|
| 1 |
|
| Бищунго кІудияв кашишас Стефанида гьикъана гьеб битІараб бугищилан. |
|
| 2 |
|
| Гьес жаваб кьуна: — Я, дир вацалги умумулги! Дихъ гІенекке нуж. Харраналде гочиналдего, гьев жеги Месопотамиялдаго вугеб мехалъ, нилъер кІудияв эмен Ибрагьимие загьирлъун, Къудратав Аллагьас абуна: |
|
| 3 |
|
| «Дурго росу-ракьги рехун тун, гІага-божаралги тун, мун а дица бихьизабизе бугеб ракьалде». |
|
| 4 |
|
| Гьебмехалъ Ибрагьим, халдеязул ракьалдаса Харраналде гочун, гьенив чІана. Цинги гьесул эмен хун хадув Аллагьас гьев гочинавуна гьаб нужеца яшав гьабун бугеб ракьалде. |
|
| 5 |
|
| Гьаб ракьалъул цохІо хІетІе чІарабги бакІалъул бетІергьанлъун гьавичІо Аллагьас Ибрагьим. Добмехалъ гьесул лъимер-бетІер букІинчІониги, БетІергьанас Ибрагьимие къотІи гьабуна гьесиеги гьесул наслу-тухумалъеги мулклъун кьелин гьаб ракьилан. |
|
| 6 |
|
| Аллагьас цоги абуна гьесул наслуялъул гІадамал чияр ракьалда апарагзабилъун рукІине ругин, чияр лагълъиялда гъоркь гІакъуба-къварилъиялда хутІизе ругин ункънусго соналъ. |
|
| 7 |
|
| Амма гьеб наслу лагълъиялде ккезабураб халкъалъе жинца жаза гьабизе бугиланги абуна Аллагьас. Гьелдаса хадуб доб ракьалдаса нахъе ун, гьаб ракьалде рачІинин ва гьаниб жиндие гІибадат гьабилиланги абуна. |
|
| 8 |
|
| Цинги гьеб къотІи тІубазе букІиналъул гІаламатлъун сунат гьабизеги тІадлъуна Аллагьас. Гьединлъидал, Ибрагьимие ИсхІакъ гьавураб мехалъ, гьавун микьабилеб къоялъ гьесие сунат гьабуна. ИсхІакъие Якъуб гьавуна, Якъубиеги гьавуна анцІила кІиго вас — анцІила кІиго наслуялъул бетІер. |
|
| 9 |
|
| Вацазул жахІда бергьун гьез Юсуп Мисриялде лагълъун вичана. Амма Аллагьас гьев рехун течІо, |
|
| 10 |
|
| кинабго къварилъи-гІазабалдаса ворчІизавуна. Мисриялъул пиргІавнасдаги бихьизабуна Юсупилъ баркатги гІакъиллъиги букІин. ПиргІавнас гьесухъе кьуна тІолабго Мисриялъулги жиндирго рукъалъулги кверщел. |
|
| 11 |
|
| Мисриялда ва КангІаналда, кутакалда ракъи багъарун, кІудияб къварилъи букІана. Кваназе жо гьечІого хутІана нилъер умумулги. |
|
| 12 |
|
| Мисриялда хІалухъадул нахърател бугилан рагІун, Якъубица васал — нилъер умумул — ритІана гьенире. (Гьеб букІана Мисриялде гьезул тІоцебесеб сапар.) |
|
| 13 |
|
| КІиабизеги вацал Мисриялде рачІараб мехалъ Юсупица бицана гьезда жив щивали, гьедин пиргІавнасдаги лъана лъил наслуялъул чи Юсуп вугевали. |
|
| 14 |
|
| Цинги Юсупица, хадур чагІиги ритІун, эменги гьесул хъизан-агьлуги — кинавниги лъабкъоялда анцІила щуго чи — жиндихъего ахІана. |
|
| 15 |
|
| Гьедин Якъуб Мисриялде гочана, гьевги цогидал нилъер умумулги гьенир хвана. |
|
| 16 |
|
| ЦІидасан рукъизе гьезул жаназаби Сихемалде росана, гьениб Сихемалдаса Эмморил лъималазухъа Ибрагьимица гІарцухъ бичун босун букІараб хобалъур лъуна. |
|
| 17 |
|
| Аллагьас Ибрагьимие къотІи гьабун букІараб болжал гІагарлъанагІан Мисриялда нилъер халкъ цІикІкІана, гІемерлъана. |
|
| 18 |
|
| Гьеб заманаялда Мисриялъул парччахІлъун ккана Юсуп жинда лъаларев чи. |
