|
| 1 |
|
| Щуго къоялдасан кІудияв кашиш Ананияда цадахъ гьенире рачІана чІухІби-хІакимзабаздасан чанго чиги Павелиде гІайиб гІунтІизабизе вачарав адвокат Тертуллги. РачІун гьез Павелида тІасан сардарасде гІарз бахъана. |
|
| 2 |
|
| Павел вачун цеве чІезавидал, Тертуллица байбихьана гьесда ккараб гІайиб бицине. Гьес абуна: — Дур бетІерчІахъаяв Феликс, дуцаги дур тІалаб-агъазалдалъун гьаб нижер халкъалъул гІумруялъулъ ккезарурал лъикІал хиса-басиязгийин ниж щулияб ракълиде рачарал, |
|
| 3 |
|
| гьеб киналъухъго кидаго ва кибго нижер кІудияб баркала буго дуе. |
|
| 4 |
|
| Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан. |
|
| 5 |
|
| Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго. |
|
| 6 |
|
| ХІатта гьас къасд гьабуна Мукъадасаб Рукъ хъублъизабизецин, гьенив нижеца ккуна гьав. |
|
| 7 |
|
| [7-8] Дуцаго гьасул цІех-рех гьабуни, якъинлъила щай нижеца гьасде гІайиб гІунтІизабулеб бугебали. |
|
| 8 |
|
|
|
| 9 |
|
| ТІад рекъон, цогидал жугьутІазги абуна гьеб битІараб бугилан. |
|
| 10 |
|
| КІалъазе изну бугилан сардарас ишан гьабидал, Павелица абуна: — ГІемерал соназ мун гьаб халкъалда тІад къадилъун вукІин лъалелъул, дун вохун вуго дидаго гІайиб гьечІолъи чІезабун дуда цеве кІалъалев вукІиналдаса. |
|
| 11 |
|
| Иерусалималде зияраталъе дун вачІаралдаса анцІила кІиго къо гурони ун букІинчІо. Гьелъул мухІканлъи балагьизе кІвела дуда. |
|
| 12 |
|
| Гьеб заманаялда я Мукъадасаб Рокъов, я синагогабазда, я къотІнов ватичІо гьазда дун щивгунниги дагІбадулев, яги гІадамал данделъизарулев. |
|
| 13 |
|
| Гьанже диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвезе гьечІо гьазда. |
|
| 14 |
|
| Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги. |
|
| 15 |
|
| Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде. |
|
| 16 |
|
| Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе. |
|
| 17 |
|
| ГІемерал соназ къватІивги вукІун, дун Иерусалималде тІадвуссун вачІана дирго халкъалда гьоркьоса мискин-пакъирасе садакъа кьезеги къурбан хъвезеги. |
|
| 18 |
|
| Дунго вацІцІалъизавиялъул гІадат тІубазабулев Мукъадасаб Рокъов вугеб мехалъ ватана гьазда дун. Гьениб дида аскІоб халкъалъул руккелги букІинчІо, щибго ахІи-хІурги букІинчІо. |
|
| 19 |
|
| Асиялдаса вачІарав чанго жугьутІасда ватана дун гьенив. Гьеле гьел рукІине кколаан гьанир дуда цере чІун, диде гІунтІизабизе гІайиб бугони, гьеб дуе баян гьабизе. |
|
| 20 |
|
| Яги гьаз жидецаго бицине биччанте, кІудияб судалда цеве чІезавидал, дида батараб гІайибалъул. |
|
| 21 |
|
| ЦохІого цохІо дица гьениб ахІана: «Хваралъуса тІаде рахъинаризе рукІиналда дун божунилан жакъа нужеца дие суд гьабулеб бугоха!» — ян. |
|
| 22 |
|
| ГІисал Нухалъул хІакъалъулъ дагьаб мухІканго лъалев Феликсица абуна, азарилбетІер Лисий вачІинегІан жинца суд нахътІамун толеб бугилан ва гьебмехалъ гьабилин хІукмуйилан. |
|
| 23 |
|
| НусилбетІерасеги буюрухъ кьуна Павел жанив тІамизе вачеян, амма гьесие бигьалъи гьабеян ва гьесухъе раккизе рачІарал гІага-божаразеги щибго квекІен гьабугейилан. |
|
| 24 |
|
| Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ. |
|
| 25 |
|
| РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана. |
|
| 26 |
|
| ТІаде жоялъеги гьесда ракІалда букІана Павелица ришваталъе гІарац кьелиланги. Гьединлъидал гІемер ахІулаан гьес Павел жиндихъего, гьевгун гара-чІварулаан. |
|
| 27 |
|
| КІиго соналдасан Феликсил бакІалде сардарлъун вачІана Порций Фест. Жиндасаго жугьутІал разиго хутІизелъун, Феликсица Павел туснахъалъувго тана. |
|
|
|
|