|
| 1 |
|
| Икониялдаги гьез, жугьутІазул синагогаялъуре лъугьун, вагІза гьабуна, ва гІемерисел жугьутІалги цогидал халкъазул гІадамалги божана гьезда. |
|
| 2 |
|
| Амма гьезда божичІел жугьутІаз, иман лъуразда данде гьусун тІамун, цогидал халкъазул гІадамазул рекІелъ гьездехун ццин багъаризабулеб букІана. |
|
| 3 |
|
| Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги. |
|
| 4 |
|
| Шагьаралъул халкъ кІийиде бикьана гьебмехалъ: цоял жугьутІазул рахъалда рукІана, цогидал чапарзабазул рахъалда рукІана. |
|
| 5 |
|
| Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе. |
|
| 6 |
|
| Гьеб хабар лъарабго, гьел гьениса Ликаониялде лъутун ана. Гьел рукІана Листра ва Дербия шагьараздаги гьезда сверухъ ругел бакІаздаги. |
|
| 7 |
|
| Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар. |
|
| 8 |
|
| Листраялда вукІана эбелалъ гьавуралдаса нахъего палижалъ ккурав, гІумруялъ жиндирго бохдузда вахъун чІун вилълъанхъичІев цо чи. |
|
| 9 |
|
| Павелихъ гІенеккун вукІана гьев. ЛъикІго гьесухъ валагьидал, Павелида бичІчІана живго сахлъизе вукІиналда ракІ-ракІалъго божарав чи гьев вугевлъи. |
|
| 10 |
|
| — ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! — ян ахІана гьесде Павелица. ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев. |
|
| 11 |
|
| Павелица гьабураб иш бихьидал, гьенир рукІарал гІадамал ликаоназул мацІалда ахІдезе лъугьана инсанасул сураталда аллагьзаби рещтІун ругин жидехъеян. |
|
| 12 |
|
| Барнабада гьез Зевсилан цІар лъуна. ВагІза-насихІат гьабун цІикІкІун кІалъалев вукІиндал, Павелида цІар Гермесилан лъуна. |
|
| 13 |
|
| Шагьаралъул каву бахун къватІибехун букІараб Зевсил сураталъе хъулухъалъе тарав цо динияв чи, оцалги цере къотІун, тІугьдузул горалги росун, гІемераб халкъги цадахъ бачун, гьав кІиясулго хІурматалда къурбан хъвезе кавудухъе вачІана. |
|
| 14 |
|
| Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар — Барнабаги Павелги, — тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана: |
|
| 15 |
|
| — Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. |
|
| 16 |
|
| Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине. |
|
| 17 |
|
| Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан. |
|
| 18 |
|
| Гьединаб хабар бицун хІалицаго кІвана Павелидаги Барнабадаги жидер хІурматалда къурбан хъвеялдаса гьел руссинаризе. |
|
| 19 |
|
| Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана. |
|
| 20 |
|
| Амма муридал рачІун аскІор чІедал, тІаде вахъун, шагьаралде ана Павел. Нахъисеб къоялъ Барнабаги вачун гьев Дербиялде ана. |
|
| 21 |
|
| Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана, |
|
| 22 |
|
| муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: — ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, — ян. |
|
| 23 |
|
| Иман лъуразул щибаб агьлуялъе диниял бутІрулги тІамун тун, какал ран, кІалал ккун, нахъе унеб мехалъ гьез муридал толаан жидеца иман лъурав ТІадегІанасул цІобалда божун. |
|
| 24 |
|
| Писидиялдасан ун гьел Памфилиялде щвана. |
|
| 25 |
|
| [25-26] Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ. |
|
| 26 |
|
|
|
| 27 |
|
| Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. |
|
| 28 |
|
| Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана. |
|
|
|
|