|
| 19 |
|
| Гьес нилъер халкъ сихІру-хІиллаялдалъун къварид гьабизе байбихьана, нилъер умумузе гІакъуба кьуна, гьарурал лъимал, тІалабго гьабичІого, хвезе теян лъазабуна. |
|
| 20 |
|
| Гьебмехалъ гьавуна Муса. Аллагьас берцинлъи кьун букІана гьесие. Лъабго моцІалъ эбел-инсуца тІалаб гьабуна гьесул. |
|
| 21 |
|
| Цинги нахъе рехидал, пиргІавнасул ясалъ гьев жиндиего вачана, вас гІадин хьихьана. |
|
| 22 |
|
| Мисриялъул халкъалъул гІелму-гІакълу босарав чилъун лъугьана Муса, бицунеб рагІулъги гьабулеб ишалъулъги къудрат бугев вукІана. |
|
| 23 |
|
| КІикъого соналде вахараб мехалъ гьесда ракІалде ккана жиндирго вацал — жугьутІал кин ругелали ваккизе ине. |
|
| 24 |
|
| КъибтІияс цо жугьутІав вухулев ватун, гьесие хІалае вахъана Муса. Кьабураб жоялъ Мусаца чІвана гьев къибтІияв. |
|
| 25 |
|
| Гьесда ккун букІана жугьутІазда бичІчІилин жив гьел хвасар гьаризе Аллагьас витІарав чи вукІин. Амма гьезда бичІчІичІо. |
|
| 26 |
|
| Нахъисеб къоялъ Мусада кІиго жугьутІав ватана цоцалъ вагъулев. «Нужни вацал ругин, щай цоцалъ рагъулел ругел?» — ан абуна гьес гьезда. |
|
| 27 |
|
| [27-28] «Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чи? Сон къибтІияв чІварав гІадин, жакъа дунги чІвазе бокьунищ бугеб?» — ан нахъе тункана Муса рагъулел рукІаразул цояс. |
|
| 28 |
|
|
|
| 29 |
|
| Гьел рагІаби сабаблъун Муса Мисриялдаса лъутун ана ва МадгІаналъул ракьалда апараглъун чІана. Гьенив кІиго васасул эменлъун вахъана гьев. |
|
| 30 |
|
| КІикъого соналдасан Синай магІарда аскІоб бугеб цо гІицІаб авлахъалда бухІулеб бугеб хъархъил цІадулъан Аллагьасул малаик рещтІана гьесухъе. |
|
| 31 |
|
| ГІажаиблъун валагьун хутІана Муса. ЛъикІго хал-шал гьабизе гьеб хъархъида аскІове индал, Мусада рагІана БетІергьанасул гьаракь: |
|
| 32 |
|
| «Дун вуго дур умумузул: Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги Аллагь». Нусабго лага сорон, гьеб хъарахъалъухъ валагьизе хІинкъана Муса. |
|
| 33 |
|
| БетІергьанас гьесда абуна: «Дуца хьитал рахъе. ЦІакъ хирияб ракьалда хІетІе чІолеб буго дуца. |
|
| 34 |
|
| Дида якъинго бихьана Мисриялда дир халкъ къварилъиялда букІин. Дида рагІана гьезул угьди-зигарди. Гьел хвасар гьаризе рещтІана дун. Гьанже а дурго, дица Мисриялде витІизе вугин мун!» |
|
| 35 |
|
| Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чийилан абун жугьутІаз жиндаса инкар гьабурав гьев Муса, хъархъилъан гьесухъе рещтІарав малаикасдалъун Аллагьас витІана гьезие ханлъи гьабизеги, гьел хвасар гьаризеги. |
|
| 36 |
|
| Мисриялъул ракьалдаса къватІиреги лъугьинарун, БагІараб ралъдал рагІалдаги гІицІаб авлахъалдаги гІаламаталги мугІжизаталги рихьизарун, гьев Мусаца жугьутІал кІикъого соналъ жиндаго хадур рачана. |
|
| 37 |
|
| Гьев Мусацайин Исраилил наслуялда гьадин абун букІараб: «Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи». |
|
| 38 |
|
| Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. |
|
