|
| 1 |
|
| КІудияб судалъул гІадамазда берги речІчІизабун, Павелица абуна: — Я, дир вацал! Жакъа къоялде щвезегІан дица Аллагьасда цебе ракІбацІцІадго гІумру гьабуна ва кидаго гьабичІо ритІухъаб гурони иш. |
|
| 2 |
|
| Гьеб рагІидал кІудияв кашиш Ананияца аскІор рукІаразе амру гьабуна гьесул кІал бухейилан. |
|
| 3 |
|
| Павелица гьесда абуна: — Аллагьас вухила мун, хъахІракьалъ бохьараб къед! Мун гьанив гІодов чІун вуго къануналда рекъон дие суд гьабизе. Дуцайин абуни, къанунги хвезабун, буюрухъ кьолеб буго дун вухейилан. |
|
| 4 |
|
| АскІор рукІараз гьесда абуна Аллагьасул кІудияв кашиш къабихІ гьавулев вугин дуцайилан. |
|
| 5 |
|
| Гьебмехалъ Павелица абуна: — Я, вацал! Гьав чи кІудияв кашиш вукІин лъачІо дида, Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дурго халкъалъул бетІерасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абуге», — ян. |
|
| 6 |
|
| Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: — Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул. |
|
| 7 |
|
| Гьес гьедин абидал, саддукеяздаги фарисеяздаги гьоркьоб дагІба ккун, цоцалъ рана судиял. |
|
| 8 |
|
| (Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.) |
|
| 9 |
|
| КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: — Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан? |
|
| 10 |
|
| Гьезул дагІба-рагІи гІорхъулъа индал, гьез Павел тІутІун вазе гурилан хІинкъун, азарилбетІерас рагъухъабазе буюрухъ кьуна гъоркье рачІун гьев нахъе вачейилан ва хъалаялъуве щвезавейилан. |
|
| 11 |
|
| Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна: — Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи. |
|
| 12 |
|
| Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин. |
|
| 13 |
|
| Гьедин Павелида дандечІаразул вукІана кІикъогоялдаса цІикІкІарав чи. |
|
| 14 |
|
| ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна: — Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж. |
|
| 15 |
|
| Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев. |
|
| 16 |
|
| Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана. |
|
| 17 |
|
| Гьебмехалъ аскІове ахІун гьес цо нусилбетІерасда абуна гьав гІолохъанчи азарилбетІерасухъе вачейилан, досда бицине цо хабар бугин гьасулилан. |
|
| 18 |
|
| Гьев гІолохъанчиги азарилбетІерасухъе щвезавун, гьес досда абуна: — Туснахъалъув вугев Павелица аскІове ахІун гьарана дида гьав гІолохъанчи духъе щвезавейилан, дуда бицине цо хабар бугин гьасулилан. |
|
| 19 |
|
| Кверги ккун довегІан вачун, азарилбетІерас гьев гІолохъанчиясда гьикъана дида щиб бицине дуе бокьун бугебилан. |
|
| 20 |
|
| Гьес бицана: — ЖугьутІаз къотІи гьабун буго, мухІканаб цІех-рехалъе къваригІун вугиланги абун, метер Павел кІудияб судалде вачине виччайилан дуда гьаризе. |
|
| 21 |
|
| Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ. |
|
| 22 |
|
| Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги хІухь бахъугейиланги лъазабун, азарилбетІерас нахъе витІана гьев гІолохъанчи. |
|
| 23 |
|
| Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна: — КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго. |
|
| 24 |
|
| Павел рекІине чуялги къачІай. Нухда щибго зарал-зиян ккезе течІого, Феликс сардарасухъе щвезаве гьев. |
|
| 25 |
|
| Цинги гьес гьадинаб кагъат хъвана: |
|
| 26 |
|
| «ХІурмат тІадегІанав сардар Феликсиде салам буго Клавдий Лисийил рахъалдасан. |
|
| 27 |
|
| Гьав чи жугьутІаз, ккун вачун, чІвазехъин вукІана. Рималъул гражданин вукІин лъайдал, рагъухъабиги рачун ун, дица гьав хвалдаса хвасар гьавуна. |
|
| 28 |
|
| Гьасда бугеб гІайиб-хатІа лъазе гІоло дица гьав гьезул кІудияб судалде вачана. |
|
| 29 |
|
| Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. |
|
| 30 |
|
| Гьанже гьав чи чІвазе гьез гъоркьчІел гьабун бугилан абидал, дица гьав духъе витІулев вуго ва гьасда дандечІаразеги амру гьабуна гьасдасан бугеб гІарзалъ духъе айилан». |
|
| 31 |
|
| Буюрухъ тІубазабун, рагъухъабаз Павел гьеб сордоялъго Антипатридаялде вачана. |
|
| 32 |
|
| Нахъисеб къоялъ рекІарал ана Павелги вачун Къайсарияталде, цогидал рагъухъаби хъалаялъуре тІадруссана. |
|
| 33 |
|
| Къайсарияталде щведал, Павел вачун рачІарал рагъухъабаз Павелги гьесул хІакъалъулъ хъвараб кагъатги сардарасухъе кьуна. |
|
| 34 |
|
| Кагъат цІалун бахъарабго, Феликсица гьикъана Павел щиб вилаяталъул чийилан. Гьев Киликиялдаса вукІин лъайдал, |
|
| 35 |
|
| Феликсица абуна: — Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, — абун. Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан. |
|
|
|
|