|
| 1 |
|
| БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. |
|
| 2 |
|
| Муъминал гІадамаз Стефан хабалъ вукъана ва гьесда хадуб гІемераб магІу тІуна. |
|
| 3 |
|
| Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана. |
|
| 4 |
|
| Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана. |
|
| 5 |
|
| Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб. |
|
| 6 |
|
| Гьес рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъ рагІунги бихьунги лъалел гІемерал гІадамал данделъун, Филиппихъ гІенеккулел рукІана. |
|
| 7 |
|
| Гьелъие гІилла букІана хъубал женаз ккурал гІемерал гІадамазул чорхолъа къватІире гьел жундул чІахІиял гьаркьалги гьарулаго рачІунел рукІинги, гІемерал унтарал чагІи Филиппица сахлъизарулел рукІинги. |
|
| 8 |
|
| Гьелдаса цІакъ бохун шагьаралъул халкъги букІана. |
|
| 9 |
|
| Гьесдасаги цеве гьеб шагьаралда вукІарав цо Симон абулев чияс сихІру гьабун гІажаиблъизарун рукІана Самариялъул гІадамал. Симоница живго цІакъ кІудияб гьунаралъул чилъун вихьизавулев вукІана. |
|
| 10 |
|
| «КІудияб къудратилан» абулеб къудрат жиндилъе лъугьарав чи вугин гьевилан гІисиназги чІахІиязги кІалухъ вахъун вукІана Симон. |
|
| 11 |
|
| Гьев кІалухъ вахъиялъе гІиллаги букІана гІемераб заманаялъ гьес гьел жиндирго хІикматал ишаздалъун гІажаиблъизарун рукІин. |
|
| 12 |
|
| Аллагьасул ПарччахІлъиялъул ва ГІиса МасихІил цІаралъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунев вугев Филиппида божарал бихьиналги руччабиги лъадалъ ччун рахъулел рукІана. |
|
| 13 |
|
| Симонги божана гьесда ва живго лъадалъ ччун вахъизавуна. Гьелдаса хадув тІокІав вичІичІо гьев Филиппида аскІоса. Филиппица рихьизарулел ругел гІаламатаз ва кІудияб хІалкІолъиялъул ишаз хІайранлъизавун вукІана гьев. |
|
| 14 |
|
| Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе. |
|
| 15 |
|
| Гьенире щведал Пётрицаги Иоанницаги гьезулъе Илагьияб РухІ рещтІагийилан гьарун, муридазе дугІа гьабуна. |
|
| 16 |
|
| ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе. |
|
| 17 |
|
| Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ. |
|
| 18 |
|
| Чапарзабаз тІад квер лъурав чиясе Илагьияб РухІ щолеб бихьидал, гьезие гІарацги босун вачІун, Симоница абуна: |
|
| 19 |
|
| — ТІад квер бахъарав чиясулъе Илагьияб РухІ лъугьинабизе кІолеб гьеб нужер къудрат диеги кье, — ян. |
|
| 20 |
|
| Амма Пётрица абуна: — Гьеб гІарацги мунги — кІиялгоги цадахъ — паналъагийин нуж, дуда ракІалде кин ккараб мухь кьун Аллагьасул сайигъат бичун босизе. |
|
| 21 |
|
| Аллагьасда цебе дур ракІ бацІцІадаб гьечІелъул, гьаб ишалъулъ дуе я бутІа, я ирс букІине гьечІо. |
|
| 22 |
|
| Дурго гьеб квешлъиялда рекІекълъун тавбу гьабе ва БетІергьанасда гьаре гьел дур рекІелъ рижарал пикрабазда тІасалъугьайилан. |
|
| 23 |
|
| Дида бихьулеб буго дур ракІ хъубаб жахІдаялъул цІун бугеблъиги, гьелдалъун мун мунагьалъул асирлъун лъугьун вугевлъиги. |
|
| 24 |
|
| Симоница абуна: — Гьеб нужеца бицунебщинаб балагь диде рещтІинчІого букІине дир рахъалдасан БетІергьанасе дугІа гьабе, — ян. |
|
| 25 |
|
| ХІасил — чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар. |
|
| 26 |
|
| Бичасул малаик вачІун, гьес Филиппида абуна: — Вахъа, мун а гьанже Иерусалималдаса Газаялде бугеб нухдасан къилбаялъул рахъалдехун валагьун. ГІицІаб авлахъалдасан буго гьеб нух. |
|
| 27 |
|
| Вахъун ана гьев. Иерусалималде зияраталъ ун вукІарав цо хІабашияв данде ккана. Гьев вукІана ХІабашистаналъул парччахІлъун йигей Кандакиял кинабго хазина божун тарав чи, живгоги бихьинчиясулаб къуваталдаса ватІалъарав ахта. |
|
| 28 |
|
| ЧІухІараб чолгьакидаги рекІун, жиндирго ракьалде тІадвуссун унаго гьес цІалулеб букІана Ишая аварагасул тІехь. |
|
| 29 |
|
| Гьеб гьакида аскІовеги витІун, Илагьияб РухІалъ Филиппида абуна гьелда цадахъ айилан. |
|
| 30 |
|
| Векерун аскІове щведал, гьасда рагІана гьев чияс Ишая аварагасул тІехь цІалулеб. — Дуца цІалулеб бугеб жоялъул магІна бичІчІулеб бугищ дуда? — ян гьикъана Филиппица гьесда. |
|
| 31 |
|
| — Гьеб бичІчІизабизе чи гьечІони, кин гьелъул магІна дида лъалеб? — ан абуна гьес. Цинги гьес Филиппида гьарана гьакиде вахун жинда аскІов гІодов чІайилан. |
|
| 32 |
|
| Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев. |
|
| 33 |
|
| Гьев гІодовегІанлъизавуна, гьесие ритІухъаб суд гьабизе инкар гьабуна. Гьесул наслу-тухумалъул хІакъалъулъ лъица бицинеб? Ракьалда тІад гьесул гІумру лъугІидалха». |
|
| 34 |
|
| Ахтаяс Филиппида абуна: — ТалихІ кьегийин, бице дида: лъил хІакъалъулъ аварагас гьедин абулеб бугеб? Жиндирго хІакъалъулъищ яги цогидасул хІакъалъулъищ? |
|
| 35 |
|
| Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар. |
|
| 36 |
|
| Гьедин унаго цо лъим бугеб бакІалде щведал, ахтаяс абуна: — Балагье гьаниб лъим бугогури. Гьанив лъадалъ ччун вахъизавизе сунцаниги квалквал гьабиларо дие? |
|
| 37 |
|
| [37-38] Цинги гьес гьоко чІезабеян амру гьабуна. Филиппги гьев ахтаги, гьакидаса рещтІун, лъадалъе лъугьана ва Филиппица гьев лъадалъ ччун вахъана. |
|
| 38 |
|
|
|
| 39 |
|
| Гьел лъадалъа къватІире лъугьараб мехалъ, Илагьияб РухІалъ восун ун, ахтаясул берда цевеса тІагІана Филипп. Цинги вохуца холаго жиндирго нухда ана ахта. |
|
| 40 |
|
| Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес. |
|
|
|
|