| 39 |
|
| Амма нилъер умумузе бокьичІо гьел амруял тІуразаризе. Мусаги нахъе цун, гьезул ракІал Мисриялдехун руссана. |
|
| 40 |
|
| Гьез Гьарунида абуна: «Нилъ гьаниса нахъе рачине кІолел аллагьзаби гьаре дуца нилъее. Нилъ Мисриялдаса гьанире рачарав гьадав Мусалги щиб ккарабали лъалеб гьечІо нижеда». |
|
| 41 |
|
| Гьебмехалъ, бачил сурат гьабун, гьелъие къурбанал хъуна. Жидерго квералъ гьавурав гьев «аллагьасдаса» рохун рукІана. |
|
| 42 |
|
| Аллагьас гьездехун мугъ рехана, цІвабзазе лагълъи гьабизе тана, Аварагзабазул ТІехьалда бугелъулха гьадинаб калима: «Я, Исраилил наслу! ГІицІаб авлахъалда кІикъого соналъ дие гуро нужеца къурбанал хъурал! |
|
| 43 |
|
| Нужеца цадахъ босана Молех-аллагьасул чадир ва нужер Рефан-цІва абулев „аллагь“ — сужда-тІагІаталъе нужецаго гьарурал суратал. Гьединлъидал дица нуж Вавилоналъул гІорхъи бахун нахъе гочинарила». |
|
| 44 |
|
| Добмехалъ гІицІаб авлахъалда нилъер умумузул букІана Аллагь жидеда цадахъ вукІиналъул магІна жиндилъ бугеб чадир. Гьеб гьабун букІана Мусада кІалъарав малаикас гьесда бихьизабуралъул сураталда. |
|
| 45 |
|
| Гьеб чадир нилъер умумузе ирсалъе щвана Навин ГІисал бетІерлъиялда гочунаго, гьез гьеб цадахъ босана, гьел тІаде щолаго Аллагьас нахъе лъутизарурал къавмазул ракьалдеги. Гьеб кинабго лъугьана Давуд вахъиналде. |
|
| 46 |
|
| Давудида Аллагьасул цІоб лъуна. Гьес БетІергьанасда гьарана Якъубил Аллагьасе рукъ базе бегьиларищилан. |
|
| 47 |
|
| Гьеб рукъ барав чи Сулайман аварагин кколев. |
|
| 48 |
|
| Амма инсанасул квералъ рарал рукъзабахъ ТІадегІанав Аллагьас яшав гьабуларо. Гьелъул хІакъалъулъ цо аварагас гьадин абун буго: |
|
| 49 |
|
| «Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? — ан абуна БетІергьанас. — Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб? |
|
| 50 |
|
| Гьеб кинабго Дица бижараб гурищ?» |
|
| 51 |
|
| ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго. |
|
| 52 |
|
| Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. |
|
| 53 |
|
| Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо! |
|
| 54 |
|
| Гьеб калам рагІидал гьезул рекІелъ ццин гьалаглъана ва гьесде цаби къерщезаризе лъугьана. |
|
| 55 |
|
| Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. |
|
| 56 |
|
| Гьес абуна: — Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! — ян. |
|
| 57 |
|
| Гьебмехалъ гьел чІчІичІчІидизе лъугьана ва гІинзунир килщал къазаруна. Цинги цадахъго тІадречІчІун гьев гІодов ккезавуна, |
|
| 58 |
|
| шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана. Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана. |
|
| 59 |
|
| Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: — Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! — ян. |
|
| 60 |
|
| Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: — Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! — абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана. |
|
|
|
|