|
| 1 |
|
| Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана. |
|
| 2 |
|
| Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив. |
|
| 3 |
|
| Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас. |
|
| 4 |
|
| Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна: — Нижехъ валагье! — ян. |
|
| 5 |
|
| Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи. |
|
| 6 |
|
| Пётрица абуна: — ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун! |
|
| 7 |
|
| Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, |
|
| 8 |
|
| гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана. |
|
| 9 |
|
| Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев. |
|
| 10 |
|
| Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана. |
|
| 11 |
|
| Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре. |
|
| 12 |
|
| ГІемераб халкъ гьенибе бакІарун бихьидал, Пётрица гьезда абуна: — Я, вацал жугьутІал! Щай нуж гьев чиясда гІажаиблъулел? Нижер къудраталдалъун яги нижер валилъиялдалъун гьев чи вилълъанхъизавун вугев гІадин щай нуж нижехъ ралагьулел? |
|
| 13 |
|
| Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна. |
|
| 14 |
|
| Илагьияв ва вацІцІадав чиясдаса инкарги гьабун, нужеца Пилатида гьарана чІвадарухъан туснахъалдаса къватІиве виччайилан. |
|
| 15 |
|
| ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. |
|
| 16 |
|
| Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав. |
|
| 17 |
|
| Амма дида лъала, вацал, нужецаги нужер хІакимзабазги гьеб иш гьабиялъе гІилла буго нужеда гьеб бичІчІичІолъи. |
|
| 18 |
|
| Церего ритІарал киналго аварагзабаздалъун Аллагьас лъазабун букІана гьесул МасихІие гІазаб-гІакъуба букІинилан. Гьедин тІубазеги гьабуна Аллагьас гьеб. |
|
| 19 |
|
| Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе, |
|
| 20 |
|
| БетІергьан аскІов вукІиналдалъун рахІат-хІалхьи лъугьине, цевеккунго нужее гьес вихьизавун вукІарав МасихІ ГІиса нахъеги витІун вачІине. |
|
| 21 |
|
| Кинабго цІилъизабизегІан ГІиса зобалазда вукІине ккола. Жиндирго ритІухъал аварагзабазда некІого бицун букІана Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ. |
|
| 22 |
|
| Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж. |
|
| 23 |
|
| Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила». |
|
| 24 |
|
| Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ. |
|
| 25 |
|
| Нуж ккола гьел аварагзабазул лъимал. «Дур наслуялдасан дуниялалъул киналго халкъазде баркат бачІина», — ян Ибрагьимидаги абун, нужер умумузе Аллагьас гьелъие къотІи гьабун буго. |
|
| 26 |
|
| Аллагьас хваралъуса вахъинавун хадув бищунго цеве нужехъе витІана жиндирго вакил, нужеда баркат лъезеги нужер щивав чи жиндирго квешлъиялдаса вуссинеги бокьун. |
|
|
|
|