|
| 1 |
|
| — Гьанже бицеха дурго, — ян абуна Агриппаца Павелида. Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе: |
|
| 2 |
|
| — Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей. |
|
| 3 |
|
| Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан. |
|
| 4 |
|
| Киналго жугьутІазда лъала гІолохъанаб мехалдаса нахъего дирго халкъалда гьоркьобги хадуб Иерусалималдаги кинаб гІумру дир букІарабали. |
|
| 5 |
|
| Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез. |
|
| 6 |
|
| Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан. |
|
| 7 |
|
| Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз. |
|
| 8 |
|
| Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб? |
|
| 9 |
|
| Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан. |
|
| 10 |
|
| Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. |
|
| 11 |
|
| Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе. |
|
| 12 |
|
| Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун. |
|
| 13 |
|
| Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги. |
|
| 14 |
|
| Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! — абун ахІана гьес. — Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа». |
|
| 15 |
|
| «Мун щив, бетІерчІахъад?» — абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, — ян абуна ТІадегІанас. — |
|
| 16 |
|
| ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. |
|
| 17 |
|
| Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. |
|
| 18 |
|
| Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила». |
|
| 19 |
|
| Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун. |
|
| 20 |
|
| Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян. |
|
| 21 |
|
| Гьеб сабаблъунин дун Мукъадасаб Рокъов жугьутІаз тІад речІчІун ккурав ва чІвазехъин вукІарав. |
|
| 22 |
|
| Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо. |
|
| 23 |
|
| Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан. |
|
| 24 |
|
| Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана: — Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! — абун. |
|
| 25 |
|
| — Дун гІадаллъун гьечІо, бетерчІахъаяв Фест, — абун жаваб кьуна гьесие Павелица. — Гьаб дир рагІи битІарабги буго, цІодорабги буго! |
|
| 26 |
|
| Агриппа ханасда цІакъ лъикІ лъалелъул гьадинал ишазул хІакъикъат, хІинкъичІого гьесдехун кІалъалев вуго дун. Гьаб ишалъулъ щибго балъгояб жо хутІун батиларо гьесие, бецІаб бокІнилъ гурелъул гьеб кинабго ккараб. |
|
| 27 |
|
| Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи. |
|
| 28 |
|
| Гьебмехалъ Агриппаца Павелида абуна: — Дун христианавлъун лъугьинави гьедигІан бигьаяб ишиланищ дуда ккараб? Павелица абуна: |
|
| 29 |
|
| — Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха! |
|
| 30 |
|
| Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана. |
|
| 31 |
|
| — ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, — ян абулеб букІана гьез цоцазда. |
|
| 32 |
|
| Цинги Агриппаца Фестида абуна: — ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани. |
|
|
|
|