІун руго, БетІергьанас дуе амру гьабурабщиналъухъ гІенеккизе. |
|
| 34 |
|
| Пётрица гьезда абуна: — Гьанже якъинго бичІчІана дида Аллагьас жиндирго лагъзадерида гьоркьоб батІалъи гьабулареблъи. |
|
| 35 |
|
| Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи. |
|
| 36 |
|
| Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав. |
|
| 37 |
|
| Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб. |
|
| 38 |
|
| Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, — Аллагь гьевгун вукІиндалха! |
|
| 39 |
|
| Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев. |
|
| 40 |
|
| Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна. |
|
| 41 |
|
| Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж. |
|
| 42 |
|
| Гьес нижее амру гьабуна чІагоязеги хваразеги суд гьабизе Аллагьас тарав чи вугин живилан халкъалдаго лъазабеян, гьелъие нугІлъиги гьабеян. |
|
| 43 |
|
| Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан. |
|
| 44 |
|
| Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. |
|
| 45 |
|
| Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. |
|
| 46 |
|
| Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна: |
|
| 47 |
|
| — Нилъее гІадин, Илагьияб РухІ насиблъарал гьал гІадамазе лъадалъ ччун рахъи гьукъулев чи вукІинищ? |
|
| 48 |
|
| Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан. |
|
|
|
|