|
| 1 |
|
| Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан. |
|
| 2 |
|
| Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарас, киналго муридалги данде ахІун, лъазабуна, Аллагьасул рагІи-малъиги рехун тун, жал садакъа-напакъаялде руссине рекъон букІинарилан. |
|
| 3 |
|
| Гьанже, вацал, нужеда гьоркьоб къадру-къимат бугев, Илагьияб РухІалъ ракІги цІурав, цІодорав-гІакъилав анкьго чи тІаса вищизе ккелин. Цинги гьеб ишги гьезда тІадкъалин, |
|
| 4 |
|
| нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел. |
|
| 5 |
|
| Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги. |
|
| 6 |
|
| Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна. |
|
| 7 |
|
| Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна. |
|
| 8 |
|
| Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги. |
|
| 9 |
|
| Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана. |
|
| 10 |
|
| Стефанилъ бугеб Илагьияб РухІги гьесул гІакъилаб каламги къезабизе кІвечІо гьезда. |
|
| 11 |
|
| Гьебмехалъ гьез, гъоркьанго рекъезарун, цо-цо чагІи гьусун тІамуна Муса аварагги Аллагьги какун гаргадилев рагІанин гьев жидедаян абизе. |
|
| 12 |
|
| Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна. |
|
| 13 |
|
| Гьенире рачун рачІана гьаб хирияб бакІги нилъер къанунги какун чІечІого гаргадулев вукІанин гьевилан гьересинугІлъиялъе гІадамал. |
|
| 14 |
|
| Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан. |
|
| 15 |
|
| Судалда гьоркьор ругел гІадамал Стефанихъ ралагьун рукІаго, гьезда бихьана гьесул гьумер малаикасул гІадин лъугьун. |
|
|
|
|