|
| 1 |
|
| Дие цІакъ бокьун буго, вацал, Исраилил халкъ хвасарлъизе. Аллагьасдаги гьарулеб буго дица гьел хвасар гьареян. |
|
| 2 |
|
| Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул. |
|
| 3 |
|
| Аллагьасдасан бачІунеб хІакъаб ритІухълъи жидеда лъаларелъул, гьел лъугьунел руго жидерго хасаб ритІухълъи чІезабизе. Аллагьасул ритІухълъиялъеги мутІигІлъулел гьечІо. |
|
| 4 |
|
| МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго. |
|
| 5 |
|
| Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ Мусаца гьадин абулеб буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила». |
|
| 6 |
|
| Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна — МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.) |
|
| 7 |
|
| «Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна — МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.) |
|
| 8 |
|
| Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи. |
|
| 9 |
|
| Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. |
|
| 10 |
|
| Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела. |
|
| 11 |
|
| ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», — ян. |
|
| 12 |
|
| ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула. |
|
| 13 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», — ян. |
|
| 14 |
|
| Мун божуларев чиясул цІар кин рехсолеб? Дуда рагІичІев чиясда кин божилев? Лъицаниги дуда лъазабулеб гьечІони, кин дуда гьеб рагІилеб? |
|
| 15 |
|
| ВачІун кин гьеб лъазабилеб, мун гьелъие витІарав чапар гьечІони? ТІухьдузда хъван буго: «Рохалил хабар босун вачІунев чиясул кІалдиб гьоцІо буго!» |
|
| 16 |
|
| Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» — ан. |
|
| 17 |
|
| ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони. |
|
| 18 |
|
| Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», — ян. |
|
| 19 |
|
| Цоги дица гьикъулеб буго гьеб харбил магІна Исраилил халкъалда бичІчІарабищилан. ТІоцебе Мусаца абулеб буго: «Халкъ бугин гьебилан рикІкІинегицин бегьулареб халкъалда нуж бахиллъизе тІамила дица. БичІчІи-лъайго гьечІеб халкъалда нужер ццин бахъинеги гьабила», — ян. |
|
| 20 |
|
| Гьелдаса хадуб Ишая аварагасги хІинкъичІого абулеб буго Аллагьасул рахъалъ: «Валагьулев вукІинчІезда ватана дун. Дун цІехолел рукІинчІезе дунго загьирги гьавуна», — ян. |
|
| 21 |
|
| Исраилил халкъалъул хІакъалъулъни Ишаяца гьадин абулеб буго: «МутІигІлъулареб ва чанкІкІараб халкъалдехун вуссун тІубараб къоялъ квералги цере ккун чІана дун». |
|
|
|
|